Коронавирус тӏибитӏизе байбихьаралдаса республикаялда хварал медицинаялъул хӏалтӏухъабазул къадар 32 чиясде бахана.

Гьезие ва тӏолго улкаялда хварал киналго тохтурзабазе исана 5 октябралда памятник лъезе ракӏалда буго Россиялъул миллиардер Игорь Рыбаковасда. Памятникалъе проектал ритӏизе хасаб конкурсги лъазабун буго.

Гьеб киб лъелебали жеги мухӏканлъун гьечӏо. Цояз Санкт-Петербургалдайин, цогидаз – Махӏачхъалаялдайин абулеб буго.

Амма памятникалъул цо бутӏа гӏахьалаб букӏина Хунзахъ районалъул Гӏорутӏаса тохтур Махӏамад Хӏасанхӏосеновасеги.

Битӏун коронавирусалъ къвал жемизе байбихьараб заманалда, цӏа-канги гӏодобе ккезабизе кӏвечӏого, гӏумруялдаса ватӏалъана гьев.

Гьал къоязда Махӏамадил махщелцояз редакциялде бачӏана гьадинаб кагъат:

«Халат бахъараб унтудаса хадув нилъедаса ватӏалъана цоги лъикӏав инсан – махщел тӏокӏав тохтур, гӏолохъанал тохтурзабазул насихӏатчи — Махӏамад Хӏасанхӏосенов.

1956 соналда Харахьи гьоркьохъеб школаги лъугӏизабун, Махӏамад цӏализе лъугьана Буйнакскиялъул медицинаялъул училищеялде.

Цӏали лъугӏун хадув, 1964 соналде щвезегӏан, хӏалтӏана Гумбет районалъул Килалъ росдал ФАПалъул заведующийлъун.

Цинги гьебго соналъ Дагъистаналъул мединституталде лъугьана цӏализе.

Гьелдаса хадув, 1970 соналдаса 1976 соналде щвезегӏан хӏалтӏана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда педиатрлъун.

1976 соналъул 5 февралалдаса нахъе гьанжелъагӏан Махӏамад хӏалтӏулев вукӏана Харахьи больницаялда лъималазул тохтурлъун.

Гьев вукӏана кутакалда жиндирго хӏалтӏи бокьулев, гӏадамал хирияв, махщел камилав, гӏолохъанаб гӏелалъул лъикӏав насихӏатчилъун.

Гьединлъидал гьесул кутакалда къиматги гьабулаан унтараз ва цадахъ хӏалтӏулез.

Гӏумруялъго ракӏбацӏцӏадго гьабураб хӏалтӏухъ Махӏамад мустахӏикълъун вукӏана ДРялъул мустахӏикъав тохтур абураб цӏаралъеги гӏемерал шапакъатазеги. Гьев кколаан тӏадегӏанаб категориялъул тохтур-педиатрги.

Нижеда кидаго кӏочон теларо Махӏамад, гьесул гӏаданлъи, гӏамал-хасият, гӏадан хиралъи».