Дие кӏудияб талихӏлъун ккана Турциялде сапаралъ ине щвей. Мугӏалим ва щуго цӏалдохъан рекӏараб самолет рещтӏана Истамбулалъул аэропорталда. Нижеда дандчӏвазе вачӏун ватана Турциялда гӏумру гьабулел магӏарулазул цевехъан Шигьабудин Озден.

Турциялда бараб анцӏго къоялда жаниб гьалбадерица нижеда рихьизаруна гӏемерал тарихиял бакӏал. Цо гӏажаибаб бакӏалъул хӏакъалъулъ бокьун буго нужееги бицине.

Истамбул шагьаралда гъоркь буго лъим цӏунизе бараб бакӏ. Гьелда цӏар буго Ерабатан. Гьенире лъугьуна ганчӏил гьабураб 52 болъоги бахун.

Хӏавузалъул гӏеблъи буго 70 метр, халалъи – 140 метр ва гӏатӏилъи – 9800 квадратияб метр. Гьелда жаниб цӏунулеб лъел къадар бахуна нусазарго литралде. Хӏавузалъул тӏох кквезе кӏамурабазда гъоркь бахъун чӏезабун буго ичӏго метралъул борхалъи бугеб 360 колонна. Щибаб колоннаялда гьоркьоб буго ункъо метргун ункъого сантиметр. Кинабниги буго 12 кьер ва щибаб кьералда эхетун буго 28 колонна.

Еробатан бан буго 527-565 соназда Византиялъул император Юстиниан Тӏоцевесес. Гьелъул аслияб мурадги букӏун буго шагьар лъедалъун хьезаби. Гьаб заманалде щвезегӏан чанцӏулго къачӏанги букӏун буго гьеб. Истамбулалде рогӏрахъан лъим бачараб мехалда, Еробатан рехун тун букӏун буго. 1453 соналда Истамбул кверде босана гӏусманияз. Гьеб заманалдаги гӏемер хӏалтӏизабулеб букӏун гьечӏо Еробатан. 1544 соналда Истамбулалде вачӏун вуго Голландиялдаса сапарчи П. Гиллиус. Гьев щун вуго гьеб гӏажаибаб бакӏалде ва хадубккун газеталда бахъун буго Еробатаналъул хӏакъалъулъ хъвараб макъала. Гьеб бакӏалъухъ балагьизе гъирабарал туристал гӏемерлъулеблъи бихьидал, Истамбулалъул нухмалъиялъ гьеб къачӏан буго ва, тарихияб бакӏ хӏисабалда, гьанже гьеб бихьизабула Турциялде щварал туристазда.

Жакъасеб Еробатаналда нижеда ратана гӏемерал туристалги. Гьенирго ругоан суратал рахъулел ва батӏи-батӏиял сувенирал ричулел туркалги. Нагагь Турциялде щвани, нужги а Еробатаналде – цӏакъ гӏажаибаб бакӏ буго гьеб!