Жамгӏиял гьиназул гурони газеталъул милат гьабулев чи вукӏунарин абураб пикру щулалъизабизе бокьун буго гьаб заманалъ гӏемерав чиясе. Аммаха, гьудулзаби, нуж божа – камуларо «Хӏакъикъат» казияталда бахъаралъул, хъваралъул бицун къойил нижехъе кӏалъалел чагӏи. Балъго гьабун щай, гьединаз ракӏ хинлъизабула, хӏалтӏуде гъира базабула.

Баян

Аида Гӏабдулмажидова, Авар театралъул гӏолохъанай актриса.

Дагъистаналъул культураялъул колледжалда цӏалулаго 2007 соналъ хӏалтӏизе ячӏана театралде. Цӏалана ДГУялъул маданияб лъай кьолеб факультеталда.

А. Гӏабдулмажидова сценаялде тӏоцее цее яхъана «Ясазул дада» Месекӏил образалда (реж. С. Имангъолов). Хадуй гьей магӏарулазда йихьана «Магӏарулай» — Пари, (реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров); «Аманат» — Халисат (реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров);

«Вай, дуе бицине къачӏан бугеб цӏакъаб хабар», — ин абулаан дир цо мадугьалалъ тӏаде-гъоркье щванщинахъе. Гьелъухъего, хириял магӏарулал, нижер къиматал цӏалдолел, цӏияб-лъикӏаб жамгӏиял гьиназе гуреб, нужее бицине бокьула.

Гьеб, гӏалам жанибе сверараб, интернеталъул гӏатӏилъухъ ятана берцинго авар мацӏалда маргьаби, харбал, кучӏдул цӏалулей гӏолохъанай яс. Гӏемеразе гьей рекӏее гӏунги йигоан, камун гьечӏо гӏунгутӏаби цӏехолелги.

«Гьаб карантинги лъугӏулебго гьечӏо, рокъобги чӏалгӏун буго. Щаялиго жакъа дида ракӏалде щвана Мала Насрудин», — гьадин кӏарчанго байбихьиги лъун, машгьурав маргьабазул героясул гӏумруялдаса цо лъугьа-бахъин цӏалулеб буго гьелъ.

Гьунар бугел чагӏазе кумек гьабизе ккола, гьунар гьечӏез жидецаго нух бахъулинги абулелъул, цебеккун лъицаго газеталдаса бицен гьабичӏеб цӏияб гьунар рагьила жакъа нужее.

«Чӏужу яче, кӏудада» — Магьинур; «Берцинал ясал хъамулел куц» — Разият (реж. С. Имангъолов); «Примадонна» — секретарша ( Гъ. Гъалбацӏовас хъвараб пьеса, реж. Хӏ. Гӏабдулгъапуров); «Кавказалдаго берцинай» — Нажабат (реж. С. Имангъолов); «Хӏикматаб Гӏужрукъ» — Наргиз (реж. С. Имангъолов).

Лъай лъаралдаса нахъе театралда гӏурай яс йиго Аида. Гьей йиго Дагъистаналъул мустахӏикъай артистка, Унсоколо районалъул Гьаракӏуниса Майсарат Гӏабдулмажидовалъул яс.

Лъабго сон балелдего моцӏал ран гастролазда эбелалда цадахъ йикӏунаан Аида. Бицунеб рагӏун, кисаяли цӏалун гуреб, гьитӏинаб къоялдаса нахъе жиндаго бихьун лъана гьелда театралияб гӏумруялъул жанисеб рахъ.

Творчествоялъул гьитӏинабго гали Аидаца тӏамуна 6 сон тӏубараб мехалъ. Гӏиса аварагасул хӏакъалъулъ бахъараб кино Авар театралъул актеразул гьаркьаздалъун авар мацӏалде буссинабулеб мехалъ гьениб бутӏа лъуна Аидацаги. Хадубги Аида Гӏабдулмажидовалъул рекӏелъе бортулеб гьаракь, нилъеда рагӏана магӏарул мацӏалде руссинарурал мультфильмазда: «Золотая антилопа» — гьитӏинав васасул гьаракь, «Неуловимый Фунтик» — Фунтик, «Умка» — цидул тӏинчӏ, «Мама для мамонтенка» — мамонтенок.

Гьунар бугевги гьечӏевги чи кӏалъалев вихьарабго ватӏавахъизе лъалаан мунагьал чураяв Салихӏ Имангъоловасда. Жинцаго лъолел спектаклязда жавабиял ролалги кьун, божилъи гьабуна гьес Аидада. Ячӏинахъего халкъалъ лъикӏ къабулги гьаруна гӏолохъанай Гӏабдулмажидовалъ хӏарал образал. Хӏакъикъаталдаги гьелъул мацӏ буго, шагьаралда гӏурал лъималазул гӏадаб бек-бекун бицунеб гуреб, эркенго чвахун бачӏунеб.

Творчествоялда тӏад хӏалтӏулев чи хӏелхӏедизе регӏуларо

Карантиналъул заманалда Аида Гӏабдулмажидовалъ гьабулеб хӏалтӏухъ баркалаги загьир гьабизе, гьелъие цо чанго суалги кьезеян кӏалъана дун. Телефон борхана, халкъалъе бищунго рокьулел магӏарул театралъул актеразул цояй, Аидал эбел Майсарат Гӏабдулмажидовалъ.

— Щиб яц, Патӏимат, дица дуе бицинеб? Бахун цӏа-кангун бусада руго Аидаги гьелъул васги. Гьезие хъулухъалъе яхъун чӏун дунги йиго. Йикӏанаха гьей ракӏчучиялъе цо жал гьарулей, интернеталда лъолей. Пандемия лъугӏидал нужецаго гьабе гара-чӏвари, — янги абун, дун тӏаса йихьизайизе лъугьана Майсарат.

— Майсарат, 13 соналъ дудаго цее сценаялда яс йигеб мехалъ гьелъул хӏакъалъулъ бицине щибнигийищха дур гьечӏеб?

— Гьеле гьелгощинал соназ дудаги цее гурищ йикӏарай гьей? — ян суалги кьун гьоркьой къотӏизаюна гьелъ дун.

— Гӏемерал спектаклязда гӏахьаллъунги йихьана, балагьаразеги гьей йокьулей йиго, диеги цӏакъ бокьула гьелъ ролал хӏалеб къагӏида. Шапакъат-квара щиб бугеб Аидае кьураб?

— Дида бихьичӏоха, гьудул, гьелъие кьура-тараб жо.

Жийго рагӏизайиги берцин йихьизе гьаюдизеги лъаларей, рецц- бакъалда хадуй лъугьунарей гӏадан Майсарат йикӏин цебего лъалеб жо букӏана. Ритӏухълъиян къеркьолеб, тӏекълъиялда рекъолареб гьелъул гӏамалалалъ, рагӏул бегӏерлъиялъ, гӏужилго гьеб речӏчӏиялъ, шапакъаталгун тӏокӏлъи тӏаде гьукъулеб букӏин хӏакъаб буго. Эбелалъул гьеб хасияталъ ясалъеги квалквал гьабулеб бугодаян паркъана дирго пикру.

— Цо тӏугьдузул квацӏиниги, компетазул килониги къвалакь къан ячӏине ккелароанищ, ясалъул яги дурго хӏакъалъулъ хъвазе дун рекӏеда ятизайизе? — ян махсара гьабуна дица Майсаратие.

— Йо, Гьитӏинова, творчествоялда тӏад хӏалтӏулев чи хӏелхӏедизе регӏун вукӏунаро. Гьел дуца абулел жалги дихъа лъугьунаро, — ян жиндирго къагӏидаялъ кьваризабуна гьелъ.

— Кьолел шапакъаталги, гьабулеб рецц-бакъги чарагьечӏеб жо гуро, аслияб жо буго чиясе жиндирго махщел, пиша бокьи, гьелда тӏад хӏалтӏи. Гьеб хасият бихьизе бокьила ясалъулъги, — ян лъугӏизабуна Майсаратица дие кьолеб жаваб.

Хадурагӏи

Коронавирус тӏибитӏиялдалъун лъазабураб пандемиялъул низам тӏаде щвезегӏан Авар театралъулал хӏалтӏулел рукӏана, халкъияб кечӏги кьочӏое босун, Россиялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиевас хъвараб «Кьурулъ хутӏарав Гӏали» абураб пьесаялда тӏад. Гьениб Аида Гӏабдулмажидовалъухъе кьун буго Айзанатил образ. Гьеб спектакльги сценаялда лъолеб буго Хӏ. Казиевас.

Цогидал гӏемераздаго гӏадин, Аидадаги хъвана гьаб захӏматаб унтул кваркьи. Гьанже гьелъие мадар лъугьунеб буго, амма жидерго ишцояв, гьунар тӏокӏав артист Нурмухӏамад Нурмухӏамадовасухъ гӏодулел берал гьелъулги ракъван гьечӏо.