Хирамухӏамадова Гӏайшат гьаюна 1977 соналда Шамил районалъул Гӏурада росулъ.
Байбихьул классазда цӏалана Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалда, хадуй — Лъахъ росдал школалда.
Лъикӏал къиматазда школаги лъугӏизабун, цӏализе ана Буйнакскиялъул педагогикияб колледжалде. 2000 соналъ, багӏараб дипломалда гьебги лъугӏизабун, тӏад юссана гӏагараб росулъе.
Росулъ хӏалтӏиги щвечӏого, ана Хучада росулъе. Хӏалтӏана лъабго соналъ гьений, хадуй — Лъахъ росдал школалдаги магӏарул мацӏалъул мугӏалимлъун.
2014 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго Махӏачхъалаялда, сакъатал лъимал дистанционнияб къагӏидаялда цӏализариялъул республикалъулаб централда мугӏалимлъун.
Заочно цӏалулей йиго ДГПУялдаги.
Кучӏдул хъвазе гьитӏинаб мехалдасаго нахъе бокьулаан Гӏайшатие.
Цо-цо кучӏдул, макъалаби рахъулаан «Хӏакъикъат»газеталдаги.
Гӏайшатил кучӏдул ахӏула цӏар рагӏарал кочӏохъабаз, гьединго назмаби ахӏула батӏи-батӏиял къокъабаз.
Гьале доб ахир заман
Гӏалимзаби какулеб, капурзаби реццулеб,
Рецц-бакъ цӏогьазе кьолеб,
цӏукӏа чӏухӏун хьвадулеб,
Хӏалихьалъи цӏикӏкӏараб,
ритӏухълъи малакь ккураб,
Кепкихъ ияхӏ бичулеб, гьале доб ахир заман.
Ришватчагӏазул цӏарал цӏвабзалъ рекъезарулеб,
Цӏаруй гӏоло намус-нич чороклъизе гьабулеб,
Гӏадлу бокьанщиназул мугъал рекун рехулеб,
Каранлъ иман дагьлъараб,
гьале доб ахир заман.
Зулмучагӏазул зулму къо анагӏан цӏикӏкӏунеб,
Цӏоб гьечӏого гьайбатал васал
чӏван гӏодор ралел,
Бидул цӏурал чорокал кверал кир регьаниги,
Гьезие нух рагьулеб, гьале доб ахир заман.
Дин-исламалъул нухда данде балъго хӏалтӏулел,
Хӏалихьалъи бергьараб агьлуй
бергьенлъи кьолеб,
Гьидаяталъул нухал хира гьарун цӏуничӏел,
Амру-нагью рехараб, гьале доб ахир заман.
Ахӏмадица бицараб, тӏахьазда гӏемер хъвараб,
Халкъул гӏалам къосараб,
Къуръаналде мугъ кьураб,
Кьуралде щукру гьабун щулаго иман кквечӏеб,
Щайтӏаналъул напс ккураб, гьале доб ахир заман.
Гӏалимзабазухъе ун, лъалареб гьикъулареб,
Гьидаят тӏалаб гьабун битӏараб нух кколареб,
Тӏагьал варисазухъе вирд босизе унареб,
Адаб чорхолъа араб, гьале доб ахир заман.
Зина-хатӏаялдаса цӏуни жидер дагьлъараб,
Дуй кумек гьабурасда босун туманкӏ речӏчӏулеб,
Ралъдалъ лъел къатӏрагӏанги
мунагь гӏемер гьабулеб,
Гьале бачӏана тӏаде, Тӏагьа пашманаб заман.
Гьидалъ
Чармил кьурабаца жаниб бачараб,
Къвакӏарал васаца чӏухӏизабураб,
Авар гӏурухъ гӏин бан гӏодой биччараб,
Бечедаб, беричаб гьидерил улка.
Магӏарул чилъиги, чорхол ияхӏги,
Хӏурудахъ биччачӏел бахӏарзал гьанир,
Гьунараз дунялго хӏайран гьабурал,
Хӏинкъи чорхолъ гьечӏел гъалбацӏал гьанир.
Цӏиял наслабазе мисаллъун ругел,
Яхӏалъулъ лъедарал генералзаби,
Танкаев, Гӏонжолов — нуж нижер чӏухӏи,
Чӏухӏдае хутӏила хвел гьечӏел цӏарал.
Халкъул тӏалабалда тӏолабго гӏумру
Тӏамурав, Суракъат, си дуе бала,
Сунареб чирахълъун къадруяб дур цӏар,
Хутӏила тӏолабго Дагъистаналъе.
Гьидалъ тарихалда цӏар жиндир хъварав,
Цӏар арав профессор Хӏамидил Ахӏматӏ,
Тӏад-Гӏурада гӏурав жавгьарул хӏуби,
Хӏалае ватана унтанщиназе.
Багьадурлъиялъ халкъ пана гьабурав,
Ханасда цебеги бетӏер къуличӏев,
Къвекӏаб цӏумалъул тӏинчӏ — Гьидалъа Хочбар,
Халкъалъ дур къисаби къойил цӏалула.
Нужер къиматаб цӏар цӏвабилъун рикӏун,
Рекӏелъ цӏунун руго хираб якъутлъун,
Хвел жидее гьечӏел нужер тарихал,
Махлукъаталъ кьела цереса цере.
Ислам-дин цӏунараб цӏар араб Ватӏан,
Цӏунаги Аллагьас абадиялъго,
Лъиего къуркьичӏеб къиматаб дир халкъ,
Халатаб гӏумру кьун таги ракьалда.
Эбелалде
Тӏугьдузул релъеназ, рекӏел къалмаца,
Къачӏан кьела сарин дуй сайгъаталъе,
Сабурал дир рекӏелъ ругел пикраби,
Кагътида сокӏкӏина къиматаб хӏалалъ.
Кӏудияй гӏезегӏан накабазда лъун,
Гӏужде яхинегӏан гъажалда яччун,
Гьаб гӏумруялде дун яхинаюрай,
Хирияй эбел, дуй, накаби чӏвала.
Мун йигеб рукъалъул нуцӏил кӏалтӏе дун,
Тӏогьоде най гӏадин гӏедегӏун щола,
Гӏадлу-адаб цӏунун, нуцӏида кӏутӏун,
Изну тӏалаб гьабун жаний лъугьуна.
Рекӏелъ къварилъигун аскӏое щвани,
Къотӏ-къотӏун босун гьеб къватӏиб рехула,
Хинлъи кьун, рохел кьун, ракӏ бохизабун,
Хирияй эбелалъ нухда регӏула.
Дуда къочун къватӏий къокъараб къоялъ,
Къварилъи щибали дида лъаларо,
Нух битӏагийилан дугӏа гьабуни,
Дир мугъзада куркьбал рижун рачӏуна.
Эбел, мун дир дарман, дир рекӏел сабаб,
Рохел дие кьолеб, кьер меседил хӏинчӏ,
Эбел дие алжан, жаниб нур бараб,
Жаниса баракат гӏорлъун чвахулеб.
Чанги къварилъаби къвалцӏун къулчӏарай,
Къандалъо магӏица гӏорлъун лъалъарай,
Лъимаде гӏумру кьун, кьогӏлъи хӏехьарай,
Хӏеренай дир эбел, дуй налъулай дун.
Дунялгун ахират дуе битӏаги,
Тӏагьа разилъун дуй даража щваги,
Щивав чи гӏащикъаб Пирдавус алжан,
Бетӏергьанас дуе сайгъат гьабеги.
Инсуде
Инсухъе гьоболлъухъ ина хабаде,
Гӏодой чӏела гьений, инсуда аскӏой,
Зонодеги къулун щурила дица,
Гьале, эмен, духъе щванин ясилан.
Сородулел кверал эхеде рорхун,
Гьабила дуй дугӏа гӏодулеб ракӏалъ,
Дунялалда дие бугеб къварилъи,
Къваридго бицина цохӏо течӏого.
Магӏу тӏун гӏодила, гӏорода къвал бан,
Къваридаб рекӏее бигьалъи ккезе,
Керен чӏарбида чӏван гьарила дица,
Адаб тун батани, тӏаса лъугьаян.
Замана арабгӏан ругънал сахлъулин,
Сахал умумузул батана аби.
Щайзе сахлъулареб дир каранлъ ругъун,
Щай сонал аралгӏан унти цӏикӏкӏунеб?
Хирияв, гурхӏулев, Бетӏергьан Аллагь!
Хьул дуде гурони лъидего гьечӏо,
Дуниял кӏочараб ахиратги кьун,
Алжан насиб гьабе нижер инсуе.
Мунагьал дагь гьарун, мун тӏаса лъугьа,
Лъим Кавсаралъул кьун къеч буссинабе,
Бецӏаб хабалъ нур бан хоб гӏатӏид гьабе,
Тӏагьал кьерда бакӏ кьун вохизе гьаве.
Махӏшаралда хӏисаб-суал дагь гьабе,
Сиратӏ бахъунеб къо бигьаяб гьабе,
Кинабго рахъалъан вохизе гьавун,
Гьайбатаб Пирдавус насиблъун гьабе.
Сахлъи кьун таги нуж, нижер хараби
Хӏалтӏуца свакарал меседил кверал,
Кинабго хӏехьарал хӏеренал ракӏал,
Рекӏей хӏалхьи щвечӏел хӏурулгӏинзаби,
Ассалам гӏалайкум, нижер хараби.
Нужеда бер чӏвайдал чӏаголъи щола,
Чӏухӏун басандула ургьиб гьинал ракӏ,
Чӏалде бекерулеб барти гӏадинан,
Гӏедегӏун рещтӏуна нуж ругеб кӏалтӏа.
Нуж ругеб сверуда нур бан букӏуна,
Бахьинаб гьурмалъан баркат берола,
Талихӏ-рохелалъул лъаралъги чвердон,
Чорхой рахӏатги щун аскӏоса уна.
Гӏакълу-лъай гъваридал, адаб бессарал,
Бицунеб рагӏидулъ магӏна бегӏерал,
Гӏаламат-тамаша, нужер гьайбатлъи,
Гьайбатаб Пирдавус нужее кьеял.
Къварилъи-захӏмалъи мугъалъ баччарал,
Чорхой рахӏат гьабун минут тӏамичӏел,
Тӏагьал нухдаса бох таризе течӏел,
Чӏухӏула, кӏудиял, ниж нужедаса.
Бецӏаб сардилъ нижей паркъолел цӏваби,
Цӏунаги Аллагьас сахлъи, сонал кьун,
Ракьалда мисаллъун ругел жавгьарал,
Жаннаталда бакӏ кьун рази гьареги.
Наку чӏван квер босун кӏодо гьарила,
Каранде къан къочун къимат гьабила,
Хӏеренал, хӏалимал, баркат цӏикӏкӏарал,
Херал нужер адаб рехун теларо.
Хирияв Аллагьас алжанул нуцӏби,
Цӏер гӏадин микьабго нужей рагьаги,
Гьаниб дунялалда бихьичӏеб рахӏат,
Бихьаги нужеда доб Гӏаднуялда.