Гьел рагӏабазул автор щивали сразу бичӏчӏула поэзиялъул дагьабниги бичӏчӏи бугев чиясда. Щайин абуни, жиндирго цо хасаб мацӏги, цӏалдолезул рекӏелъе тӏинкӏуледухъ херхарал жугьабиги, хваниги хадур гъолареб философияб магӏнаги, мировой классиказдаса къечӏеб куцалда калима рекъезабулеб къагӏидаги Къородаса Гӏибранил вас Хӏажиясул гурони гьечӏелъул жакъа.

«Бахьикъосазул» басрияв удаман, жиндир мунагьал чураяв Мухӏамад- Расул Дациевас Хӏажиясе сайгъат гьарун хъван рукӏана гьадинал мухъал:

«Дуца гьал дурго кучӏдул

Китай мацӏалъищ хъвалел,

Кигӏан цӏалананиги

Магӏна бичӏчӏулеб гьечӏин…»

Бичӏчӏилаанха досдаги, дагьаб мухӏканго цӏаларабани.

Гӏибранил Хӏажиясул поэзиялъул гьудулги вукӏун, гьесул кучӏдузул магӏна босизе лъачӏого бегьилищ?!

Мичман Дациевас дие бицунаан, гӏемер щолаанила жив Гӏибраниласухъ гьоболлъухъ. Ва гӏемерисеб мехалъ, гӏадалъ тӏил кьабураб гӏадин, кьурун тӏадги вуссунаанила. Щайин абуни, «щекъерхалат» тараб бакӏ батуларого, чанги сардал рогьизе кканила дора. Цинги, батидал, ццин гьалаглъарав жинца, бугеб хӏалалъ гьесул азбар бакьулъ речӏчӏулаанила «сурахӏи». Зобал гъугъалеб гӏадаб гьелъул гьаракьалъ мадугьаллъиго бахъинабулеб букӏанила. Хӏажиясе хиралъиялъ, живги риханила гьезда, жив хиралъиялъ, Хӏажиявги рихинарищхайила.

Короче говоря, городалдаго рагӏанила жал. Халатав залимав живги, жиндир коленаялде вахунарев авги гочунунел рихьидал, рохуца холаго хадур балагьун чӏанила тӏолго мадугьалзаби.

Амма чесно бицани, человечность бугев чи вугила Гӏибранов. Цо нухалъ гьес «подарить» гьабураб холодильникалъ тӏубараб лъагӏелалъ хинлъи гуреб жо кьечӏила. Риидалил бухӏараб бакъул чӏораз «чӏван лъураб» пакъир, хасалоги, кигӏан кӏудияб цӏорол гӏерекъ аскӏоб лъуниги, кӏвечӏила цӏорозабизе.

Китай мацӏалда херханиги щибила жугьабиги, жал къираллъиялъухъ гӏащикъал ругони.

Дациевасул гьеб калам канишна рекӏее гӏуна дие. Даим Гӏибранил Хӏажиясул кучӏдузул тӏахьалги остолалда тӏиритӏун, тӏаде лупаги ккун, цӏалдолев ватула дун, гьезухъ гӏащикълъиялъ. Гӏемераб пикру цолъизабун букӏуна гьесул щибаб мухъилъ.

Тӏахьазул цӏаралги рукӏуна цо гӏажаибал, гӏумруялъ ургъаниги, нилъ хадур гъоларел гӏадал: «Къоязул къункъраби», «Намусалъул спутник», «Батӏиял ракьазда ракӏ», «Аваразул кицаби — каламазул пачаби» ва гь.ц. Амма «Бакъ хисизабизе кӏвезе ккола чиясда» абураб цӏаралъ битӏахъе цӏунцӏрахинабуна дир черх. Жибго Бакъ хисизабизе кӏвезе ккани … Хӏажиясда …бажарана!

«Мун мафия ватани,

Дунги мафия вуго…», –

абун хъвана гьес.

Дур хӏал чӏахъаяв шагӏир! Бакъни щай гурин зобги, моцӏги, цӏвабигицин мутӏигӏго гӏодизарула Гӏибранилас. Хасго чӏужугӏадан гӏодизаюла гьас жиндихъго. Махӏмуд гьадингосев чи вуго Хӏажиясде дандеккун. Цохӏо гӏаданалъухъ инагьдулаго гӏадада гӏумру тӏамуна хъахӏабросулъес, гьасул гали бахъанщиналъуй йикӏуна рекӏел турут… рикӏкӏадаса хадув валагьун чӏезе. Чӏужуялдаса хӏинкъичӏони…

— Гӏибранилав пикрияв поэт вуго,- абун хъвана жиндир мунагьал чураяв Гӏабасилас.

Пикруялъул хӏакъалъулъ живго Хӏажияс гьадин хъвана:

«Пикру, тӏадегӏанлъи

босулебги мун,

Тӏамун гъоркьгун гьав дун

мерхьунебги мун».

Магӏарухълъи, гьобол-гьудул вокьиялъ хъварал рагӏабиги гӏемерал руго Гӏибранил Хӏажиясул. Бакӏал кӏулал тӏаде рахан таниги, тӏаде вачӏарасе хӏурматалъе, нухлул рагӏалда, гӏагараб Къорода росулъ кӏитӏалаял рукъзалги ран тана Хӏажияс, живго Махӏачхъалаялда чӏун вугониги. Минаялда тӏад подвалал ран ругиланги бицуна цо-цояз, махсаро хӏалае ккун. Гьел ратула Гӏибраниласул поэзия бичӏчӏуларел ялъуни жидеда китай мацӏ лъаларел чагӏи.

Гӏенеккилищ цо параялъ живго поэтасухъ:

«Мун магӏарухълъиги

тӏиртӏирун ккун чӏа,

Чӏалуцаги хвасар

гьарула ралъдалъ».

Хваниги, чи хадув гъолареб гъварилъи буго, жаниб ралъад рехсараб, гьаб кӏиго мухъалъулъ.

Гьал рагӏаби поэтас, паркалдаса рокъове вачӏунаго, тӏадагьго рахъ- рахъалдаса паркъун унел мусудулги рихьун, хъварал ратилин тана:

«Тӏутӏал нахъе гъолеб

хьвануда релълъун,

Нахъ-нахъ валагьула

дунго вихьизе».

Хӏажиясул гьаб пикруялъул камиллъиги, гъварилъиги, гӏатӏилъиги, тӏокӏкӏинги борцунев литературияв критик ракьалда тӏад вукӏинин дида кколаро:

«Вилълъунаго вилълъуге…»

Жакъа гӏемеразда абизе рекъараб калимаги бугебха аб.

Некӏого тӏубана Гӏибраниласул гӏумрудул 60 сон.

Кибехун балагьун, кьурун чӏараб нилъер Хъвадарухъабазул союз, Хӏажиясул юбилейги гьабичӏого, гьадинав поэт дунялалдаго гьечӏиланги лъазабичӏого?!

Хъвадарухъабазул шефги земляклъидал, исанагӏаги рачӏине ккела цо къаппараб, кьучӏаб пикруялде.

Кьилимегӏералда цебеги, нахъаги, тӏасаги, гъоркьаги бугеб участкаялъул Кӏуяда, Гьонода, Къорода росабазул къавмалги данделъун, цо тӏохгӏанасеб ходатайство битӏизе ккела хӏукуматалъухъе Хӏажиясул творчески вечер тӏобитӏейилан ва гьесие Бищунго Халкъияв поэт абураб цӏар кьейилан.

Магӏаруллъиялъухъ урхъуца холаго, тахшагьаралъул «гьундузухъ» гӏумру гьабулев гьайбатав вас гьедин тей адабияталдаги маданияталдаги цебе кӏудияб такъсирлъун рикӏкӏуна лично дица.

Хӏасил-калам, Хӏамзатов, Шахтаманов, Гӏадало, Гӏабасилав ана Аллагьасул къадаралъ рачун, къиматав цогӏаги шагӏир магӏарулазеги хӏажалъиларищ?!

Ва салам ва калам!

Магӏна гьечӏеб абуге, ирга щвечӏеб, бицунге.

***

Хьул къотӏун рокьи тоге, рохь къотӏун, рогьо тоге.

***

Шайтӏада батани таж, —

Гьеб — дур тӏасияб этаж.

***

Гьитӏинаб рокъобгицин билулебщинаб тӏагӏел, —

Кӏудияб дунялалда талихӏ билизе чӏоге.

***

Эбел ками кӏудияб ками буго чиясе, —

Чилъи ками дагьабги бакӏаб раччи гьесие.

***

Цӏумги цӏум буго даим, гъедуги гъеду буго,

Цӏудул жахӏдаги ккезе рес гьечӏо рощногъадихъ.

***

Пикру гьабураб лъикӏаб,

Лъикӏаб лъаялда гӏураб.

Гӏатӏал хинкӏалги цӏакъал,

Магӏарул ханждал къарал.