18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница тӏобитӏараб видео-конференциялда бицана Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Видео-бухьеналда гӏахьаллъана РФялъул сахлъи цӏуниялъул министр Михаил Мурашкоги, РФялъул бетӏерай санитарияй тохтур Анна Поповаги, ДРялъул муфти Ахӏмад-хӏажи-афанди Гӏабдулаевги, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидовги.

Коронавирусалъул инфекция тӏибитӏиялда бан, Дагъистаналда захӏматаб хӏал бугинги абун, Владимир Путиница ракӏалде щвезабуна кӏалбиччанкъоялъул байрам тӏаде щолеб букӏинги. «Дие бокьилаан, гьеб байрамалде хӏадурлъулаго, халкъалъ цӏодорлъи гьабуни. Динияб идараялъги гӏадамазде ахӏи балеб буго, байрам рокъобго тӏобитӏеян, гӏагарлъиялъухъе, гьудул—гьалмагълъиялъухъе гьеб къоялъ хьвадугеян, гӏидалъул как рокъобго байилан, сайгъатал ракӏаризе лъимал ритӏугеян абун. Хьулги буго гьеб ахӏиялъухъ Дагъистаналъул бусурбабаз гӏинтӏамилин абураб.

Коронавирусалъул балагь тӏаса унеб бугин ккола, амма гьеб рахъалъ Дагъистаналда жеги захӏматаб хӏал буго.

Гӏадамаз ахӏи балеб буго, хӏажатаб къадаралда ва заманалда медицинаялъул кумек щунгутӏиялда бан. Гьелдаго цадахъ, экспертаз абулеб буго, унтараб мехалда, рокъобго дару—сабаб гьабизеянги лъугьун, тохтурзабазухъе заманалда унел гьечӏин гӏадамалин абунги. Гӏенеккулел гьечӏо рокъоса къватӏире рахъунгеян балеб ахӏиялъухъги.

Жакъа дие бокьун буго хӏакъикъияб ахӏвал—хӏал рагӏизе», —ян бицана президентас.

Баркала кумекалъухъ

Республикаялда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ бицана Владимир Васильевас. Гьес баркала кьуна муфтияталъе рузманалдаса инкар гьабизе ккелин абураб пикруялъул рахъ ккуралъухъги рокъоса къватӏире рахъине бегьулареблъи халкъалда бичӏчӏизабизе гьабураб хӏаракаталъухъги.

-Баркала буго федералияб централъ гьабураб хехаб кумекалъухъги. Нижее щвана 210 чиясе бакӏ бугеб палаткабазул центр. Кумекалъе битӏун бачӏана махщелчагӏазул кӏиго бригада. РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасул заместитель Гридневасул нухмалъиялда гъоркь республикаялде бачӏун букӏана тохтурзабазул къокъа, — ан бицана республикаялъул бетӏерас.

Бицана гьес дарабаздалъун хьезариялъулги, президентас бихьизабураб къадаралда тохтурзабазе гӏарац щвезабизелъун прокуратураялъ гьабулеб бугеб хӏалтӏулги, тохтурзаби цӏуниялъе хӏажатаб хасаб ратӏлилги ва цогидалъулги хӏакъалъулъ.

Социалиял гьиназдасан бицунеб букӏана гӏадамал хвеялъул хӏужаби рахчулел ругин абун. Гьелда бан В. Васильевас гьадин абуна: «Щиб гӏиллаги ккун чи хваравали мухӏкан гьабула жаназаялъул жанисел лугбазул халги гьабун. Гьедин гьабизе ихтияр кьоларо дагъистаниязул лъабго проценталъ гурони. Кинха чӏезабилеб, коронавирусалъищ унтун вукӏарав пуланав чи яги цогидаб унтиялъищ гьев нилъедаса ватӏалъаравали? 2018 соналда гьуърузул унтаби сабаблъун республикаялда хвана 1374 чи, 2019 соналда – 1368 чи. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун батана ХОБЛ (хронический обструктивный бронхит легких). Гьуърузулъ гьеб унти ккарав чиясеги цӏакъ захӏмалъула хӏухьел цӏазе», – ян. Гьес гьарана Дагъистаналда инфекциязул госпиталь базе кумек гьабеянги.

Хьул буго Тӏадегӏанасул гурхӏел-рахӏмуялде

Данделъиялда кӏалъана ДРялъул муфти Ахӏмад-афандиги. Республикаялъул гӏузрабазде кьолеб кӏваралъухъ улкаялъул президентасе баркалаги загьир гьабун, гьадин бицана муфтияс:

-Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго цӏакъго захӏматаб ахӏвал-хӏал. Мугӏрузул росабалъ руго гӏицӏго гӏиси—бикъинаб унти ккарал чагӏазе кумекалъе рес бугел медпунктал. Коронавирусалъул пандемия байбихьилалде захӏматго унтарал гӏадамал кидаго ритӏулаан районазул яги шагьаразул больницабазде. Гьабсагӏаталда гьечӏо гьединаб рес, киса—кирго больницаби кьабун цӏун руго унтараз. Гьединлъидал холел руго гӏемерал гӏадамал. Статистикиял баяназда рекъон, хун вуго анкьнусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи, хвана кӏикъоялда анцӏгониги медицинаялъул хӏалтӏухъан. Гьеб къадарги цӏикӏкӏунеб буго къойидаса къойиде. Гӏадамал махӏрумлъана хӏалтӏудасаги.

Абизе бокьун буго: статистикаялъ хӏисабалде росулел руго гӏицӏго больницабазда хварал гӏадамал. Унтуца кӏвекӏун, рокъорго къадаралде щварал рукъулел руго, гӏадаталда рекъон, ва гьезул хӏисаб гьабулеб гьечӏо лъицаниги.

Жеги унтиялъ квелъ бачӏел яги унтун рахъарал муфтияталъул хӏалтӏухъаби хьвадулел руго Дагъистаналъул росабалъегун шагьаразде ва гьабулеб буго гӏадамазе бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи. Гьезго щвезарулел руго ресукъал хъизамазе кванил нигӏматалги, дарабиги, кислородалъул аппараталги – гьеб кинабго гьабулеб буго сахаватчагӏазул кумекалдалъун. Битӏараб буго: абизе бегьула, гӏемер чи унтиялъе гӏайибияллъун жалго гӏадамал кколин абунги. Гьайгьай, щивас гуро бачӏинахъего кӏвар кьураб гьеб балагьалде: цоял божичӏо, цогидазда ракӏалде ккана гьеб жидеда хъинтӏиларин абун. Амма, дир пикруялда рекъон, гӏадамал тохлъанинги абун, гьел кумекалдаса махӏрум гьари битӏараб гьечӏо. Гьаб заманалда нижер хьул буго Тӏадегӏанасул гурхӏел-рахӏмуялдеги дуца Дагъистан рехун тунгутӏиялдеги. Гьайгьай, дудаго лъикӏ лъала, сундалъун кумек гьабилебали.

Цоги нухалда такрар гьабила. Дица щибаб къоялъ ритӏула дирго хӏалтӏухъаби кумек гьарун ахӏи балеб Дагъистаналъул щибаб районалде, гьединлъидал бугеб ахӏвал—хӏалги дида цӏакъ лъикӏ лъала. Гӏадамал махӏрумлъана хӏалтӏудаса, гьединлъидал нижеца бецӏула кванил нигӏматазул тукабаздаги аптекабаздаги бугеб гьезул налъи. Амма гьеб буго цӏакъго мукъсанаб кумек. Аслияб масъала буго гӏадамазул сахлъигун гӏумру цӏуни. Хӏалтӏизе рахъарал тохтурзаби жалгоги унтана, бакӏ-бакӏазда гьел гӏолелго гьечӏо гӏадамазе дару—сабаб гьабизе. Дида лъала, мех—мехалъ тӏолабго отделениялъе цо тохтурас гьабулеб буго дару, гьеб буго цӏакъ захӏматаб иш. Цебесеб кьерда хӏалтӏулел руго къадруял ва бахӏарчиял тохтурзаби, амма дида кӏоларо, хӏалтӏуде рахъинчӏел тохтурзабазде гӏайиб гьабизеги.

Гьелъие буго кӏиго гӏилла. Тӏоцебе абуни, жалго унтилин хӏинкъи. Щайгурелъул, гьеб унтудаса сах гьарулел хасал централ цӏакъ дагь руго. Магӏарухъеги шагьаразул больницабаздеги заманалда щвезаричӏо унтиялдаса цӏуниялъе квербакъулел алатал. Гьел гьечӏого хӏалтӏулел тохтурзаби хвеялъул хӏинкъи букӏана. Гьединлъидалин нилъ цо—цо тохтурзабаздасаги ратӏалъарал.

Кӏиабизе абуни, тохтурзабазулъ гьечӏо метерисеб къоялде божилъи, жидее кьезе кколеб харж щвеялде ракӏчӏей.

Хӏурматияв Владимир Владимирович, гьарула, кӏвар буссинабе Дагъистаналде, -ян.

Рокъор чӏунгутӏиялъул хӏасил

Гӏадамал унтиялъул рахъалъ бищунго хӏалуцарал къояллъун Анна Поповалъ рехсана 15-22 апрельги 23 апрелалдаса 5-6 маялде щвезегӏан къоялги.

-20 апрелалдаса нахъе Дагъистаналда хӏалтӏулеб буго Чумаялде данде къеркьолеб Ставрополалъул гӏелмиял цӏех—рехазул институталъул хасаб бригада. Тохтурасухъе хитӏаб гьабилелдего пневмониялъги унтун, захӏматаб хӏалалда больницаялде рачӏунел гӏадамазул къадар бахуна 60 проценталде (цогидал регионазда – 20 процент). Дагьал руго пневмониялъул хасият загьирлъичӏого унтулелги: РФялда 45 процент батани, Дагъистаналда – гӏицӏго 25 процент.

Унтаразда гьоркьоса 30 процент ккола ригь арал гӏадамал ва 10 процент – лъимал. Гьелъие аслияб гӏилла буго рокъор чӏунгутӏи. Тестаздалъун хал гьабулаго, Россиялда тӏатунеб буго 10—12 процент унтаразул, Дагъистаналда – 35 процент. Гьелъ тасдикъ гьабула республикаялда вирус жеги къуваталда букӏин, -ян бицана гьелъ.

Данделъиялда В. Путиница кьуна хехаб заманалда тӏуразаризе кколел тӏадкъаял.

РФялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялда лъазабуна дарабаздалъунги, медицинаялъул хӏалтӏухъабаздалъунги, хӏажатал алатаздалъунги республика хьезабеян.

Роспотребнадзоралда тӏад къана эпидемия цӏилъунгутӏиялъул мурадалда, гьоркьоса къотӏулареб халгьаби букӏинабейин Дагъистаналдаян абун.

МЧСалда лъазабуна республикаялъул социалиялги сахлъи цӏуниялъулги идарабазда, гӏемерал чагӏи ракӏарулел объектазда санитариял тадбирал тӏоритӏеян.

Данделъиялъул ахиралда президентас абуна:

-Хӏурматиял дагъистаниял! Дида ракӏалда буго 2003 соналъул сентябралда кӏудияв шагӏир Расул Хӏамзатовасулгун букӏараб дандчӏвай ва гьесул рагӏаби. «Дагъистаналъул талихӏалъеги цебетӏеялъеги аслияб къагӏидаялда хӏажалъула гьелъул цолъи, халкъал рикь—рикьунгутӏи. Цогояб хъизанлъун хутӏи», —ян абуна гьес.

Дида лъала, Дагъистаналда гӏасрабаз цӏунана ва цӏунулеб буго гьудуллъиялъе ритӏухълъи, яхӏ-намус, бахӏарчилъи, цоцазе хӏалае рахъин, чӏахӏиязул адаб гьаби. Гьел гӏадатал цӏуниялъ дагъистаниязе рес кьуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалдаги 1999 соналда жидерго улбул, лъимал, росдал хараби цӏунизе, халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазе мустахӏикъаб дандечӏей гӏуцӏизе. Гьелдаса нахъе дир рекӏелъ даимлъана Дагъистаналде хасаб асар. Нилъер цадахъаб хӏаракаталдалъун Дагъистаналда чӏезабуна ракълилаб гӏумру. Цадахъ байбихьана ва хадубккунги гӏуцӏизе буго республикаялда церечӏарал экономикиялгун социалиял масъалаби тӏуразариялъе квербакъулел тадбирал.

Гьабсагӏаталдаги нилъер цадахъал ишазда, щивав дагъистаниясул хӏаракаталда, нужер къо хӏехьеялда, жавабчилъиялда, тохтурзабазулги махщелчагӏазулги малъа—хъваязда рекъон хьвадиялда бараб буго эпидемиялъукьа Дагъистан эркен гьабиялъул суал. Дие бокьун буго нужеда лъазабизе: гьанже Дагъистангун букӏине буго тӏолабго Россия. Гьаб бигьаяб гуреб заманалда нилъ цадахъ рукӏина. Ва гьедин букӏине буго кидаго.