50 соналъ цебе кутакалда ракьги багъарун, кӏудияб зарал ккана Дагъистаналъул халкъалъе.
Гьеб букӏана 1970 соналъул 14 май. Гьелдаса хадуб жеги ункъо къоялъги чӏечӏин гьеб, зама-заманалдаса кӏобокӏуланин ракӏалде щвезабула гьелъул нугӏзаллъун рукӏарал ракьцояз.
Биххараб магӏишат рукӏалиде ккезабуна тӏолабго улкаялдасаго кумекалъе республикаялде рачӏарал гӏадамаз.
Ракь багъарун хадур тӏагӏарал росабиги ккана. Гьезул цояб буго Буйнакск районалъул Ахакь росу. Тӏабигӏаталъул беричлъиялъул рахъалъ Аллагьас майилан кьураб гьениб гӏумру гьабизе къадар букӏинчӏеб къагӏида гьелъул гӏадамазул.
Гьеб буго гендеридаги Чӏикӏаб хӏоралдаги гьоркьоб. Гьениб аскӏосан бахъулеб буго магӏарухъе Бузнаса нухги.
Гьабсагӏаталда ахакьдерил чагӏаз гӏумру гьабулеб буго Хъумторхъала районалъул Учкенталда. Гьенире жал гочинариялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъаталъе» гьадин бицана Патӏимат Абакаровалъ.
-Педучилищеги лъугӏун, росулъе хӏалтӏизе ячӏун тӏоцебесеб сон букӏана дир.
13 маялда ниж, яцалгун цадахъ, школалдаса рокъоре рачӏараб мехалъ ракь багъарана лъикӏаб хӏалалда. Гьитӏинаб мехалда дида бицунеб рагӏун гурони, жеги бихьараб жо букӏинчӏо гьеб. Эбел-эменги рукӏинчӏо рокъор. Яцазда аскӏоре рачӏарал мадугьалзабазул лъималги рукӏана нижер дора. Ракь багъаризе лъугьиндал, дица гьел киналго рокъоре ахӏана. Дида лъачӏо гьедин гьабизе бегьулареблъи (гьелъул гӏаксалда, къватӏире кӏанцӏизе кколел рукӏун руго).
…Заманалдасан лъугӏана ракьбагъари. Щущахъ росуги бана. Рихха-хочун гӏадамалги лъугьана. Жабрагӏил абурав чиясул мина кьватӏун рагӏулин, росулъ вугевщинав чи гьениве ана балагьизе. Нижги ана, гӏисинал чагӏи.
…Гьеб къоялъ бакъанидехун дунял гӏодобе биччанин ккараб гӏадаб мехалда, киналго къавуде руссана, цинги къаси кьижизе рахана. «Подвиг пионера Лёни Голикова» абураб тӏехь цӏалулей йикӏана дун гьеб мехалда. Сордо бащалъун букӏана. Цо заманалда бахъанаха ракьулъан кутакаб гьаракьги, цӏидасан байбихьана ракь кӏобокӏизе. Хантӏан къватӏире кӏанцӏана эбел-эменги нижги. Гьеб мехалда къватӏиб балеб батана чвахунцӏад. Бецӏаб сверухълъи, ахӏи-хӏур гӏадамазул.
Квачалел рукӏун, инсуца зама-заманалдаса рокъове жаниве векерун ун, гьениб батараб парта-магӏал, юргъан-турут бачӏана къватӏибе баччун. Ракьда тӏад гьеб кинабгоги тӏибитӏун, ниж кьижун ккана. Май букӏаниги, жеги дунял лъикӏаланго хинлъун букӏинчӏо. Нижер росу буго цӏулакьодул гъутӏбузги бацараб, жанисан лъар чвахулеб, цӏакъ гьогьомараб бакӏалда.
Зама-заманалда багъарулеб, чӏолеб букӏинчӏо дунял.
Нахъисеб къоялъ нижеда абуна контораялде ракӏарулел ругилан. Рилълъана. Амма гьенире щун заман иналдего ахӏи бахъана росда тӏаде балагьараб магӏарда ругел минаби риххизехъин ругин, гьенир чӏарал гӏадамазе кумек хӏажат бугилан. Гьедин гӏадамал рекерана гьенире.
Гьеб параялдаго гьениб магӏардасан бачӏунеб букӏун буго цӏцӏаназул рехьедги гьезда хадув -гӏолохъанчиги. Чӏикӏасезул кули гӏадаб бакӏ букӏана гьениб гӏагарда. Ракь багъарараб мехалда ракьалъ кӏкӏун ун, кодоре щун гьечӏо гьев васги цӏцӏаниги. Гӏадамаз кигӏан хӏаракат бахъаниги, гьел кодоре щвечӏо.
…Гьедин бана кӏиго-лъабго сордо. Гьелдаса хадур районалдаса росулъе росун рачӏана чӏахӏи-чӏахӏиял чадрал. Хъиза-хъизамал ккун, гьенир жанир чӏана гӏадамал. Чӏолеб цӏадги букӏинчӏо. Цин зоб гвангъун, цӏваби раккун, цинги цӏад бан – гьеб гӏала-гъважа гьабуна дунялалъ.
Росулъ вукӏана Агъай абулев, Хъараниса чи, нижехъаго чӏужуги ячарав. Как-диналде гьетӏи бугев чи вукӏана гьев. Гьес абуна киналгоги ракӏарун, тавбу гьабизе кколин. Рахун цо борхалъиялдегун, гьабуна тавбуги.
Хадур лъугьана гьенире раккизе районалдаса хӏакимзаби. Гьениса гочине кколин суал лъезе байбихьана гьез.
Гьеб хабар рекӏее гӏечӏо росуцоязе. Нижер инсуцаги росулъ рагӏи билълъарал цогидал чагӏазги жаваб кьуна, хадур балагьун умумузул хабалги тун, жал кирениги унарин. Тӏадежоялъе, Чачаналъа гочун росулъе тӏад руссаралдасаги 13-14 сон гурони гьечӏила жидер. Гьедин гьел лъугьиндал, хӏакимзабаз лъазабуна тукенги школаги къалин, колхозги гьаниб букӏунарин, гьадаб мегӏерги тӏаде ччукӏун бачӏун, нужер росуги биххулин. Тӏадежоялъе, ракьги букӏана чанго къоялъ кӏобокӏулебго кӏобокӏулеб.
Росдада тӏадехун бугеб магӏарда бакӏ-бакӏал тӏун ун рагӏулилан, гьеб бихьизе вачӏинчӏев чи хутӏичӏо Буйнакскиялдасагун Махӏачхъалаялдаса. Расул Хӏамзатовцин вачӏун вукӏана. Нижедаги бихьана гьеб – тӏасан гали лъезе бажарулареб кӏодолъиялъул кьватӏалаби рукӏана гьенир. Гьадаб Чӏикӏаб хӏор бугеб рахъ ккола гьеб. Битӏараб-гьереси лъаларо, гьанже бицунеб буго добе нахъе ГЭСалъул лъим тӏамиялъ багъарун бугин гьеб ракьилан. Гьедин букӏарабани, цогидал росабазе ккелароанха къварилъи. Цӏобокь-Миякьоги биххана гурищ. 31 чиги хвана. Нижер росулъ минаби, Чачаналдаса гочун хадур, гьоркьор бакӏалги тун рарал рукӏана. Цӏобокь-Миякьо абуни магӏарул къагӏидаялда – цоясул азбар, цогидасул тӏох кколеб куцалда рарал рукӏана. Гъоркьан чвахулеб лъарги букӏана. Гьединлъидал, ччукӏун гьел минабигун, гъозие цӏикӏкӏараб къварилъиги ккана.
Гьединго Буйнакскиялдаги, Хъумторхъалаялдаги, цогидалъубги багъарана ракь. Гьелдаса хадуб цӏигьабураб район буго Хъумторхъала район.
— Нужеда районалъул хӏакимзабаз кире рахъине бокьилебали гьикъанищ яги гьеб бакӏ чӏванкъотӏун жидецагойищ бихьизабураб?
-Нужго гӏадин риххарал росаби ругин Экибулахъ, Капчугъай, Шамхалбулахъ, Эрпели росдал цо хъутангиян абуна нижеда. Гьелгун цолъизаризе цо росу базе бугилан.
Цин нижеда бихьизабун букӏана чӏикӏасезда аскӏоб бугеб Къакъа абулеб бакӏ. Гьанжени росуги кӏодолъун, гьез цӏезабун буго гьеб. Алмалоги букӏун буго бихьизабун.
Амма щаяли, гьел бакӏалги жалго тун, ниж гьанире, Учкенталде, кканаха. «Лъабго росу» абураб магӏна буго гьелъул. Гьадал тӏадехун рехсарал лъарагӏазул гӏисинал росабиги нижер Ахакьги данде кьабун лъугьана гьеб.
Битӏун тӏогьолъ росарал ахалги тун, гочинаруна ниж гьениса салулги цӏураб, жакъа къоялде щвезегӏанги лъимги гьечӏеб бакӏалде. Доб мехалда баччун бачӏунаан росулъе лъим. Хадуб каналалдасан бачана. Амма росуги кӏодолъун, киназего гӏолеб гьечӏо.
— Минаби разе хӏукуматалъ кумек гьабун батила.
-Кутакалда гьабуна: хӏажатаб къайи-цӏаги кьуна, Гуржиялдаса, Осетиялдаса гӏолохъаби рукӏана гьанир жамгӏиял бакӏал ралел.
— Нужер Ахакье чанго соналъ цее щведал, гӏурус пачаясул заманалдаго бараб кьодул щулалъиялъги некӏсияб мажгиталъул хутӏелазги хӏайран гьаюн йикӏана дун. Бузнаса нух бахъулеб бакӏги гьениб гӏагардаго бугин рагӏана.
-Бузнасан генал рачӏунел рукӏаралха Ахакье жидерго дора рижулел нигӏматал, нижер тӏощалихъ, цӏулакьодухъ хисизе. Дида ракӏалда бугеб заманалда микьирги цӏибилги бачӏунаан гьез гьагьаздаги лъун. Максим Горькиясул цӏаралда бугеб колхоз букӏана ахакьдерил, рахъ-рахъалда хъутабиги ругеб.
Нухда бугеб, ракӏ гъураб росу букӏана нижер. Цояб рахъалда ишкартисел, дагьал тӏадегӏан – хъаранисел, генал. Кутакалда бечедал рохьалги руго гъора. Камураб пихъги букӏунаро. Гъветӏ-хералъул бицун пайдаго гьечӏо. Маялъул бащалъуда ландышал тӏегьала. Гьезул авлахъ буго гьениб. Дагьаб мехалъ гьезда аскӏор лъалхъани, макьу щола.
— Нуж Учкенталде гочараб мехалдаса нахъе жанив щивго чи гьечӏого, тӏубанго рехун тунищ Ахакь букӏараб?
-Букӏинчӏо. Гендерил чанго хъизан букӏана цебего гьенибе гочараб. Цӏакъ хур-ах хӏалтӏизабизе махщел бугел бихьинал руго гьезул. Гьеле гьел чӏана гьенирго.
Цинги дагь-дагьккун Учкенталдасаги байбихьана нижер гӏадамал росулъе нахъруссине. Гьелъие гӏиллабиги батӏи-батӏиял рукӏана – ригь арал яги Учкенталда рукӏине рес рекъечӏел гӏадамал рукӏана гьел. Тӏабигӏатги тӏубанго батӏияб бугелъулха нижер. Анцӏго-анцӏила хадур соназ анцӏгойищали гурони чиго хвечӏо Ахакье нахъруссарал нижер гӏадамазул. Учкенталде гочинарун хадур абуни, кӏурун рана гьел, гьениб гьава-бакъги данде ккечӏого.
Гьедин, умумузул росулъе тӏад руссун арал ахакьдерил анцӏго цӏараки батила гъоба гьабсагӏаталда. Цо заманалда кутакалда цӏилъун бачӏунеб букӏана. Гьитӏинабго школагицин букӏана. Амма гьанже чӏунтулеб буго. Лъарги къун бугин рагӏана.
Шартӏал гьечӏони, щивха гьенив чӏелев?
Росу хӏисабалда статус кьуни, гӏезегӏан жо гьабизе бажарилароанищха гьениб. Гьебги кьун гьечӏо.
— Кӏицӏул гочинабураб росу кколеб бугоха нужер гьеб – цин кӏикъоабилел соназда Чачаналде, хадуб Учкенталде…
-Лъабцӏул гочинаруна. Имам Шамилил аскаралъе магъало кьезе разилъичӏолъиялъ, гьес гочинарун рукӏана нижер умумул Чачаналъе. Гӏадамал нахъруссинаредухъ росуги бухӏун букӏун буго.