Цӏакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «Хӏакъикъат» газеталдасан цӏалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «Ганчӏил ракӏал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батӏи-батӏиял газетазул гьурмазда гӏемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магӏна релълъарал макъалаби.

Дица Тӏадегӏанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гӏагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгӏан рикӏкӏад букӏиналъ ва кидаго хунздерил тохтурзаби махщалил рахъалъги унтараздехун хӏалимаб бербалагьиялъул рахъалъги цебесеб кьерда рукӏиналъ.

Дие цебего бокьун букӏана нижерго Харахьи участковияб больницаялъулги, гьенир хӏалтӏулел сахлъи цӏуниялъул махщалилазулги, гӏадамазул баркалаялъеги реццалъеги мустахӏикъаб хӏалтӏул газеталдасан бицине. М. Халиловасул макъала цӏалидал, гьеб пикру жеги щулалъана ва ракӏалде ккана гьеб макъалаялъул «героязулги» гьезда релълъарал цоги ратани, гьезулги рекӏелъе дагьабниги яхӏ-намусалъулги иманалъулги асар бачӏинародаян.

Харахьи участковияб больница рагьана рагъдаса хадусел соназдаго. Гьелдаса нахъе гьенир, гьитӏинабго больницаялда, гӏемерал нухмалъулел хисана.

1992 соналдаса нахъе больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Харахьи росулъа Хъайтмазов Мухӏамадица. 1982 соналда Дагъистаналъул мединститут лъугӏарав Мухӏамад хӏалтӏизе витӏана Белгород областалъул Б. Валуйск шагьаралъул больницаялде хирург-травматологлъун. 10 соналъ гьенивги хӏалтӏун, 1992 соналда тӏад вуссана росулъе ва тӏамуна участковияб больницаялъул нухмалъулевлъун. Хӏалтӏул тӏоцересел къояздаго Мухӏамадида бихьана унтаразе больницаялда бакӏ цӏакъго къварилъун букӏин, палатаби, кабинетал, поликлиникаялъе рукъзал, бихьиназеги руччабазеги как балел бакӏал ва гӏемераб цогидабги хӏажат букӏин.

Нилъеда лъалаха 90-абилел ва хадусел соназул улкаялда букӏараб хӏапу-чапур. Гьеле гьеб заманалда ккана Хъайтмазов Мухӏамад больницаялде нухмалъи гьабизе. Заманалъул захӏмалъабазухъ балагьичӏого, Мухӏамад хӏалтӏуде гъорлъе лъугьана.

Гӏемерав векерахъдизе ккана районалъул нухмалъулезухъеги, республикаялъул Сахлъи цӏуниялъул министерствоялдеги, жеги тӏадегӏанал идарабаздеги хӏалтӏи гьабизе сурсатазда хадув. Гьеб рахъалдасан Мухӏамадие кинабгӏаги кумек щвечӏо. Жинца тӏаде босараб хӏалтӏудехун гьесул бугеб цӏикӏкӏараб жавабчилъи бихьичӏого хутӏичӏо гьудул-гьалмагъзабазда, гӏага-божаразда, дагьабниги ресалда ругел росуцоязда. Къокъабго заманалда жаниб больницаялъул хьибилалда эхетана цӏияб, гӏатӏидаб, кӏитӏалаяб мина. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъуна рентгенаппарат. Къваридалго рукъзабахъа гьенибего гочана лаборатория, физкабинет. Кӏиабилеб тӏалаялда рагьана лъималазул отделение. Аслияб корпусалда эркенлъана чӏахӏиязе палатаби, тохтурзабазе кабинетал, лъималазеги чӏахӏиязеги батӏа-батӏаго поликлиникабазе рукъзал. Гьебго заманалда больницаялда цебе эхетана киналго рахъаз санагӏалъаби ругеб, бокьараб мехалъ хинабги цӏорорабги лъимгун, гӏатӏидаб ва берцинаб, бихьиназеги руччабазеги батӏа-батӏаго как базе рес бугеб как балеб рукъ. Как балеб рукъилан гьелда абуниги, гьеб буго унго-унгояб мажгит. Аскӏобго бана хӏамамги.

Больницаялъул нахъисеб рахъалда гӏурабго гӏатӏилъиялда гӏун бачӏунеб буго пихъил ах. Гьенибго бана унтаразе хӏухьбахъиялъе батӏи-батӏиял хӏаял гьаризе бегьулеб, бокьарасе цӏалдезе рес бугеб цӏулал рукъ.

Гьеб кинабгоги, гьанир рехсечӏел цогидалги гӏемерал хӏалтӏаби Мухӏамадица гьаруна хӏукуматалъул кумекалда божун чӏечӏого. Гьанже хӏажат букӏана жанисеб рахъалъе капиталияб ремонт гьабизеги тӏохда ккураб басрияб шифер хисизеги. Гьел хӏалтӏабазе, цо талихӏалъ, районалъул администрациялъул рахъалдасан кумек щвана ва къокъабго заманалда жаниб гьеб кӏудияб хӏалтӏиги рагӏалде бахъана.

Хъайтмазовас гьабурабщиналъул пикру гьабуни, ракӏалде ккезе бегьула, магӏишатияб хӏалтӏуде вуссун, жиндирго аслияб, гӏадамазул сахлъи цӏуниялъул ва хӏалтӏулаб коллективалъе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ загӏиплъиги квалквалги ккечӏодаян.

Ккечӏо. Жиндирго аслияб хӏалтӏиги гьес цо лахӏзаталъги берзукьа борчӏизе течӏо. Тӏоцебесеб иргаялда, жиндехунго тӏалабчилъиги, жавабчилъиги, жигарчилъиги цӏикӏкӏарав Мухӏамадица гьебго тӏалаб гьабула коллективалдаса.

Бицинин цо дидаго бихьаралъулги. 2012 сон букӏанин ккола, дун витӏана унти мухӏкан гьабизе Махӏачхъалаялде, централияб поликлиникаялде. Гьенир щвалде щварал анализал гьаруна, батӏи-батӏиял аппаратазда лъуна ва ахиралда тохтуралъ хӏасилияб кагъат дихъе кьуна.

Дихъ кодоб цӏунун букӏана Харахьи больницаялда лаборант Гӏакъилова Патӏиматица гьарурал анализазулги тохтурзаби Хъайтмазов Мухӏамадицаги Хӏакимов Ибрагьимицаги, дир унти чӏезабун, дие рихьизарурал дарабазулги хъвараб кагъат. Гьеб дица гъой тохтуралда бихьунги букӏинчӏо. Хадуб балагьидал, гьел данде кколел ратана. Гьеб бихьарабго тохтуралъ, бетӏерги кӏибикӏун, дида абуна: «Гьадинал тохтурзабиги лаборанталги ругеб бакӏалдасаги нуж гьанире щвезегӏан щай рачӏунел?» -ян.

Гьелъги батила, гьитӏинабго больницаялда хӏалтӏулев 8-ясда гьоркьоса щугояв ДРялъул мустахӏикъав тохтур вукӏана. Гьанже гьезул кӏигояв нилъедаса ратӏалъун (гьезул мунагьал чурун ратаги), цояв пенсиялде ун, кӏигояв хутӏун вуго. Живго Мухӏамадги ккола ДРялъул мустахӏикъав тохтур.

Нилъер умумуздасанго бачӏараб гӏакъилаб аби буго, хӏалтӏи бокьулес кигӏан захӏматал шартӏаздаги гьеб гьабизе ресал ралагьулин ва бокьуларес гьабичӏого теялъе багьнал ралагьулин абураб.

Гьеб абиялъул ритӏухълъи бихьула Хъайтмазовасул коллективалъул мисалалда. Гьениб щивасда бичӏчӏулеб буго унтарав чиясул рекӏел тӏеренлъиги, нервабазул загӏиплъиги, гӏамалалъул мазликълъиги. Гьединабго бербалагьи хасиятаб буго квен-тӏехалъул ва рацӏцӏа-ракъалъиялъул бутӏаялъул хӏалтӏухъабазеги. Больницаялъул минаялъуб киса-кибго чӏезабун буго мисалияб рацӏцӏа-ракъалъи, унтаразе санагӏалъи.

Абичӏого гӏоларо чанго рагӏи кванил устарзабазул хӏакъалъулъги. Гьез унтаразе хӏадурула данде кколеб тӏагӏамаб квен.

Дидаго гӏемер рагӏана чанго унтарас: «Гьадинаб квен кидаго жидер рокъобги букӏунаро», -ян абулеб.

Ахираб заманалда больницаялъул нухмалъулесул разилъи гьечӏолъи бугоан унтаразе хӏукуматалъ биччалеб шагьи-пара соналдаса соналде мукъсанлъулеб букӏиналда бан. Нилъеда бихьулеб буго «коронавирус» абулеб балагьаб унтиялъ дунялалдаго гьабулеб бугеб балагь. Цебе рехун рачӏунел руго сахлъи цӏуниялда хӏукуматалъ риччарал гъалатӏал. Хьул лъолеб буго гьанжениги Россиялъ сахлъи цӏуниялде букӏине кколеб кӏвар кьелилан.

Гьеб балагьаб вирусалда хурхунги Харахьи больницаялъул коллективалъ цӏикӏкӏараб жавабчилъиги жигарчилъиги бихьизабулеб буго, гьел руго унтиялде данде къеркьеялъул цебесеб кьерда. Гьоркьоса къотӏичӏого гьабулеб буго халкъалъе бичӏчӏи кьеялъул хӏалтӏи, кумек гьабулеб буго ишалъулал малъа-хъваяздалъун.

Хӏасил гьабун абуни, Хъайтмазов Мухӏамадицаги гьесул коллективалъги гӏумру гьабулеб буго жидерго халкъалъул унтуцаги унтун, роххалица рохизарун.

Ракьалда унеб бигьаяб гуреб гӏумруялъулъ гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабулеб буго гӏадамазул гӏумру сахаблъун букӏиналъе.