Щуго соналъ цадахъ цӏаларай, щуго соналъ цадахъ гӏумру гьабун йикӏарай Раисатил васасул берталъе Махӏачхъалаялде ине къоял рикӏкӏуней йикӏана Хамиз. Гьенир данделъизе къотӏи гьабун букӏана цогидал курсцоязги. Хамизил цӏакъ гъира букӏана лъеберго соналъ йихьичӏей гьудул йихьизе. Гьелда рагӏун букӏана Раисатил бечелъиялъул бицунебги. Божизе бокьун букӏинчӏо бечелъиялда цадахъ Раисатил гӏамал кӏодолъун бугин гӏадамаз рицунел харбазда.
Хамизица, цӏалун яхъинегӏан, кумек гьабуна Раисатие – эбелалъ магӏарухъа рачӏарал кванил нигӏматалги ращад гьарулаан. Хамизил эбел Гӏайшатилги букӏана Раисатидехун гьединабго бербалагьи: жиндирго ясалъе кьолелъул, гӏарацги кьолаан Раисатие, цадахъ ясалги рачун концерталде, киноялдеги унаан гьей.
Гьелъиеги бокьун букӏана жинца яслъун рикӏкӏуней йикӏарай Раисатил васасул берталъе шагьаралде ине. Доб мехалда, ясазухъе шагьаралде ячӏунелъул, Гӏайшатица гьезие натӏухӏги рахьдада бахъухъги бачӏунаан. Гьей ячӏарайго, цадахъ цӏалулел ясал Хамизихъ данделъулаан – гьезие цӏакъ бокьулаан Гӏайшатил бахъухъги натӏухӏги.
Гьанжеги, берталъе къачӏалаго, гьелъ хӏадурана натӏухӏги бахъухъги. Шагьаралде щвезегӏанги, жиндие гьабизе бугеб дандчӏваялъул пикрабазда йикӏана Гӏайшат. Гьелъ цебе чӏезабулеб букӏана: «Вай, дир Гӏаши ункъачо!» — ян горбода хурхуней Раисат. Цинги Хамизил гьудулзабаз сверун кколей гьай. Гӏаши ункъачо, ниж урхъун рукӏанин дур натӏухӏалъухъиланги абун, гьаз кӏудияб гъираялда кваналеб натӏухӏ. Раисатица гьай гӏодой чӏезаюлеб йиго чӏухӏараб стол.
Цо заманалдасан Гӏаши ункъачое кӏалъазе рагӏиги кьола.
Цо-цо жиндиего гьимулейги йикӏана Гӏайшат…
Бертин гьабулеб чӏухӏараб залалде аскӏоре гӏагарлъанагӏан, Гӏайшат жиндирго гордихъ чанго нухалъ ялагьана – гьелъ гьеб букъизабун букӏана берталъ кьурдизе гӏоло. Залалде жанире лъугьаралго, йихьана Хамизидаги Гӏайшатидаги Раисат. Амма Раисат гьазда аскӏое ячӏине гӏедегӏулей йикӏинчӏо – гьелъ къабул гьарулел рукӏана жийго гӏадал чӏухӏараб ретӏа-къаялъул руччаби.
Гьазде аскӏое ячӏана Хамизил курсцояй. Гӏодана – руцӏцӏана, цадахъ цӏалулеб рукӏараб заман ракӏалде щвезабуна. Цинги гьелъ Хамизги Гӏайшатги Раисатиде аскӏоре рачана…
Гӏайшатил гьумер кьерхана – лъеберго соналъ йихьичӏей Гӏаши ункъачода гьелъ я къвал бачӏо, я баичӏо, я хӏеренго кӏалъачӏо. Щибаб къойил рихьулезул гӏадин, кверги бачун, рачӏаралищан кӏалъана гьей.
Гӏайшатги цӏорон хутӏана, гӏунарал анищалгун. Гьелда кколеб букӏана, хӏатӏазда гъоркь бугеб ракьги тӏун, жий йортун уней йигилан.
Щиб гьабилебали лъаларого, Хамизги хутӏана. Гьал тӏуркӏизаруна Раисатил гогьаб релъиялъ. Цо заманалдасан Раисатица абуна, жий регӏизегӏан гьанир гӏодор чӏайилан ва лъиданиги рихьулареб бакӏалде рачана.
Гьенирго гӏодор чӏун рукӏана Раисатил цогидал курсцоялги.
Тӏоцересел кьеразда рукӏана кӏудиял хъулухъазда ругел хӏакимзабиги гьезул лъудбиги, бахӏаралъулги бахӏарасулги гьудулзабиги, цадахъ хӏалтӏулелги. Раисатил заман букӏинчӏо гӏадатиял гӏадамазде аскӏое ячӏине.
Ирга щвечӏо Гӏайшатидеги, бахӏаразе гьара-рахьи гьабизе ва сайгъат кьезе. Гьелъ бахӏаразе кьезе букӏана жинцаго бессараб гьитӏинаб халичаги ва угьарал квербацӏцӏалги. Бахӏаразде хьвагӏулеб гӏарац бихьидал, гьелъ жиндирго сайгъат къадараблъун рикӏкӏана. Гьелда ракӏалдецин ккечӏо, сайгъатги босун, бахӏаразде аскӏое ине. Кьурдизеги щвечӏо Гӏайшатие – гьелъие бокьун букӏана гӏолилазда унго- унгояб магӏарул кьурди бихьизабизе. Амма гьелде регӏаралги гьеб къваригӏаралги залалда рукӏинчӏо. Магӏарул мацӏалда кӏалъалелги рукӏинчӏо гьенир. Хамизги Гӏайшатги берталъа нахъе инги лъиданиги бихьичӏо.
Цо-цо нахъ — нахъцин ялагьулей йикӏана Гӏайшат – гьелда кколеб букӏана жинда рагӏулеб бугин: «Гӏаши ункъачо, тӏад юсса!» — ян ахӏулеб Раисатил гьаракь. Амма Гӏайшатил гӏундул гъугъ гьаруна, бахӏаразул машина аскӏосан унеб мехалда, букӏараб кутакаб кьвагьиялъ…