Доб букӏана 1966 соналъул июнь моцӏ. Туркмениялъул Мари шагьаралда хӏалтӏулев вукӏарав дун, лъади ячине вачӏаян инсуцаги ахӏун, отпускги босун, «Ташкент-Кисловодск» поездалда сапаралъ вахъана.
Босараб белтида рекъон, вагоналъуве лъугьунаго, гьений дандчӏварай 18-19 сон барай гӏолилай йихьидал, дун чӏун хутӏана. Чӏахӏиял чӏегӏерал берал, мугъзадаса гъоркье биччараб бицатаб гъал, узданаб лага-черх, би-рахь жубараб гӏадаб кьералъул гьумер. Къокъго абуни, унго-унгояй хӏурулгӏин йигоан.
Гьей ясгун цадахъ вукӏана къокъаб черхалъул, хӏалакъаб лагаялъул, чӏегӏеркӏкӏуяб тӏомалъул, лъабкъойилъа араб гӏадаб ригьалъул чи.
Бачӏинахъего, купеялъул ихтияр кодосев жив вугеблъи лъазабизе бокьараб гӏадин, гъоркьа-гъоркьан бералги речӏчӏизарун, кьварараб гьаркьидалъун буссинабуна гьес дир салам. Щиб гьабулев дун вугониги, гьес дида тӏаса бер босулароан, къваригӏелалъ къватӏиве аниги, векерун гӏадин, заман иналдего тӏад вуссун вачӏунаан.
«Ильичил» станциялда поезд сагӏаталъ лъалхъине буго», — ян гермапулалъ лъазабидал, херав, «цӏалеб жоялда хадувинги» абун, купеялъуса къватӏиве ана.
— Гьасие къваригӏунеб цӏалеб жо щвезе саламатго заман къваригӏина, — ян абуна ясалъ.
Хадуб гьелъ бицана жиндирго къисматалъул кьогӏаб къисаги.
— Осетиялъул Беслан шагьаралда аскӏоб бугеб гьитӏинабго росулъа ккола дун. Цӏарги дида Фарида буго. Щуго сон байдал эменги хун, гьитӏинго бесдаллъана. Тӏадежоялъе, унтарай эбелалъул тӏалаб-агъазалъул захӏмалъиги тӏубанго диде тӏаде бегана, гьелъие дару-дарманги дицаго гьабизе кколаан. Гьелъги батила, дица ният гьабуна тохтурлъун цӏализе ине. Амма хадуб гьеб анищ дица дирго рекӏел тӏиналда букъизе ккана.
Гъоркьиса июнь моцӏалъул авалалда Туркменисталъул Тахта-базар шагьаралда даран-базаралда йигей дир яцгӏал Чабаханица дихъе битӏун бачӏараб кагътида хъван букӏана: «… хӏалчӏахъад, Фарида, мединституталде мун лъугьинайизе хӏадурлъи гьабун буго, кӏванагӏан хехго гьание щва…», — ян.
Гьеб кагъатги цӏалун, эбелалъ абуна: «Фарида, дир месед, заман щвана дур букӏинеселда тӏад ургъизе. Мадугьалзабазги гӏагарлъиялъги дие камураб жо толаро, мун дурго анищалда хадуй яхъине ккола», — ян.
Басриябго минаялъуб, «хӏалакъабго» яшавалда ятана «бечедай Чабахан». Къарз кьеян, щибаб къоялъ гьелъухъе рачӏунел чагӏаздасан нижеда бичӏчӏана, гьей, хӏарщулъ хӏама гӏадин, къарзазулъ къан йикӏин.
Хадуб Чабаханица бицана жийго мискинлъиялде ккеялъул «балъголъи».
«Тахта-базар шагьаралда наркотикал ричиялъул дир даран цӏакъ лъикӏ унеб букӏана. Чӏухӏараб минаги машинаги бугей дун, туркменаз бечедай, ай къадруяй гӏаданлъун рикӏкӏунаан.
Афгъанистаналдаса дие наркотикал щвезарулел гӏолохъаби таможниялда тӏатинарун, милициялъ жанир тӏамуна. Гьел дида гурхӏилищха, туснахъалдаса йорчӏизелъун, «чӏахӏиял чагӏазе» ришваталъе кьун, кинабго дир бечелъи тӏагӏана. Цӏидасан добго бизнесалда байбихьизеян къарзалъе босараб гӏемераб гӏарацгун наркотиказда хадур Афгъанистаналде арав кӏиго туркменавги, араб мухъ-рахъ лъачӏого, тӏагӏана. Гьанже дир иш, дуда бихьухъе, пакъирлъиялде ккун буго, къарз нахъе тӏалаб гьабун рачӏунезги чара хвезабун буго. «Бечедай Чабахан» абун цӏар щварай дун, мискин-пакъир гӏадин, росулъе тӏад юссинеги бокьун гьечӏо. Хирияй Фарида, цохӏо духъа бажарула дие кумек гьабун, къарзазул хьуцӏилъа дун яхъун», — ан, жиндирго кӏаркьеналдаса гирун унеб магӏуги бацӏцӏунаго, гьелъ дида къвал бана.
— Дидасан щиб кумекгӏаги дуе щвелеб?! -илан абуна дица.
— Тахта-базар шагьаралъул наркотиказул иш кодосев туркменав Ниязил вуго Амин абун вас — цӏакъ гьайбатав гӏолохъанчи. Мун гьесие ине разилъани, нилъер гӏумру алжаналъул ахикь муъминчиясул гӏадаб букӏина, — ян абуна гьелъ, дир ботӏрода кверги бахъун.
Гьоркьоб заман иналде Чабаханица, диргун лъай-хъвай гьабизе Амин рокъове ахӏизеян, бечедаб тепси гӏуцӏана. Борхатаб черхалъул, гӏодобе биччараб гӏамалалъул, гьайбатаб гьумералъул гӏолохъанчи вугоан Аминги. Гьесда дир ракӏ рекъана, яцгӏалалъе кумекги букӏинин абураб хьулалда, дун гьесие ине разилъана. Цӏараб сордоялъ ниж бахӏарасул рокъоре магьари лъезе рачине машина битӏун бачӏана.
Цӏияб гӏагарлъиялъулгун лъай- хъвай гьабулаго, тӏаде вачӏана дибирги, чараб халгӏат ретӏарав, цӏцӏел гӏадаб мегежалъул чиги, гьебго куц- мухъалъул лъабго туркменавги. Гьел гьеб рукъалъул чагӏазулгун хъваш- башалда рукӏаго, гьекъеян абун цо гӏаданалъ дихъе бегьун бачӏана рахьдал гӏадаб кьералъул лъамалъиялъ цӏураб гьитӏинабго чинидул суркӏа.
— Хӏинкъуге, гьей ккола бахӏарасул яц, гьазул гӏадаталда рекъон, бахӏаралъ гьеб суркӏаялда жаниб бугеб гӏаладул рахь (кумыс) тӏубанго гьекъезе ккола, — ян малъана Чабаханица дида.
Заман иналдего дир черх гӏажаибго хинлъун, дунгоги ургъел гьечӏого гӏадин, йохун лъугьана. Цо рагӏиги абун, дибирас киналго жиндихъго гӏенеккизаруна.
Мехтун гӏадин лъугьарай дида, гьез бицунеб жоги, магьари лъейги макьилъ гӏадин бихьулеб букӏана. Хадуб ккараб лъаларо, рогьалилъ тӏуркӏун йорчӏарай дун, херав, чӏегӏерав ва хӏалакъав «бахӏарасул» къвалакь ятана.
Цӏакъ бечедав чи ватана дир херав-бахӏаравги. Цӏорол цӏарагӏ босун унев чи гӏадин вукӏуна гьев дие щибгӏаги къварилъи ккеялда хӏинкъун. Бихьинкету дихъ балагьаниги, щакдарула. Пайда щиб, гьесда берчӏваялдаса дие загьруяб борохь бихьизе бокьулеб бугони. Тӏадежоялъе, гьес наркотикалги хӏалтӏизарула, росасул борч тӏубазабунги гьесухъа бажаруларо, гьединлъидал, лъимерги дие щвезехъин гьечӏо», — ян угьун хӏухьел биччана Фаридаца.
— Яцгӏал?!
— Яцгӏалалъе щиб, гьелъие гӏарац щвана, гьанже гьелъул иш лъикӏ буго.
— Гьанже нуж киреха рахъарал?
— Гьаб «шайтӏан» батӏа гьабизе кӏвелародаян ургъулаго, дун дирго ватӏаналде — Осетиялде тӏад юссуней йиго. Асатӏинал руго берцинаб куц-мухъалъул ва чӏухӏараб гӏамал- хасияталъул гӏадамал. Гьаб «маймалакги» бачун дун росулъе ячӏани, гьез дида щиб абизе бугебалиги лъаларо.
Жиризабун кӏалгун, вохуца холаго вачӏана Фаридал рос. Цин велъун, хадув гӏодун, маймалак гӏадин кӏанцӏон, нижее кӏудияб концерт кьуна наркотикалъ мехтарав гьес. Хадуб, цӏакъ свакарав чияс гӏадин, хӏухьелги биччан, гӏодов кӏусаравго, кьижун ккана.
— Гьалеха дир «гьайбатав» рос, — ан бетӏер кӏибикӏана асатӏиналъ.
Хадуб, щибалиго ракӏалде щвараб гӏадинги лъугьун, кьижарав росасде килищги битӏун, гьелъ абуна:
— Гьаб шайтӏан бегараб бусада гъоркь бугеб ящикалъуб буго лъабго чемодан цӏураб нижер хазина. Нилъер поезд къаси Красноводскиялде щола ва, саламатаб заманалъ, гьениб лъалхъула. Гьав чи дидаса ватӏа гьавуни, кӏиябго чемодан дур буго, гьезда жаниб бугеб бечелъи дуе гӏумруялъ гӏола, — ян.
— Фарида, дида бичӏчӏула дуца хӏехьезе ккараб гӏакъубаги, дур рекӏее бугеб захӏмалъиги. Дун ккола бусурбанчи, Аллагьасул лагъ. Хирияб Къуръаналда хъван буго рос-лъади ратӏа гьариялдаса кӏудияб хӏакъ щибго гьечӏилан. Гӏайиб гьабуге, дида кӏоларо дур гьари тӏубазе, — янги абун, дица хабар къотӏизабуна.
Бакуялде поезд гӏагарлъулагоги байбихьана Фаридаца добго рахъу хъирщизе.
— Ясазул мурад тӏубазаби Кавказалъул гӏолохъабаз тӏадаб борчлъун рикӏкӏуна. Гьабе дие кумек, батӏа гьабе дидаса гьаб маймалак, босе гьаб бечелъиги, — ян гьардана гьей.
— Пулан гӏадав дур росасе ахираталде нух битӏиялъе кӏудияб бахӏарчилъи къваригӏинаро, амма Аллагьас какараб такъсир дица гьабуларо, -ян, инкар ккун дунги чӏана.
Махӏачхъалаялъул вокзалалда, поездалдаса гъоркье лъугьунаго, «нух битӏаги» абураб дир каламалъе жавабги кьечӏого, къварилъун дихъги ялагьун, Фаридаца абуна:
— Гьаб рухӏчӏаголъиялъухъ дица дуе цӏакъ кӏудияб хазина кьолеб букӏана. Амма дур тавакаллъи гӏечӏо, мун хӏинкъана. Щиб гьабилеб? Йохъ, гьаб маймалакги бачун дун росулъе унаро. Бесланалда ралагьила дица гӏарцул къиматги лъалел, рекӏелъ ракьаги бугел гӏолохъаби, — янги абун, гьей кьурун юссун жиндирго купеялъуе ана.
Лъаларо хадуб щиб гьезул ккарабали.
Инсанасе бищунго къиматаб жо ккола гӏумру. Халикъасул гурони ихтияр букӏунаро гьев гӏумруялдаса ватӏа гьавизеги.
Исламияб диналъ чорхолъ иман щула гьабун букӏинчӏебани, бечелъиялда бер бахиллъун, дихъаги гъалатӏ ккезе бегьулаан. Хирияб тӏехьалда хъвараб «Дунялалъул боцӏуде бер халалъун, жужахӏалъул гӏазаб босуге»,-абураб малъи гӏадахъ босиялъ, Аллагьас гӏумруялъго квер чӏвана дида. Туркменистаналдаса рокъове щварабго, инсуца дие ячана лъади, нижер буго бечедаб магӏишат, берккезе хӏинкъараб анлъго лъимер ва гьезулги анцӏила цо лъимер.
Бигьаго бечелъизе бокьун, чияр биялъ кверал хъублъизарун рукӏаралани, кин дун валагьизе вукӏарав дирго лъималазул бадиве?! Ахираталда Бетӏергьанасда цебе кин дица жаваб кьезе букӏараб, — ян лъугӏизабуна Кӏодохӏмадица жиндирго хабар.