Инсанасул сахлъи цӏуниялъул фронталда тушманаб коронавируса- лъулгун цебесеб кьерда рагъ балеб буго жакъа тохтурас.
Тохтурасул махщел ккола бахӏарчилъиян абулаан машгьурав хъвадарухъан ва тохтур Антон Чеховас.
«Тохтурасул махщелалъе кидаго хӏажатаб буго пикрабазулги рекӏелги бацӏцӏалъи. Тохтур вукӏине ккола гӏакъилавлъун, рухӏияб рахъалъ вацӏцӏадавлъун ва къамартӏавлъун», — илан абуна гьес.
Коронавирусалъул пандемиялъул квачӏикье ккана Бежтӏа участока- лъул росабиги. Гьелъ кьучӏдасанго хисизабуна халкъалъул гӏумру. Хасго захӏмалъана участкаялъул централияб больницаялъул тохтурзабазул хӏалтӏи. Макьуги, хӏалхьиги, хъизам-рукъги кӏоченабуна гьезда, росдал больницаялде рачӏунел унтарал гӏемерлъиялъ. Тӏаса бищараб пишаялъе ритӏухълъиги цӏунун, намус бацӏцӏадго хӏалтӏулел руго гьенир жакъа къоялъул бахӏарзал: Сагӏдула Сомоев, Зарема Халилова, Мадина Мухӏамадова, Патуллагь Мухӏамадов, Нажмудин Гӏабдулатӏипов, Мухӏамад Гӏабдулмажидов, Хӏусен Дибиров, Гӏали Шайхмухӏамадов, Наида Къурбангӏалиева, Аида Гӏабдурахӏманова, Патӏимат Къебедова, Эсмира Нукъушева, Эльмира Юсупова ва гӏемерал цогидалги. Руго гьезда гьоркьор гӏемерсонилаб хӏалбихьи бугелги гӏолохъаналги. Ригьалъухъ ва хӏалтӏул соназухъ балагьичӏого, ракӏунтун тӏубазабула гьез жидеда тӏадаб иш.
Гьел хӏалтӏулел руго сваканин, чӏалгӏанин, рокъор ругел масъалабиги тӏуразаризе кколин абун зигардичӏого. Батӏайиса букӏине ресги гьечӏо. Гьезул махщалида, бажариялда ва заманалда кумек гьабизе рортиялда бараб буго ракьцоязул, росуцоязул гӏумру.
У, бигьаго гьечӏо. Захӏмалъаби гӏемер руго. Буго тохтурзабазулги гӏумруялъе хӏинкъи. Рагъдаго гӏадин, больницаялдаги жакъа хӏажат буго къвакӏи, къохӏехьей, кьварараб низам цӏуни. Ва гьеб кинабго загьирлъулеб буго COVID-19 абураб балагьгун къеркьолел тохтурзабазулъ.
Захӏматаб заманалда больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго гӏолохъанав тохтур, бетӏерав тохтурасул ишал тӏуралев Гӏали Гӏабдулмажидовас. Гьесухъа бажарана хӏалтӏи мухӏканаб тартибалда гӏуцӏизе ва больницаялъе хӏажатал алаталгун дараби чӏезаризе.
Гьабун букӏана росуцоязде хитӏабги – рокъоса къватӏире рахъунгеян, больницаялъе кумек гьабеян. Ругелщинал ресаздаса пайдаги босун, Гӏалихъа бажарана унтаразул къадар дагьлъиялъе шартӏал гӏуцӏизе. Лъикӏал шартӏал гӏуцӏана гьес больницаялъул хӏалтӏухъабазул сахлъи цӏуниялъеги.
Тохтурзабаздаса хӏалуцин бахъиялъулги нилъерго сахлъигун гӏумру цӏуниялъулги мурадалда тадбирал гьаризе ккола щивав чияс.
Щибниги захӏматаб жо тӏалаб гьабулеб гьечӏо нилъедасан – гӏицӏго рокъор рукӏин гурони. Рокъоб рацӏцӏалъи чӏезабиги, къватӏиса рокъоре щведал, кверал чуриги. Цадахъ лъугьун дандечӏун гурони, дунялалдаго тӏибитӏараб унти тӏагӏинабизе бажаруларо.