18 маялда РФялъул президент Владимир Путиница видеоконференция тӏобитӏана нилъер республикаялъул нухмалъигун. Гьединго гьелда гӏахьаллъана муфтий Ахӏмад—Хӏажи афандиги. Республикаялда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал—хӏалалда тӏасан хабар ккана гьениб. Кӏвар бугел суалалги рорхана.
Рагӏи—рагӏиккун гьениб бицарабщинаб жо жакъа газеталдасан кьеялъул магӏна бихьуларо. Гьелъул нусго батӏияб свери гьабун кьуна телеэфираздасан, интернеталъ ва социалиял гьиназги.
Къокъ гьабун республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас бицана коронавирусалде данде регионалда гьабулеб бугеб хӏалтӏул ва абуна республикаялъе цӏакъ хӏажат бугила инфекциялъулаб госпиталь базе. Парламенталъул спикер Хизри Шихсагӏидовас гьениб гьоркьоб речӏчӏизабуна 1999 сон, дагъистаниязда ракӏалда бугила мун Болъихъе вачӏун вукӏараб мех, гьез дур цӏар адабалда рехсолилан. Амма бищунго кӏвар бугеблъун гьес рехсана Конституциялда хиса-басиял гьариялъул суал, гьеб нахъе бахъун тогейиланги гьарана Владимир Путинида, республикаялъул халкъ цӏакъ балагьун чӏун бугила гьеб къо тӏаде щвеялъухъ.
Кӏудияб талихӏ кканилан абизе бегьула гьеб тадбиралда республикаялъул муфтий Ахӏмад-Хӏажи афандияс гӏахьаллъи гьаби.
Улкаялъул нухмалъулесе нилъер гьаниб бугеб захӏматаб ахӏвал- хӏалалъул, халкъалъул къварилъиялъул, гӏолеб гьечӏеб дару-сабабалъул рагьун баян кьуна гьес.
Унтудехун цо-цоязул тӏаса- масагояб бербалагьи бугилан, халкъ рехун тезе бегьуларилан бичӏчӏизабуна гьес президентасда.
Владимир Путиница, баркалаги кьун, сахлъигун парахалъиги гьарана муфтиясе, гьесул цӏарги рехсон. Амма гӏурус мацӏалда гуреб, бацӏцӏадаб магӏарул мацӏалда абуна — Ахӏмад афандийилан.
Президентас гьеб данделъи тӏобитӏун нахъисел къояз гьелъул хӏасилалги загьирлъизе байбихьана. Республикаялда киса-кирего дезинфекциялъулал тадбирал тӏоритӏизе Ростовалдасагун Брянскиялдаса МЧСалъул кӏудияб къокъа тӏаде щвана. Гьединго, РФялъул оборонаялъул министрасул заместитель Тимур Ивановасги бухьана сапар нилъехъе. Гьезул хӏалтӏухъабаз 200 чиясе бакӏ бугеб инфекционнияб центр базе буго республикаялда.
Президентасда бугеб хӏакъикъат бихьичӏого рес букӏинчӏо
«Черновик» газеталъул политикияв обозреватель Мухӏамад Мухӏамадов:
«Владимир Путиница республикаялда бугеб ахӏвал-хӏалалде кӏвар кьеялдасан бихьулеб буго регионалда коронавирусалде данде гьабулеб хӏалтӏи гӏодобегӏанаб даражаялда букӏин. Захӏматго унтун ругезул ва рекӏкӏаб гӏузруялъ рецун ралел гӏадамазул хӏакъалъулъ гьоркьоса къотӏичӏого социалиял гьиназ хъвалеб мехалъ, гьелде кӏвар буссинабичӏого рес букӏинчӏо президентасул.
Бугеб ахӏвал-хӏалгун къеркьезе Сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул гьечӏеб бажари бихьун, гӏадамаз гӏемераб ахӏи бахъинабуна интернеталдасан. Сахлъи цӏуниялъул министр хӏалтӏудаса вахъи тӏалаб гьабун, РФялъул сахлъи цӏуниялъул министрасулги президентасулги цӏаразда кагътал хъвана республикаялъул жамгӏиял церехъабазги. Гьединлъидал хӏажалъи ккана кинаб букӏаниги хӏукму къотӏизе.
Муфтияс президентасе баян гьабуна республикаялда бугеб хӏакъикъияб ахӏвал-хӏалалъул сурат. Гьеб гӏемеразда лъалеб, баянаб букӏаниги, президентасда абулев чи къваригӏун вукӏана ва Ахӏмад-Хӏажи афандияс чӏванкъотӏун рагьана хӏакъикъат улкаялъул нухмалъулесе.
Хизри Шихсагӏидовас абуна жиндиего абизе бокьараб куцалда. Гьаниб щибниги я тӏаде жубазе, я тӏаса бахъизе жо гьечӏин ккола. Социалиял гьиназ кколеб къимат кьуна гьесул кӏалъаялъе. Гьелъ, тӏоцебесеб иргаялда, живго Хизри Шихсагӏидовасул къадру-къиматалде рагӏадги рехизабуна.
Президентас гӏадамазул рекӏелъ рекъолел хӏужаби рехсана гьеб данделъиялда. Абуна гӏадамал сах гьаризе госпиталь базе ва гӏарцудалъун кумек гьабизе бугиланги».
«Дун Васильев цӏунулев гуро, амма…»
Жамгӏияв хӏаракатчи Гӏисалмухӏамад Набиев:
«Республикаялда бугеб гӏадатияб гуреб ахӏал-хӏалги бихьун, нилъер гьанибе кӏвар буссинабуна Владимир Путиница. Гьеб лъикӏаб хӏужалъун рехсезе бегьила. Амма квешго нечана Хизри Шихсагӏидовасул кӏалъай рагӏараб мехалъ.
Рекӏее гӏечӏо гьадинаб захӏматаб ахӏвал-хӏал республикаялда букӏиналъе гӏайиб тӏоцебе гӏадамазда бугилан абиги. Чӏванкъотӏун, кьварун щайха тӏалаб гьабичӏеб гӏадамаздаса цӏодорлъи? Бичча-бихъан тана гӏадлу-низамалъул иш, гьелъ нилъги рачана гьабсагӏат бугеб ахӏвал- хӏалалде.
Амма дица рахъ кколаро Васильев нахъе ине кколин кӏанцӏолезулги. Кӏочон тезе бегьуларо 20-25 соналъ кин нилъер республика букӏарабали. Гьаниб кинабгӏаги къанун букӏинчӏо хӏалтӏулеб, къанун жидерго хъатикь ккун букӏана хъачагъазги рекетазги. Щибаб районалда, щибаб мухъалда гӏуцӏун букӏана гьез жидерго ханлъи. Гьезул рахӏму гьечӏолъи, ритӏухълъи лъалареб тӏалъи хӏехьон нилъги рукӏана. Дун гьабсагӏат Васильев цӏунун кӏалъалев чи гуро, амма кӏочон тезе бегьуларо нилъго рукӏараб даражаги».