Дица рикӏкӏуна росдал магӏишаталда хӏалтӏулел захӏматчагӏи жидерго ватӏаналъул унго—унгоял патриотал кколилан. Щибха Аллагьасул рахъалдасан кириги гӏадамазул рахъалдасан баркалаги цӏикӏкӏараб букӏинеб, рацӏцӏадал, хӏалалал кванил нигӏматаздалъун гӏадамал хьезариялдаса? Румазул император Гай Юлий Цезарица абулеб букӏун буго: «Провинциялда тӏоцевесевлъунго лъикӏ, шагьаралда кӏиабилевлъуналдаса», —ян. Дагьал церегӏан соназцин гьеб пикруялда советияб лъайгун тарбия щварал разилъулел рукӏарал ратани, жакъасеб гӏелалъе бокьулеб буго рахӏатаб, амма щиб кваналеб, кинаб гьава цӏалеб бугебали лъалареб шагьар. Росдал гӏумруги, гьениб гьабулеб хӏалтӏиги я бокьулеб, я лъалеб гьечӏо гӏемерисезда. Тӏубан батӏияб батана дида нилъер районалъул Сивухъ росулъа Мухӏамадаминовазул хъизан. «Захӏматалъ берцин гьавулин инсан» абураб кици гьеле гьединал гӏадамазул хӏакъалъулъин батулеб.
Дир гӏадат гьечӏо хасаб мурадалда цо лъие букӏаниги рецц-бакъ гьабулеб. Бералда бихьаралдалъун кьезе хӏаракат бахъула сундуего къимат.
Карантиналъул каникулазда кванил нигӏматазда хадуй унаго, дун тӏаде ккана, Пикапалда бичулеб росдал магӏишаталъул продукциялде. Щибаб нигӏматалъул цо-цо жоги босун, дун къокъана бищун согӏаб судалде цее… Хӏинкъи букӏана гӏумруялъ хур-херги гьабурай, боцӏи-панзги хьихьарай эбелалъул къиматалдаса…
— Огь, баркаман, нигӏматазул цӏакълъи! – ян эбелалъул жаваб рагӏидал, босана дица къалам кодобе, цӏаруе мустахӏикъаб СПоК «Баркаманалъул» хӏакъалъулъ хъвазеян.
Магӏарулазул аби буго ицц бетӏералдасан тӏокӏкӏунилан. Гьеле гьединав роцӏцӏараб иццул бетӏерлъун Мухӏамадаминовазул хъизамалда вуго эмен Шагьидав. Материал бакӏарулаго, гьесулгун бухьен кквезе бахъулеб хӏаракат бихьун, районалъул росдал магӏишаталъул управлениялда дида абуна Мухӏамадаминов Шагьидав мелиорациялъул, лъалъадиялъул каналал раялъул суалал тӏуралев, пиринчӏ бекьиялда хадуб хъаравуллъиялда вугин ва сундего регӏараб хӏал батуларилан. Цойги абуна гьеб захӏмат бокьулеб, районалъе, хӏатта республикаялъецин пайдаяб хъизан некӏого мустахӏикъаб букӏанин газеталда хъвазеянги. 30 сон бан буго Шагьидас росдал магӏишаталда хӏалтӏулелдаса. Армиялде иналде цевего гьитӏинав гӏолохъанчи тӏамун вуго гьев сахъадерил, «Цӏияб гӏумру» колхозалъул завскладлъун. Гьелдаса хадуб трактористасдаса бахъараб колхозалъул председательлъиялде вахинегӏан захӏматалъулаб нух нахъа тун буго гьес.
-Шагьидав, бице нигӏматал гьарулеб СПоК рагьизе кин дуда ракӏалде ккараб, кинаб ахӏвал-хӏал бугеб производствоялда, нужго разияб хӏалалда хӏалтӏи цебе билълъунеб бугищ?
— Колхоз таралдаса хадуб, бокьулеб иш тезе кӏвечӏого, дица хъизан Майсаратил цӏаралда рагьана ООО «Услуга». Нижер фермаялда жакъа къоялде буго 180 чӏегӏерхӏайван, гьездасан 130 бечӏчӏулеб гӏака. Гӏун вачӏана цӏикӏкӏарав вас Мурад, пикру ккана гьесул цӏаралдаги ферма рагьизе. Бана цо сарайги, байбихьана магӏишат цӏигьабизе. Гьале, ООО «Сентӏухалдаги» буго жакъа 120 чӏегӏерхӏайван (80 бечӏчӏулеб гӏака).
Цебе нижеца рахь бичулаан «Махӏачхъала» гормолзаводалъе, 4-5 соналъги гӏарац кьечӏолъиялъ, балагьана рес Гъизилюрталда нижерго рахь ва рахьдал нигӏматал гьарулеб цех рагьизе. Исана кӏиго сон бала СПоК «Баркаманалъ». Гьарула ва ричула тӏорахь, биараб ва щарил нах, хӏан-нису гӏадал нигӏматал. ГОСТалъ тӏорахьалъул – 45%, щарил нахул – 75% беэнлъи бихьизабун бугониги, гӏадамазда нижерго нигӏматазул тӏагӏам ва качество лъазеян, нижеего зарал-ками кколеб букӏаниги, «Баркаманалъул» тӏорахьалъул буго 56% беэнлъи, щарил нахул – 82-85%. Гьабсагӏат цехалъе босун буго рахь, бетараб рахь шушбухъе тӏолеб оборудование ва цӏарагӏ.
Араб ункъо моцӏил хӏисаб гьабидал, СПоКалъ гьабун ва бичун буго 18 т нисдал, 9 т тӏорахьалъул, 5 т хӏаналъул. Къойида жаниб нижеца 10-12 тонна рахьдал нигӏматал гьарула.
Рахь босула нижерго кӏиябго фермаялъул гуреб, тӏанусдерил, буцӏулдерил, лъегӏелдерил, шатадерил, херехьдерил, гьерекӏдерил аскӏор ругел магӏишатазулги.
Хӏадурараб продукция бичула гӏатӏиракьалдаго, амма анкьие цо нухалъгӏаги магӏарухъеги битӏула.
-Бугищ нуж гӏадазе пачалихъалъ гьабулеб кумек, кинал захӏмалъаби дандчӏвалел хӏалтӏулъ?
— Росдал магӏишаталда хӏалтӏулездехун, нигӏматал гьарулездехун хӏукуматалъул бербалагьи цӏикӏкӏун буго, амма цебеялдаса гьанже хӏалтӏи захӏмат буго. Рахьдал литралъул багьа буго 18 гъурущ, хасало 25-ялдеги бахуна, амма 2-2,5 литр рахьалъухъ щола гӏицӏго цо литр соляркадул, щуго литралъухъ цо тук харил. Риидал рахь бичун щванщинаб хайир уна боцӏуе рагӏи- хералъухъ. Нижер магӏишатазда рецулел ракьалги дагьал гурого гьечӏо. Къурушалдаса босула хер, 300-400 азарго гъурщидегӏаги ккола корма. Гьадин пикру гьабуни, гӏакдада хадуб цӏунизе кӏвараб бече кколеб буго нижер захӏматалъул бацӏцӏадаб хайир. Жакъа къоялда кварталалъе 5 миллионалде рахь ва рахьдал продукция бичани, хӏукуматалъ кьола 10% субсидия. Гьабулеб буго гӏезегӏан кумек, амма цо къоялъ хӏисаб кьей кватӏаницин тӏад лъолел пенябазгун гӏакӏабаз, щибаб жоялда хадуб хъаравуллъи букӏинабулел органазул гӏемерлъиялъ, гьелъул лъикӏлъи якъинго лъазе кӏоларо. Гъоркьисала цохӏо налогазе кьуна нижеца 150 азарго гъурущ. Бокьараб жиндирго иш бугев чиясда жиндирго кверзул щуябго килищ гӏадин лъазе ккола жакъа налогазулаб системаги, бухгалтерияги, юриспруденцияги.
Къанагӏатаб ишлъун лъугьун буго хӏалтӏухъаби щвейги. Жакъа нижер рахьдал цехалда официалияб къагӏидаялъ хӏалтӏулев вуго 6 чи. Гьезул харжаздаса рукӏине кколел отчислениялги гьарула, налогалги гъоркь ккола. Фермаялда руго 6 доярка, 2 вехь, 2 механизатор, 3 водитель. Жакъа дояркаялъе литр рахьдал бечӏчӏун кьола 5 гъурущ, амма гӏемераб къо бихьула гьеб мухьалда разиял хӏалтӏухъаби щвезецин.
Гӏадамазда гьоркьобго гӏадин, хӏайваназда гьоркьобги гӏемерал батӏиял унтаби руго тӏиритӏун, дару- сабабалъухъги уна гӏезегӏан сурсатал. Дунгоги ветврачлъун вахъанин ккола цо-цо. Рохула ветуправлениялъул хӏалтӏухъан Муртазгӏалиев Мухӏамадица гьабулеб хъулухъалдаса, тӏалаб-агъазалдаса. Районалъул ветеринарияб хъулухъалъул начальник Хъ. Гӏамирхановасул тӏалабчилъиялъул бербалагьиялъул хӏасиллъун рикӏкӏуна дица районалъул ветеринаразул дурусаб хӏалтӏи.
-Нужер буго хъизамалъулаб бизнес. Кин нужеда кӏвараб лъимал хадур цӏазе, гьанжесел гӏолилазе бокьуларо гурищ къо бихьулеб, захӏматаб хӏалтӏи?
— (Велъулаго) Байбихьуда букӏунаан гьединаб хабарги. Хасго кӏудияв вас Мурадил жидергун гӏел бащадал тира-сверулел, рахӏаталда ругин, жалин абуни боцӏудаги, регарилел-рецарилелги ругилан. Рес къотӏун, гӏака бечӏчӏизе чи щоларого, боцӏуда тезе чи щоларого бугеб мех, цеве-цеве дунгоги, хадуй хъизанги, рачун лъималгун рахъунаан гьел хӏалтӏаби гьаризе. Гьедин гьелги ругьун гьаруна захӏматалде.
Финансазулгун экономикияб техникумги лъугӏизабун, цӏикӏкӏарав вас вукӏана бухгалтерлъун хӏалтӏулев. Бакӏида гӏодов чӏараб хӏалтӏи, къалам-кагъат жиндие къабуллъулеб гьечӏин чӏана гьев цинги. Техникаялда хӏалтӏизе бокьилилан. «Бокьилеб батани, бихьинчи, ма бецаризе комбайн, ма пресс. Хӏалтӏуларев — кваналаро», — ян лъазабуна дица гьесда. Заманалдасан гьесул лъикӏав механизатор лъугьана. Жакъа къоялда цадахъаб хӏалтӏул кинабго щвалде щун лъала гьесда, яс Эльмирада. Гьитӏинал жеги цӏалулел руго.
Гьезул щивасул буго бокьараб кваназе-ретӏине рес, метерисеб къоялда ракӏчӏей. Альхӏамдулиллагь. Лъала, дир бетӏер цебеса бегани, гьез гьаб иш хвезе толареблъи.
-Баркала, Шагьидав, нижгун гара—чӏваризе заман батаралъухъ. Гьарула цебетӏей нужер магӏишаталъе, щулияб сахлъи нужееги гьадинал баркаманал нигӏматаздалъун халкъ хьезабизе.
— Дуеги баркала нижер захӏматалъул бицине къасд ккаралъухъ.