Миллияб адабият цӏунулеб аслияб китабхана
Лъималазе рахъулел тӏахьазул тираж дагьаб букӏуна, гьел хираго чӏолел рукӏиналда бан
Латин мацӏ бицунел гӏадамал тӏагӏаниги, гьеб цӏунун хутӏана. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьеб мацӏалда гӏелмиял тӏахьалги художествиял асаралги рахъун рукӏин. Рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда гьабулеб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ нижее бицана Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул (ДКИ) директор Марям Гӏумаровалъ.
— Ахираб заманалда гӏемер бицуна, миллияб мацӏалда газеталги журналалги рахъизе хӏажат гьечӏин, гьел электронияллъун гьаризе заман щун бугин абун. Дур пикру кинаб бугеб?
— Хӏакъикъаталдаги, гӏемер бицунеб буго мацӏал цӏунизе кколин. Амма гьеб харбил хӏасилго бихьуларо. Миллиял басмабазул масъалабиги, цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулелго гьечӏо.
Мисалалъе, босилин тӏахьал рахъи. Республика тун къватӏирехун лъица рахъизе ругел тӏахьал дагъистаниязул мацӏалда? Лъихъа бажаризе бугеб гьел хӏадурун? Кин цӏунилеб мацӏ, гьеб мацӏалда тӏахьал рахъулел гьечӏони? Гьединлъидал Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялде бугеб бербалагьиялъго бицуна нилъер хӏукуматалъул гьелде бугеб балагьиялъул. Миллиял мацӏазда тӏахьал рахъи буго гьел миллатазул маданиябги рухӏиябги нахърател цӏуни гуребги, мацӏал цӏуниялъе квербакъиги. Гьел мацӏазда тӏахьал рахъиги бащалъула нилъер хъвадарухъабазулги шагӏирзабазулги адаб ва къимат гьабиялда.
Дагъистаналъул хъвадарухъабазул рес гьечӏо жидерго гӏарцухъ тӏахьал рахъизе. Хъварал тӏахьазухъ гьезие кьола мукъсанаб гонорарги. Пачалихъияб басмаханаялда хъвадарухъабазул асарал рахъулел гьечӏони, лъикӏаб даражаялъул миллияб адабият тӏагӏине буго.
— Лъагӏалида жаниб чан тӏехь бахъулеб миллияб мацӏалда?
— Ахирал соназда пачалихъалъул кумек дагьлъана. Гьединлъидал рахъулел тӏахьазул къадарги соналдаса соналде дагьлъулеб буго. 2014 соналда басмаялда бахъана 78 тӏехь, 2015 соналда – 59, 2016 соналда – 40 ва 2017 соналда – 20. Ракӏалда буго исана 60 тӏехь бахъизе.
— Гьезда гьоркьоб чан тӏехь букӏине бугеб магӏарул мацӏалда?
— Нижер буго гӏемерал соназ тӏатӏалаго риччалел тӏахьазул сериял: «Дир гьитӏинаб ватӏан», «Дагъистаналъул халкъал», «Машгьурал дагъистаниязул гӏумру», «Дагъистан: заман ва къисматал», «Дагъистаналъул лирикал: классикалги гьанжезаманалъул авторалги», «Ирс» ва гь.ц. Ракӏалда буго, Цӏадаса Хӏамзатилги, Расул ва Хӏажи Хӏамзатовазулги байрамазда бан, «Дир гьитӏинаб ватӏан» абураб сериялда, Цӏадаса Хӏамзатил «Цӏада, мун дир кини» абураб тӏехь бахъизе. Рахъизе руго шагӏирзаби-юбиляразул тӏахьал. Гьезда гьоркьоб – Хӏажи Гъазимирзаевасул мажмугӏги.
— Школазда хутӏунго гьечӏо миллиял мацӏазда лъималазе хъварал асарал…
— Лъималазе тӏахьал рахъизе тӏадаб гьечӏо нижеда. Дагучпедгиз къаралдаса нахъе лъималазе асарал басмаялде рахъунгутӏи хӏисабалдеги босун, нижеца хӏаракат гьабула цо-цониги тӏахьал рахъизе.
2018 соналда байбихьизе буго «Дагъистаналъул цӏалдохъанасул серия». Рахъизе руго Дагъистаналъул классиказулги, гьанжезаманалъул авторазулги халкъиялги асарал. Масала, «Дагъистаналъул халкъияб эпос», «Гӏакълуялъул дандерижи» абураб магӏарул биценазул мажмугӏ. Амма лъималазе рахъулел тӏахьазул тираж дагьаб букӏине буго, щайгурелъул гьел хираго чӏола. Гьезда рукӏине ккола берцинал ва кьер-кьерал сураталги, чӏахӏияб шрифтги, цогидал хаслъабиги. Гьелъие хӏажалъула гӏемер гӏарац.