Дагъистаналда байбихьун буго токалъул мухъазул магӏишат рукӏалиде ккезабизе

Дагъистаналда гьитӏинабниги кӏудиябниги 11 гидроэлектростанция (ГЭС) бугониги, республика, букӏине кколедухъ, токалдалъун хьезабиялъул иш цӏакъго хашаб хӏалалда буго. Жакъа, мисалалъе, бокьараб росу, шагьар босаниги, бихьизабураб къадаралда, ай 220 кВт токалъул кьолеб бакӏ къанагӏат гурони гьечӏо. Хасго хасало гьелъул къуват загӏиплъула, гӏемерисеб мехалда 160-180 кВтялде гурони токалъул хӏалуцин бахунаро. Хӏатта тахшагьаралдацин дагьабниги гьури бахъани ялъуни гӏазу-цӏад бани, гӏемер ккола ток свинабиялъул хӏужаби. Республикаялъул газетазулгун журналазул издательствоялдацин гьеб свинабичӏеб къо къанагӏатги букӏунаро. Токалъул идарабазул нухмалъиялъин абуни гьелъие гӏиллалъун бачуна токалъул мухъал басралъун рукӏин, гӏемертӏалаял минаби ралел рукӏин ва гьелъул хӏасилалда трансформаторазул къуват гӏолеб гьечӏолъи. Палхӏасил, букӏине кколедухъ хӏалтӏи гьабизе гӏарцул мукъсанлъи букӏин. Гьеб гӏунгутӏиялъе гӏиллалъунги бихьизабула гӏадамаз ва батӏи-батӏиял гӏуцӏабаз заманалда бухӏараб токалъухъ гӏарац кьолеб гьечӏолъи ва гьеб вахӏшиго бикъулеб букӏин. Гьайгьай, гӏарац кьоларелги ратила, амма халкъалъул цӏикӏкӏарасеб къадаралъ гьеб кьолеблъи хӏакъаб буго. Амма бикъулеб бугищин абуни, буго. Бикъулеб буго кӏовухъе, рес кканщинас. Щибха гьабизе кколеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолаго, Дагъистаналъул энергосбыталъул компаниялда бицухъе, 2017 соналда 2,3 миллиард гъуршил налъи букӏун буго токалдаса пайда босулезда хадуб. «Гьединлъидал ниж хӏажаталлъун кколел руго ток къотӏизабизе ва налъулал тамихӏалде цӏазе. Гьединал ишал гьаризе байбихьидал, 505 миллион гъуруш бакӏаризе кӏвана, ай 26 азаргогӏанасев налъулас налъи бецӏана», — ян бицана рехсараб компаниялъул пресс-хъулухъалда. Гьебго заманалда РФялъул генералияв прокурорасул заместитель Иван Сыдорукил рагӏабазда рекъон, дагъистанияз токалъухъ 40 миллион гъуруш цӏикӏкӏунцин кьун рагӏула. Лъида божилелали лъаларо. Палхӏасил, гьеб гӏомо бичиялъул мурадалда, Дагъистаналде вачӏун вуго «Россетазул» 200-гӏанасев специалист. Россиялъул регионаздаса вачӏарав 38 прокурорасдаго хадур рачӏарал токалъул махщелчагӏаз лъазабизе буго республикаялда гьеб рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏал. Дагъистаналъул сетазул компаниялда бицухъе, мугӏрузул улкаялде рехараб гьеб «десанталъ» халгьабизе буго республика токалдалъун хьезабиялъе щиб хӏажат бугебали ва гьединго загьир гьарила гӏунгутӏабиги.

— Улкаялъул батӏи-батӏиял электросетазул компаниязул махщалилаз байбихьун буго гӏадада ток хвезабиялъе гӏайибияллъун рикӏкӏунел цо-цо фидеразул цӏех-рех гьабизе. Гьелъул хӏасилалда баянлъизе буго цӏуна-къан ток хӏалтӏизабиялъе гьаризе кколел хӏалтӏаби ва тӏатинаризе руго ток бикъулелги. Бищунго аслияб жо, гьеб киналъулго хӏасилалда авариял ккей дагь гьабиялъе нухал ратизе ва букӏине кколедухъ токалдалъун халкъ хьезабизе квербакъизе буго, — ян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялда.

Гьединаб куцалда техникияб аудит тӏобитӏизе буго бищун гӏемер квалквалал дандчӏвалел ва гӏемерал масъалаби ругел бакӏаллъун рикӏкӏунел Махӏачхъала шагьаралда, Буйнакск, Гъарабудагъкент ва Сергъохъала районазда. Гьел руго бищун гӏемер, ай 25 проценталъниги гӏадада ток хвезабулел бакӏал. Гьединго, республикаялда руго бетӏергьанчи гьечӏел токалъул мухъалгиян бицана Дагъистаналъул сетазул компаниялъул пресс-секретарь Александр Дудченкоца. Гьезул гӏемерисел руго рехун тун, чара гьечӏого рукӏалиде ккезаризе кколеб хӏалалда. Гьезулги иш низамалде бачине буго Дагъистаналде рачӏарал токалъул махщелчагӏаз.

Хӏабиб Мухӏамадов