Ругел ресаздаса пайда босунгутӏиялъ 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб буго республикаялъе

14 февралалда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана Россиялъул промышленниябгун инвестициялъулаб фондалъул вице-президент Хӏажи Хӏажиевасулгун ва Дагъистаналъул энергетикиял компаниязулгун журналистазул дандчӏвай. Пресс-конференциялда гьез бицана Дагъистаналда энергетикаялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Хӏажи Хӏажиевас бицана республикаялда энергетика цебетӏеялъе ругел ресазул ва гьездаса босулеб гьечӏеб пайдаялъул хӏакъалъулъ.

— Дица чанго кагъат хъвана Москваялде Дагъистаналъул энергетикаялда гьабулеб хӏалтӏи дагъистаниязухъ тейилан. Амма жакъа къоялдеги гьелъул щибго хӏасил ккечӏо. Гьелдаго цадахъ цӏогьги камулеб гьечӏо. Нилъерго гьанир ГЭСал ругониги, гӏадамал токалдалъун хьезариялъул суал захӏматаблъун хутӏулеб буго. Гьединго Дагъистаналда кӏудиял ГЭСАл раялъул хӏасилалда экологияб рахъалъул суалалги гӏемерлъулел руго. Ругел ресаздаса пайда босунгутӏиялъул хӏасилги ккола санайил щвезе кколеб 25-30 млрд гъуршил зарал кколеб букӏин. Дагъистаналда разе ккола гӏисинал ГЭСал. Гьелъие нилъер ресалги руго. Гидроэнергетика цебетӏолеб бугони, гӏадамазе ток гӏунгутӏиялъул суал роцӏинабун бажарула, — ян бицана Хӏ. Хӏажиевас.

Гьединго гьес абуна энергетикаялда гьабулеб хӏалтӏи лъалел ва бичӏчӏулел специалистал ругони, хӏасилалги лъикӏал ккезе ругин. Къваригӏун ругила гьеб бутӏаялда хӏалтӏизе махщел камилал гӏадамал.

Изамудин Жанбулатовасеги кьолел рукӏана гӏадамал токалдалъун хьезариялъул хӏакъалъулъ суалал. Масала, журналистаз гьесда цӏехана токалъухъ гӏарац бакӏариялъул ва гӏадамазе гӏарац бакӏарулез гьабулеб бугеб квалквалалъул хӏакъалъулъ.

Гьес абуна гьел идарабазда ракӏбацӏцӏадал гӏадамал хӏалтӏулел рукӏаралани, иш некӏого рукӏалиде ккун букӏунаанин. Гьединго Изамудин Жамбулатовас бицана республикаялъул энергетика цебетӏеялъе гьарулел ругел хӏалтӏабазулги.

Шамай Хъазанбиева