75 сон тӏубана накъшубандиябгун шазалияб тӏарикъатазул устар Гӏабдулжалил-апанди гьавуралдаса

Гӏабдулжалил-апанди гьавуна 1943 соналда, Буйнакск районалъул Тӏаса Хъараниб росулъ, Гӏумаханил хъизамалда. Гьитӏинго загьирлъана гьесул гӏадатияб гуреб гьунар ва бегӏерлъи. Школалда цӏалулеб мехалдаго, класс гьоркьоб тун цеве вачиналъги хадуб медицинаялъул училище, цинги медицинаялъул институт тӏокӏлъиялда лъугӏизабиялъги бицуна гьесул пагьму-гьунаралъул хӏакъалъулъ.

Абула, вали вугеб икълималдасаго балагь-къварилъи нахъе босулин, Аллагьасда цебе гьесул бугеб макъам-даражаялъе гӏоло. Вализабазул хӏакъикъияб макъам гьел гӏадиназда гурого лъаларо.

Доб захӏматаб, коммунист партиялъул гуч бугеб ва гьеб диналде данде багъулеб мехалъго гьес, балъго цӏалун, тӏубазабуна шаригӏаталъул гӏелму. Гьесул гӏелмудал устар вукӏана машгьурав гӏалим Кудалиса Рамазанил Мухӏамад. Гьевги вукӏана Мухӏамадгӏарип-апандиясул ва Сагӏадухӏажиясул Мухӏамад-апандиясул божарав чи.

Батӏияб росулъ тохтурлъун хӏалтӏулев Гӏабулжалилил рацӏцӏалъигун тӏокӏлъи лъана Бакълъухъа Кӏудиясда ва, аскӏове гӏагар гьавун, жинцаго рухӏияб тарбия кьун, устарлъиялде хӏадурана.

Гьев лъалез абула Гӏабдулжалил-апанди, битӏахъе Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) заманалдаса восун, гьале, гьадинав вукӏине кколин муъминчиян нилъер заманалде виччарав гӏадав чи вугилан.

Институталда цӏалулеб мехалъго, Инхоса Гӏабдулхӏамид-апандиясухъа тӏоцебе вирд босун, тӏарикъаталде лъугьана гьев. Гӏабдулхӏамид-апандиясдаги бичӏчӏана гьесул щив вахъине вугевали ва, студент вугониги, цӏакъ цеве гьавуна. Гӏабдулхӏамид-апандиясе цӏакъ вокьулев мурид вукӏанин гьевин бицана Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиясги.

Баянаб жо буго устарлъи кьелелде, чара гьечӏого муридасул хӏалбихьулеблъи. Гьеб хӏалбихьи дол ункъоабилел соназго гьабуна гьесие Инхоса Кӏудияс. Буйнакскалда тохтурлъун хӏалтӏулев, жиндирго рукъ ва хъизамалъул хӏалтӏи бугев гьесда Инхоса Кӏудияс абула росулъе вахъаян. Тӏолабго гӏагарлъи дандечӏола, хасго чӏужу. Росулъ цонигиязе хӏалтӏи букӏинчӏо. Хӏатта гӏалимзабаз ва цересел чагӏаз абула Кӏудияс абураб дуда мекъи бичӏчӏун батизе бегьулин, гьесда цоги нухалда цӏехеян. Амма Гӏабдулжалилица, хъизан биххиялде кканиги, цоги нухалъ Кӏудиясда гьикъу-ларо ва, кинабго тун, росулъе вахъуна. Сагӏид-апандияс, гьеб мисалги рехсон, чанги бакӏалда абуна устарасухъ гӏенеккизе кколин Гӏабдулжалил гӏадин.

Гӏелму цӏалулагоги гьелдаса хадуб цадахъ хӏалтӏулагоги къогогӏан соналъ аскӏов вугониги, шаригӏаталдаса бахъараб яги тӏарикъаталъул къануназде дандекколареб щибго бихьичӏо дида гьесулъ. Гӏамал-хасиятин абуни, битӏахъе Аварагасул (гӏалайгьи свалату ва ссалам) асхӏабзабазул заманалдаса босараб гӏадаб буго.

Живго цӏакъ хӏалимав чи вукӏаниги, исламалъул гӏорхъи хвезабулеб хӏужа бихьани, жиндие щвезе рес бугеб бадибчӏваялъухъ балагьичӏого, кколе-лъуб кколеб абулаан гьес.

Эрпели росулъ хӏалтӏулеб мехалда, больницаялъул богогьан Сапиятица бицана, хъизанги цадахъ гьечӏого, чияр росулъ больницаялъул бетӏерав тохтурлъун вукӏаго, гьес больницаялъул кванил цо лукъмацин кӏалдиб лъечӏилан.

Динияв чи вукӏиналъе гӏоло Гӏабдужалилие гьарулел квалквалал камулароан дол соназда. Гьедин, иргадулаб нухалъ гьев хӏалтӏудаса вахъизеян гьабураб данделъиялда Эрпели росдал парткомалъул секретарас абуна: «Гьаб дунялалда инсанасул сураталда малаик вукӏунев ватани, гьев чи Гӏабдужалил вуго», — ян. Гьев мубаракасул макъамалъул хӏакъалъулъ бицуна 13 соналъ жиндие гьабураб ижаза бахчун теялъ. Гьеб хӏатта рокъоб хъизамалдацин лъазе течӏо гьес.

Алхӏамдулиллагь, Гӏабдужалил-апанди лъугьана киназего Аллагьасул пайиз-баракат чвахулеб гӏорлъун. Цогидалъул бицинчӏониги, кӏудияв къутӏбу Сагӏадухӏажиясул Мухӏамад-апандиясул тарбия щвей гӏеларищ гьесие даражалъун.

Устарлъи гьабулеб ичӏабго соналъ гьес киназдаго ва тӏоцебе аза-азар муридасда бихьизабуна гӏемерал гӏасрабаз хисичӏел, ясбер гӏадал бацӏцӏадаб накъшубандияб ва шазалияб тӏарикъатал цересел акътӏабазул нухдасан расул къадаралъги кьури гьесул гьечӏеблъи.

Устарлъи гьабулеб ичӏго соналда жаниб цо нухалъ хӏежалде ва сахлъи сабаблъун тохтурзабазухъе вахъарав гурев гьев, кигӏан хӏеж-гӏумраялде зияратазде вилълъаян гьудулзабаз гьараниги, рокъоса къватӏиве вахъинчӏо, жинда Бакълъухъа Кӏудияс, Аллагь рукъалъул бокӏнилъ валагьеян абун букӏанинги абун. Гьеб гӏеларищ гьесул тӏадегӏанаб макъам борцунеб роцен? Дагъистаналдаса гуребги, къватӏиса рачӏарал муридзабиги къабул гьарула гьес. Масала, Чергесиялдаса мурид Рамазаница бицана: «Аллагьасул гӏорхъи гьечӏеб рахӏматалдалъун дида дандчӏвана хӏакъикъияв вали, устар Гӏабдулжалил-апанди. Битӏахъе рухӏдаллъула Дагъистаналда ругел муридзабазда, гьев устаргун цо ракьалда ругел ва бокьараб мехалъ гьев вихьизе щолел нужеда. Ниж рикӏкӏад рукӏиналъ, лъагӏалида жаниб цо нухалъ щола гьесухъе ва гьеб баракат лъагӏалица цӏунизе хӏаракатги бахъула. Амма, кигӏан рикӏкӏад рукӏаниги, устарасул тӏалаб кидаго нахъа букӏин лъала нижеда.

Зияраталъ ине къватӏире рахъарабго, Кисловодскалде гӏагарлъулагоцин чӏвала устарасул пайиз ва Буйнакскалде щвезегӏан гьеб тӏадеялдаса тӏаде цӏикӏкӏунебги букӏуна. Гьединго тӏадруссун рокъоре рачӏунаго, Кабардаялде щвезегӏанги букӏуна гӏажаибаб, бицине лъалареб хӏалхьи ва рахӏатгун пайз. Иман загӏипал рукӏиналъ, вализабазул караматалги къваригӏуна нилъее. Кигӏан загӏипав вугониги, дида гьесул чанго караматги бихьана. Масала, 2017 соналъул февраль моцӏалъ, рукъ цӏорон букӏун, дица, вегулаго, токалъул печь къазабун букӏана. Цо заманалдасан макьилъ устарас дун ворчӏизавуна ва абуна: «Рамазан, вахъа, розеткаялдаса вилка бахъе», — ян. Виххун ворчӏана, щибжо вилкаяли бичӏчӏуларого вукӏана. Балагьана ва заманалдасан макъар бухӏулеб махӏ чӏвана, цӏа рекӏун, токалъул розеткаги, гьелда къазабураб вилкаги биунеб батана. Талихӏалъ, зарал ккелалде, цӏа свинабизе кӏвана. Нижер рукъ цӏулал буго. Бицине ккелищха кинаб балагьалдаса устарас нижер хъизан хвасар гьабурабали.

2014 соналда дунги Мухӏамад ва Гӏалиасхӏаб абурал муридзабиги Кӏудиясухъе зияратги гьабун нахъруссунел рукӏана. Нухде рахъана къасимехалъ. Кабардаялда ва Осетиялда гьоркьоб сигналалъул гьаркьица дун ворчӏана. Сигнал гьабулаго, битӏахъе, нижеда данде боржун бачӏунеб бугоха бензин баччулеб кӏудияб машина, амма ниж киналго, хасго водительги, кьижун ккун рукӏун руго. Машинаги унеб бугоан 120 км. хехлъиялда. Дир ботӏролъе, гьале доб ахирилан абураб пикру бачӏана. Амма цинтӏаго заман лъалхъанин ккана ва, хӏинцго биччалеб киноялда гӏадин, кинабго хӏинцго багъаризе лъугьана. Шоферас бигьа гьабун руль сверизабуна, ва машина, бензовозалда цун, цвичӏого цоги рахъалдеги сверун, чӏана. Цинги, хӏинцго букӏараб кино хехго биччараб гӏадин, кинабго цӏидасан букӏахъе багъаризе лъугьана. Ккараб бихьанищин нижеца цоцазда абуна, кьижун вукӏарав шофер Мухӏамадица щиб гьаниб ккарабилан гьикъана. Гьеб хехлъиялда унеб букӏараб машина чӏезабидал, туркӏизецин туркӏичӏо. Гьеб цо дида бихьун букӏарабани, гӏадамал божиларин, бицине кӏвелароан, гьале гьев лъабго нугӏ жакъаги чӏаго вуго. Балагьараб мехалъ, нижер машина, шоферги кьижун ккун, данде бачӏунеб нухде ун букӏун буго. Гьедин тӏоцебе Аллагьасул ва хадуб Кӏудиясул кумекалдалъун ункъо чиясул рухӏ хвасарлъана гьеб бакӏалдаги», — ян.

Гьединал мисалал гӏемер рехсезе бегьула, Кӏудиясе бокьуларелъул, гьалда гӏей гьабун толеб буго. Дагьалги караматал лъазе гъира ккарав «Сиражу сагӏадаталъул» кӏиабилеб томалде раккизе бегьила. Гӏицӏго абила, Гӏабдужалил-апандиясул бищунго кӏудияб карамат истикъамат, ай кьуричӏого гьидаяталъул нухда чӏей бугилан.

Аллагьас халатаб гӏумруги сахлъиги кьеги Кӏудиясе, гьесул баракат нилъееги камизабугеги! Амин!

Мухӏамад Хӏажиев,

«Нур-ул Ислам» газеталъул бетӏерав редактор