Щибаб кечӏ — цӏияб къисмат, цӏияб рокьи

Хӏасратай кочӏохъан

Маргьадалъ букӏунеб гӏамиркоялъул берцинлъи бикъарай. Гӏансахӏанчӏил гӏадаб ритӏухълъиялъул. Мугӏрулгӏан тӏадегӏанаб намусалъул. Чундузгицин салам кьолеб кочӏол гъасда цӏа бакарай, гӏадатлъиялъги гьитӏинлъиялъги гӏисинлъималазгицин Зайнаб-адайилан ахӏулей, мугӏруздаса гӏодоре чвахун рачӏунел лъаразул чилигӏан хӏайранаб, ракьулъан бурулел иццалгӏан бацӏцӏадаб гьаркьил магӏарулазул булбул. Гьитӏинлъанагӏан гӏадамазе кӏодолъарай, машгьурлъарайгӏан гӏадатлъарай, гӏадатлъарайгӏан тӏадегӏанлъарай, халкъияй артистка.

Гьуинаб каламалъул, берцинаб гьурмада гӏажаибго гьайбатаб гьимиялъ расенал угьарай, гӏадамазул ракӏаз бищунго канаб цӏваялда аскӏоб цӏар хъварай, жиндирго талихӏ магӏарулазул рокьиялъ лъалъалеблъун рикӏкӏуней, гьезухъ бергьараб гӏищкъуялъ черхго цӏурай, тӏабигӏаталъ кьураб икъбалалъ магӏарул кочӏол маданияталда Зайнабилан чӏахӏиял хӏарпаз цӏар хъварай хӏасратай кочӏохъан.

Зайнабихъ гьоболлъухъ

Нилъер щивасул рукӏуна жидергун лъай-хъваялъ нилъер гӏумруялда лъалкӏал толел гӏадамал. Рихьанагӏан рихьизеги рокьула гьел, хабарги бицине бокьула гьезулгун. Хӏатта гӏумруялъул чвахигицин хисулеб гӏадаб асар гьабула, гьезда берчӏвайдал. Гьединазул цояйлъун дие ккола Зайнаб Махаева.

Гьелъул кочӏолъ щияй чӏужугӏаданалда батула жиндирги къисмат. Ракӏалде щола гӏолохъанлъи тӏегьалеб гьайбатаб гӏуж, тӏубачӏеб рокьул согӏал ругъназ цӏидасанги рекӏеда цӏа лъола, гирунго гирун бачӏунеб бухӏараб магӏуялъ цӏидасанги гӏанабазда хъвала досул цӏар. Дос сайгъат гьабурал талихӏалъул куркьбалги хьвагӏулаго, рещтӏен гьабула Зайнабил кочӏохъ.

Щибаб кечӏ – цӏияб къисмат, цӏияб рокьи. Кочӏол щибаб рагӏи – хӏасратаб рокьул нугӏзал.

Гьеб кинабго абизе бокьун букӏана йокьулей кочӏохъаналда, гьелъ нухмалъи гьабулеб Махӏачхъалаялъул № 4 искусствабазул школалде щведал.

Амма лъала бадибе гьабулеб рецц-бакъ гьелъие бокьулареблъи.

Ва нижеца байбихьана жийго Зайнабил кочӏол дунялалъулги маданияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъулги хӏакъалъулъ гара-чӏвариялде.

Уяблъун лъугьараб

хӏикматаб маргьа

— Баба, баба, ялагьея зодое. Рихьулищ дора ругелщинал цӏваби, — ян ахӏана гьитӏинай Зайнабица, шагьримоцӏ берцинлъизе цӏикарал гӏемерал цӏвабзазухъги ялагьун.

— Вай, дозул берцинлъи. Гьагъаб батӏаго чӏун бугеб цӏва дирха, баба, лъалищ дуда?

Амма, ялагьея цо, долъиеги бокьун буго дол цӏакъго цӏикарал цӏвабзахъе ине. Вабабай, бихьулищ доб дозухъе боржун араб куц.

— Баба, лъалищ дуда — гьелъул магӏна ккола, кӏудияй гӏураб мехалда, дир кӏудияб анищ тӏубазе бугин абураб.

Гьитӏинай Зайнабие бокьулаан киса-киего цеехъанлъун йикӏине: гьабулеб хӏалтӏулъги, ахӏулеб кочӏолъги, жамгӏияб хӏалтӏулъги. Чӏухӏараб рилълъингун унаан гьей грамотаби, дипломал росизе, учителас цӏар ахӏидал.

Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал.

Тӏубана Зайнабил анищ. Кочӏохъаналъул жакъасеб къисмат маргьалъун лъугьине квербакъана кунчӏараб цӏвабилъун гьелъул гӏумруялда хутӏарал Хӏурия Кантуловалъ, Муи Хӏасановалъ, Манарша Дибировалъ, Сидрат Мажидовалъ. Гьезул цӏвабзаз борхалъуде боржине кумек гьабураб Зайнаб Махаевалъул цӏва даимаб цӏалъун кунчӏана магӏарул кочӏол маданияталъул гъасда. Гьеб цӏадул хӏенхӏал рокьилъун рещтӏуна магӏарулазул ракӏазулъ.

Ахӏулеб буго Зайнаб Махаевалъ

Къого соналъ ахӏулеб буго кочӏохъаналъ гӏагараб халкъалъе кечӏ.

— Халкъалъул рокьуца кьуна дир кучӏдузе рухӏ. Дун йокьулез кьолел тӏугьдузги чӏвалеб хъаталъги цӏияб рогьел рещтӏинабулаан дир рекӏелъе. Халкъалъе хӏажатайлъун йикӏин бичӏчӏидал, хӏаракат бахъана дица гьелъул божилъи ритӏухъ гьабизе. Гьале жакъаги дун халкъгун. Къого соналъ гӏагараб миллаталъ чӏвалеб бугеб хъатие гъугъай рокьул дандерижилъун хутӏизе хӏалтӏулей йиго дун, — ан абуна Зайнабица.

Къого сон сценаялда – лъаларо гьеб гӏемерищ яги дагьищ бугебали. Амма лъала – магӏарулазе гьеб буго цо талихӏаб лахӏзат. Гьаб ахираб лъабго соналъ, гьелъ концерт кьечӏелъулги, магӏарулал урхъун рукӏунаан гьелъул сариназухъ.

Бокьула гӏадамазе, магӏарулал гурезеги, Зайнаб Махаевалъул кечӏ. Ахӏула гьелъ хӏасратго, борхатаб сценаялдасан, концерталде вачӏарав щивасул пикрабиги цӏалулаго, гӏадамазде бугеб рокьул тӏирабаз гьел пикрабиги чурулаго.

Ахӏула Зайнабица Ватӏаналъулги, гӏагараб мацӏалъулги, миллаталъулги хӏакъалъулъ. Ахӏула рокьул сариналги. Амма киданиги ахӏичӏо гьелъ гьанже сценаялда гӏемерлъулел ругел чӏорогоял, гӏенеккизецин нечарал кучӏдул.

Гьелъ рахӏатхвезабун буго халкъияй артисткаялъулги:

— Унго-унголъунги гӏемерлъулеб буго сценаялда магӏарул гӏадаталги гӏамалалги сан гьабулареб, мугӏрузул тӏадегӏанлъиялъги, магӏарулалъул намусалъги ритӏухъ гьабулареб кечӏ-бакъан.

Масала, Чачаналда, хасаб комиссиялъ къабул гьабураб кечӏ гурони, сценаялда ахӏуларо. Щай бегьулареб Дагъистаналдаги гьединаб комиссия гӏуцӏизе. Нилъер гьанир гӏунги тӏокӏал руго унго-унгояб гьунаралъул къимат гьабун бажарулел гӏадамал. Гурони, лъугӏулеб буго сценаялдаса умумузул ретӏа-къайги, магӏарул кочӏол гогьарги. Гьелъие гьанжего ахир лъечӏони, хадусел наслабазда лъазе гьечӏо магӏарул маданияталъул тӏагӏам. Данделъизе ккола киналго: хъвадарухъабиги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, журналисталги, кочӏохъабиги, концерт гӏуцӏулелги. Тӏадруссине ккола магӏарул гӏадатазул гъанситохъе. Гурони, миллат гъваридаб кӏкӏалахъе бортизе буго. Цохӏо кечӏ ахӏулелъулги, лъабго-ункъо авторасул рагӏабиги журазарулел руго. Щиб ахӏаниги, батӏалъи гьечӏел кочӏохъабиги руго, — ян бицана Зайнабица.

Сапарал, сапарал, сапарал…

Гьал ахирал соназ гӏемер щвана Зайнаб батӏи-батӏиял улкабазде:

— Кие щваниги, дир ракӏ букӏуна Дагъистаналда. Гӏагарал мугӏрулги, мугӏрузул гьаваги, магӏарул мацӏалъул роцӏенги дица сундухъго хисуларо.

Дун пана гьаюла, масала, Турциялда цӏунун бугеб магӏарул мацӏалъ.

Дица «машина» йилан абидал, гьенир ругел магӏарулаз дие бадибчӏвай гьабуна гьеб гӏурус рагӏи бугила, магӏарул мацӏ бицунелъул, чияр рагӏаби хӏалтӏизаругейила.

Кинаб улкаялде щваниги, дун урхъун йикӏуна Ватӏаналъухъ. Гьелдаса рикӏкӏалъидал гурони, бичӏчӏуларо гьелъул тӏадегӏанлъи, гьелъухъ чӏалгӏеналъ ва урхъиялъ бецӏцӏулеб букӏуна ракӏ ва цо лахӏзаталъ йохизе бачӏуна бахӏарчияб тарих бугеб миллаталъул вакиллъун йикӏиналдаса.

Магӏарул махӏги яхӏги

Гьелеха Зайнаб Махаевалъул кочӏолаб дунял. Магӏарул яхӏалъул махӏалъ цӏураб.

Магӏарул кечӏги Зайнабги. Зайнабги магӏарул кочӏол маданиятги. Халкъияй кочӏохъаналъ гьелъул гъасда бакараб даим кочӏолаб цӏаги.

Цӏаялъ нугӏлъи гьабизе буго Зайнабил кочӏолаб дунял магӏарул наслабазе абадиялъ гвангъун хутӏизе букӏиналъе.

Ахӏулеб буго Зайнаб Махаевалъ…

Шамай Хъазанбиева