Яхӏ
Гӏонсода тӏад лъураб, чӏахӏиял бидурихьаз басараб, жиндирго кверда нилъуги базабун, годекӏанив гӏодовчӏун вукӏарав херасда аскӏове вачӏана гӏолохъанчи. Саламги кьун, гӏодовчӏун вахъиналде, гӏолохъанчияс кисиниса бахъана «Казбекалъул» пачка. Папиросалда цӏаги лъун, кӏкӏуй бахъулев гьесухъ кьурунги вуссун, лъикӏ валагьана херав.
Намуслъарав гӏадинги лъугьун, гӏолохъанчияс кисинир лъолел рукӏарал папиросал херасда цере ккуна:
– Бухӏиларищ, кӏудияв чи?
– Гье, гьитӏинав чи, кӏудияб баркала! – ян чарлъарал михъазулъе гьимана херав. – Дуда рухӏдаллъун гурев дун валагьулев вугев, дуда гурхӏунин.
Гӏолохъанчи, абизе жо лъачӏого, гьалгъан хутӏана. Гьес, кӏкӏуйги бахъичӏого, хъалиян жибго лагьулеб букӏана. Пикру гьабулев гӏадин дагьаб мехалъ валагьун чӏунги вукӏун, цинги херас бигьа гьабун абуна:
– Гьеле, гьев мун гӏадинав вугеб мехалъ гӏантав вукӏана, дир вас, дунги. Чанги бухӏана гьеб байтулман дицаги. Яхӏ гьечӏеб жо буго гьекъолеб жоги хъалиянги, гьезда аскӏор дагьалги яхӏ гьечӏел руго нилъ, цо-цо гӏадамалги. Воре, кӏочон тоге дир рагӏаби! Кида-къадниги ракӏалдещвезеги бегьула дуда гьел.
Гьанже рекӏеда ватана гӏолохъанчи.
– Тезе кӏолареб жо бугила гьабилан абула, дицани жеги хӏалги бихьичӏо, гьел рагӏабазда божизеги кӏолароха, кӏудияв чи. Амма дир мадугьал, дурги гьудул, Болоцӏиласул Хӏажиявни щибаб къойил гьедула, жакъаялдаса тӏокӏаб киданиги кӏалдиб кквеларилан. Хадусеб къоялъ нахъойги бухӏулев ватула. Яхӏ гьабизе кӏоларила, гӏайиб гьабугейила, Аллагьас гьадинав вижун ватидал жинцаги щибдилаха гьабилеб абун вукӏуна дов.
Херав гьимана.
– Гье, дир вас, Аллагьасда бараб жоги гьелъул щибго гьечӏо, мун гӏедегӏун ватичӏони, гьеле гьеб яхӏалъул бицина дица дуе цо хабар.
– Бице дурго, дун кивего гӏедегӏун гьечӏо, – янги абун, дагьавги аскӏовегӏан къана гӏолохъанчи.
Херав цин бадиса магӏу бачӏинегӏан хъухӏудана, цо щибалиго ракӏалдещвезабулеб гӏадин, къапезарун жиндирго къваридал, амма жеги хъергъудал гӏадал цӏодорал бералгун рикӏкӏаде, мугӏрузде валагьана. Цинги, къадалъ гамачI лъолев чияс гӏадин, щибаб рагӏиги буцӏун, къотӏун, къачӏалаго байбихьана:
– Дир вукӏана лъикӏав гьудул. Дагӏа букӏана досда цӏарги. Гьеле, гьанже мун гӏадинал гьитӏинал гӏолохъаби рукӏана ниж. Бихьинчиясда тӏадабги рекъарабги жойилан ракӏалдеги ккун, кӏудияздаса балъго, хъалиян бухӏулаан. Хӏасил-калам, квелъ биччан рукӏунаан.
Цо нухалда къотӏносан унев дида данде вачӏунев вуго Дагӏа. Аскӏовегӏан щолеб мехалъ, гьев тартадизе лъугьана. Гьединаб махсара гьабизе бокьулев чи вукӏана дов. Кӏалдибе щибго босун гьечӏониги, мехтун, вилълъине кӏолареб хвелги гьабун, дида живго рокъове ваччун вачинавулаан. Дос гьединал жал гьарулаан хасго гьекъезе бокьараб мехалъ. Дида гьудуласул хӏиллаги хӏалги лъаларищха?
– Гьа, хабар тун вукӏа, довегӏанисан вихьанин, расги букӏинчӏин, – ан тӏирун чӏана дун,
Рилълъана Дагӏал доре. Гьекъана чӏагӏа. «Дагӏаги чӏагӏаги цоцада рухьине руго», – ян махсарацин гьабулаан досул хӏакъалъулъ гӏадамаз. Рокъоб хъалияналъул кӏкӏуялъ чӏурх лъуна. Гьебмехалъ ягъана Дагӏал эбел:
– Гьаб щиб нужеца гьабулеб жо, ургьимес къвагъизе бокьун батани, дир къанда щай лъолареб?
Гьел рагӏабаз, битӏараб бицани, нижеда яхӏ гъуна. Нижеца, кьабун квералги росун, къотӏи гьабуна, тӏокӏаб киданиги хъалиян бухӏунгутӏизе.
Ана анкь, ана моцӏ. Дие гӏолеб гьечӏо цо щибалиго. Чанцӏул пикру гьабуниги, гьадабго хъалиян батула гӏолареб жо. «Йохъ, – ян кьварун чӏола дун, чаран лъола рекӏелъ, — илбис буго гьеб, гьелъул мурад дица гьабиларо».
Ана чанго моцӏ. Толаро рахӏат. Хъалияналъул цо кӏкӏуй бахъани, гӏаршиналъ кӏудияв гӏолилан кколаан ракӏалда.
Цӏибалеб рукъалъул тӏохде ракь рехулев вуго цо къоялъ дуца абулев Хӏажияв. Гьабуна гьесие кумек. Чӏана хӏухьбахъизе. Кьурана дос хъалиян. Дихъеги танхьил таргьа бегьулеб буго. «Йохъ, Дагӏада рагӏани, къадараб жо ккела, гьедигӏанго загӏипав чийищха дунго кколев?» Кин букӏаниги, инкар гьабизе къуват гӏуна. Гьеб къоялъги цӏачӏо. Нахъияб къоялъ цевеса унаро гьурмада гьоло-гьологӏанасеб гӏетӏги бан, бохалда бохги базабун, лазаталда хъалиян лагьулев Хӏажияв, хӏулагийин досул гьадингоги лъедерал михъазул жал. Хьвагӏана киналдего квер: Дагӏадеги, гьеб къолъизегӏан гьабураб яхӏалдеги. Вилълъана тукаде. «Любительский» абун рукӏунаан доб мехалъ цо папиросал. Босана лъабго пачка, лъуна кисиниб.
…Кивеха гьанже цо хӏалхьезегӏан кӏкӏуй бахъизе инев, Дагӏада вихьуларелъуве, рагӏуларелъуве. Вилълъана гӏурул рагӏалккун, росдадаса лъикӏалан рикӏкӏаде. Жемана «Варани» гохӏде нахъе. Тӏерхьана берда цебеса росу. Ракӏ парахалъана гьанже. Цӏа лъезегӏанго буго дир кӏалдиб папиросалъул тату. Санагӏатаб, гӏадамасул берщолареб бакӏалдейин абун гӏодовчӏезе лъел рагӏалда бугеб кьурде нахъе лъугьунев вугев дир битӏахъего бохдул сородана, ракӏ данде къана, дидаго дирго гьумер бихьулеб букӏарабани, гьеб къоялъ дун гьелъукьа хӏинкъилаан. Кьер тӏун кагъат гӏадин лъугьун букӏун батила гьеб; дидехун мугъги кьун, лагьиялда, хӏухьел босичӏого, хъалиян бухӏулев вуго цояв. Лъикӏ бералги кӏвекӏун, къуватги бакӏарун, лъикӏ валагьанагури, вугоха вац, Дагӏа. Виххун хутӏана дир хӏатӏил сасихъе нахъе валагьарав довги. Тӏадго ккурав цӏогьор гӏадин багӏарлъун вахъана, цинги хъахӏлъана гьев. Цӏакъ квеш букӏана досда. Амма къуват бакӏарана, дида бацӏица гӏадин берал речӏчӏизаруна. Щаклъарав куц вуго, щвартӏан кӏанцӏунги вачӏун, дир кисабазда хурхана. Дица биччалареб гьесул квер кисинибе. Лъикӏ кӏвекӏарана гьенир. Тӏаде рахъараб мехалъ, хӏелкал гӏадин лъугьун рукӏана кӏиялго. Панкъал гӏадин лъугьун ругоан кисинир папиросалги, гъура-чункун, чухӏун рукӏана гьел. Гӏемераб мехалъ кӏиясдаго абизе рагӏи батичӏо. Кӏалдибе рагӏиги кинха бачӏинеб, хӏухьел босизе кӏоларого ругелъул ниж. Цеве кӏалъазе, щиб абилебали, лъиде гӏайиб рехилебали, щиб багьана бачинебали ургъизеги лъихъанго бажарулеб букӏинчӏо.
Гьебмехалда жиндихъго рукӏарал папиросал хӏалкӏвараб бакӏалде хьвагӏун гӏурулъе рехана Дагӏаца. Цинги кьурун вуссана дир рахъалде.
– Дуцаги рехе!
Цоцада къвалалги ран, берда цереса тӏерхьинегӏан ралагьана ниж, цин раккун, цинги рукъун, лъеца росун унел папиросазда хадур. Гьереси нажас буго, битӏараб бицани, ракӏни бухӏун букӏана дир дозда хадуб. Дагӏае щибха бугеб, дос хӏалхьезегӏан кӏкӏуйгӏаги бахъун бугелъул? Дир хӏал бичӏчӏараб куц буго, ургъунго дида тӏад велъулев гӏадин, Дагӏаца ахӏун биччан тана:
– Жужахӏалъуре щун гурони чӏоге. Къо-мех лъикӏ!
… Гьелдаса хадуб кӏиясго я балъго, я рагьун тӏокӏаб кӏалдиб кквечӏо хъалиян абулеб жо, гьелъул махӏцин аскӏобе къазе течӏо. Хун ана Дагӏа, мунагьал чурун ратагийин, кьураб рагӏи дос хвезабичӏо. Дос яхӏ гъуна дидаги.
Херав лъалхъана, цинги жиндаго цебе ракьда гӏонсоца цо киналалиго мухъал рахъулевги вукӏун, нахъеги гӏолохъанчиясдехун вуссана:
– Бугищха гьениб Аллагьасдаги, чиясул вижиялдаги бараб щибго жо? Дицани абилаан, гьечӏилан. Гьеб бараб буго живго чиясда, гьесул яхӏалда. Хадуб ругьунлъунги ккана, тӏокӏаб къасдго ккечӏо. Болоцӏил Хӏажиясни теларо гьанже хъалиян, долъ дов живго тани гурони. Дудани дица абилаан, гӏолохъанчи, бухӏуге гьеб загьруян!
Тажудин Таймасханов