Махӏачхъалаялъул № 58 школалда
Нилъер щивасе рахьдал мацӏ ккола гӏумруялъ къисматалде кьабулеб цӏумурлъун. Гьелъул гьаркьихъе рогьалиде дандчӏвайги гьабула нилъеца гӏумруялъул гӏидраялъул хӏасратал сариназухъги гӏенеккула нилъ, гьелъ малъула нилъеда къисматалъул карачелазде данде лъедезеги. Гьеб гьаркьилъ буго эбелалъул кинидахъ кечӏ. Гьелъулъ буго нилъер къисмат къалъизабулеб нур. Гьеб нуралъ къалъизабун букӏана 17 февралалда Махӏачхъалаялъул № 58 школа. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана миллиял мацӏазул байрам. Школалъул азбаралдаги, жанахӏалъубги, классаздаги Дагъистаналъул каранда жавгьараллъун кенчӏелел ругел миллиял мацӏазул саринал. Тӏубараб анкьалъго гьенир тӏоритӏулел руго миллиял мацӏазда цӏалдохъабазда гьоркьор кучӏдул ахӏиялъул, рикӏкӏиналъул, кучӏдул, харбал, сочинениял хъваялъул, бищун лъикӏаб къадал газета гьабиялъул къецал. Гьеб къоялъ гьарулел рукӏана анкьица тӏоритӏарал тадбиразул хӏасилал. Байрам нухда бачана школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Муслимат Жамалудиновалъ. Цӏалдохъабазда байрам баркана «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъги. Гьелъ бицана газеталда лъималазе бахъулеб «Бурутӏ» гьумералъ тӏоритӏулел конкурсазул хӏакъалъулъ. Гьединго Шамай Хъазанбиевалъ рикӏкӏана гӏагараб Хунзахъ районалдеги магӏарул мацӏалдеги гьарурал кучӏдул. Муслимат Жамалудиновалъ рикӏкӏана рахьдал мацӏалда кучӏдул, бицана щивав чиясул гӏумруялъулъ рахьдал мацӏалъ кколеб бакӏалъул.
Гьединго цӏалдохъабазда ва рахьдал мацӏазул учительзабазда байрам баркана школалъул директоралъул заместителал Назиля Гӏумаровалъги, Мухӏамаддибир Валиевасги, Качар Цахаевалъги.
Цӏалдохъабазги бихьизабуна жидерго мацӏазда кучӏдул ахӏизеги рикӏкӏинеги бугеб гьунар.
Балагьаразе кӏудияб асар гьабуна цӏалдохъабаз магӏарул мацӏалда лъураб театралияб церерахъиналъ. Гьелъул магӏна букӏана, мацӏ гьечӏони, миллат гьечӏин абураб.
Школалъул музыкалияв нухмалъулев Мухӏамад Гӏумаровас хӏадур гьарурал цӏалдохъабазги бихьизабуна жидерго гьунар.
Школалъул нухмалъиялъ цоги нухалда баркана магӏарул мацӏалъул учительлъун хӏалтӏулей йигей Гӏайшат Гӏалиевалда исана тӏобитӏараб, «Махӏачхъала шагьаралъул бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» абураб конкурсалда босараб лъабабилеб бакӏ.
Байрамалда жиндирго кучӏдул рикӏкӏана тум ва магӏарул мацӏазул учительзаби Муслимат Жамалудиновалъги Зина Гӏумаровалъги.
Лъугӏана миллиял мацӏазул байрам. Байбихьана гьелъул цӏурмихъе кьурдулеб гӏумруялъул талихӏаб лахӏзат…
Зубейрат Ибрагьимова