Сугъралъ гьоркьохъеб школалде гьабураб сапаралдаса хадуб…
«Рагьарал» библиотекабаз асар гьабуна
Хӏажи Гӏабашиловасул цӏаралда бугеб гьоркьохъеб школа. Ва гьелъул нухмалъулей Аминат Тӏолбоева. Гӏемер рагӏулаан школалъул хӏакъалъулъ бицунеб. Бицунеб рагӏаралдаса бихьараб лъикӏиланги абун, Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏазул байрамалда цересел къояз, дие рес щвана гьеб школалде гьоболлъухъ ине. Школалъул нухмалъулейги щаялиго цеечӏезаюн йикӏана цӏакъго кьварарай хӏакимлъун. Амма, кӏитӏалаяб школалъул азбаралъуе лъугьарайго, тамашалъизаюна — киса-кибего рацӏцӏалъиги талихӏаб лъимерлъиялъул лъалкӏалги. Школалъул жанахӏалъуре лъугьаралго, дандего бортун бачӏана магӏарул гьуинаб калам.
Ва нижеде данде ячӏана Аминат Тӏолбоева, гьурмада разияб гьимиги, гӏадамазухъ урхъараб хӏикматалъ цӏурал бералги, рекӏелъе бортун унеб недегьаб каламги, елъулаго, бицунеб хабарги.
Ва Аминатица ниж рачана школа бихьизе.
Тӏоцебесеб тӏалаялъул жанахӏалъуб бугоан школалъе жиндир цӏар кьурав, машгьурав журналист Хӏажи Гӏабашиловасе сайгъат гьабураб бокӏон. Бахӏарчияв росуцоясе сайгъат гьарурал суратаз бицунеб букӏана хӏинкъи лъачӏев журналистасул гӏумруялъул ва гьунаралъул хӏакъалъулъ. Гьеб ккола гьитӏинаб ватӏаналдеги гӏагараб миллаталдеги букӏине кколеб рокьул кӏудияб мисаллъун.
Кӏиабилеб тӏалаялда бугеб рагьараб библиотекаялъ тамашалъизаюна. Киназего квегӏенаб бакӏалда бугоан гьеб гӏажаибаб библиотека. Бокьарав цӏалдохъанас вачӏун, бокьараб тӏехь босулеб буго цӏализе. Цӏалун бахъарабго, букӏараб бакӏалда лъолебги буго. Гьенирго руго столалги бакӏалги.
Дица Аминатие суалгицин кьуна гьадинал цӏакъал тӏахьал рахай-къайго гьечӏеб бакӏалдаса рикъун унарищилан. Елъулаго, гьелъ абуна, цӏогьилан абураб рагӏи жидер школалда гьечӏила. Гьеб ккола школалда лъималазе кьолеб рухӏияб тарбиялъул берцинаб мисалги лъикӏаб хӏасилги.
Хӏикмалъизе ккараб жо гьечӏищха-рагьараб библиотека. Гьенире киналго тӏахьалги сайгъат гьарурал руго. Аслияб къагӏидаялда библиотекаялъе тӏахьал кьун руго сахаватав росуцояв Хӏамзат Хӏамзатовас. Гьединаб библиотека жеги кӏиго-лъабго букӏине бугин абуна. Щвана щибаб классалде. Республикаялъул бокьараб школа бахиллъиледухъ цӏиял технологияздалъун хьезарун руго классал. Гьединго щибаб классалда бухӏараб-цӏорораб лъимгун умывальникалги. Школалда буго интернатги. Лъималазе чӏезарун руго киналго шартӏал. Гьез гӏумру гьабун ругел рукъзалги руго рекӏее лъикӏаб асар гьабулеб хӏалалда. Буго школалъул жанахӏалъубго хасалил ахги — гьелъие лъикӏаб хъулухъги гьабулеб буго лъималаз. Гьелеха эстетикияб тарбия кьеялъул мисалги — нилъеда сверухъ бугеб берцинлъиялъул къимат гьабизе малъи ва лъай.
Дица хӏалтӏул рахъалъ щибниги гьикъичӏо Аминатида — кинабго берда цебе букӏана. Къадазда рарал суратаз бицунеб букӏана школалъул гӏумруялъулги, цӏалулъ ругел хӏасилазулги, цӏалдохъабазулги умумузулги жамгӏияб хӏаракатчилъиялъулги хӏакъалъулъ.
Гьаб захӏматаб заманалдаги Аминат Тӏолбоевалда кӏун буго гьединаб тӏадегӏанаб даражаялда школа цӏунизеги сахаватал гӏадамал ралагьизеги. Гьединазул квербакъиялдалъун жакъаги школа чӏаго буго, гьалдолеб, хӏалуцараб гӏумру жинда бугеб.
Гьанибго ракӏалдещвезабизе ккола цо гьадинаб хӏужаги: школалъул жанахӏалъуре лъугьунаго, лъималаз хьиталги хисулел руго. Гьеб рахъалъан низам цӏакъ кьварараб буго гьениб. Байбихьуда захӏматго букӏараб батаниги, гьанже гьелде ругьунлъун руго лъимал. Гӏадлуги гьез жидецаго жидеего гьабулеб буго. Цоцазухъги гӏенеккулел руго лъимал. Гӏемерал руго гьеб школалда цогидаз мисал босизе гӏадал ишал.
Кинабго — лъималазул талихӏалъе гӏоло. Гьединаб буго школалъул нухмалъулелъул хӏалтӏул ахӏиги. Хӏалтӏул хӏасилалги церего цере руго.
Рахьдал мацӏ-дир рухӏ, дир хӏухьел
Гьединаб цӏаралда гъоркь гьеб къоялъ тӏобитӏулеб букӏана магӏарул мацӏалъе сайгъат гьабураб байрам. Данделъабазул залалда рагӏулеб букӏана пандрида ахӏулеб магӏарул некӏсияб кочӏол гьаракьги.
Аваристаналде рагьараб каву. Хунзахъ тахшагьар. Ургъалида вугев хан. Гьидалъа Хочбарие гъураб къор. Божуда рекӏкӏ. Хочбарил ахирисеб кечӏ. Гьев вухӏизе гьелегьизабулеб бугеб цӏа. Бахӏарчи вухӏи. Хунздерил ханасул васазухъ магӏу.
Гьедин цоги нухалда школалъул цӏалдохъабаз сценаялдасан ракӏалдещвезабуна хунздерил ханасулги гьидерил Хочбарилги къваридаб къиса.
Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицунеб букӏана лъималаз бацӏцӏадаб, гӏажаибго берцинаб хъуди жиндир бугеб рахьдал мацӏалда.
Баркиял, баркиял…
Цӏалдохъабаздаги учительзабаздаги магӏарул мацӏалъул байрам баркизе рачӏун рукӏана магӏарул шагӏир Тубхӏат Зургьаловаги, магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиноваги, Гӏахьвахъ районалъул бетӏерасул заместитель Раисат Гӏабдулбасироваги, «Хӏакъикъат» газеталъул мухбир, Махӏачхъалаялъул № 11 гимназиялъул магӏарул мацӏалъул учитель Шамай Хъазанбиеваги.
Тубхӏатица лъималазе бицана рахьдал мацӏалъул къвакӏиялъулги, кьвариялъулги, недегьлъи-хӏеренлъиялъулги хӏакъалъулъ. Ракӏалдещвезаруна миллаталъул чӏухӏилъун кколел, гьелъул тарихалда тӏагӏунарел лъалкӏал тарал лебалал васал. Бицана шагӏиралъ имам Шамилги, Хӏажимурадги, Хӏамзатил Расулги щал кколелали. Хадур гьелъ цӏалана жиндирго кучӏдул. Гьединго Тубхӏатица школалъе сайгъат гьаруна жиндирго тӏахьалги.
Баху Мухӏидиновалъ бицана миллаталъул мацӏги цӏарги цӏунулел ругел магӏарул мацӏалъул учительзабазул хӏаракатаб хӏалтӏул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул мугӏрузул тӏогьиб жавгьарлъун кенчӏолеб бугеб рахьдал мацӏалъул щибаб хӏарпалъухъ гьоболлъи базе ахӏана гьелъ цӏалдохъаби. Бахуца гьединго бицана ассоциациялъ мацӏ цӏунун хутӏиялъе гьарулел ругел ишазул хӏакъалъулъ.
Раисат Гӏабдулбасировалъ лъималазда байрам баркана ва бицана Дагъистаналда миллиял мацӏал хадусел наслабазе цӏунун хутӏиялде кьолеб бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ. Гьелъ тӏадчӏей гьабуна ва цоги нухалда гьалбадериеги цӏалдохъабазеги бицана Аминат Тӏолбоевалъ нухмалъи гьабулеб сугъулдерил школа республикаялъул бищунго лъикӏал школазул кьеразулъ букӏинги.
Шамай Хъазанбиевалъ цӏалдохъабазе бицана магӏарулал цолъизарулеб литературияб магӏарул мацӏ жакъа киназдаго лъазе ккеялъулги, шагьаразул школазда гьелде кьолеб бугеб кӏваралъулги, «Хӏакъикъат» газеталда лъималазе бахъулеб «Бурутӏ» гьумералъулги, гьенир тӏоритӏулел батӏи-батӏиял конкурсазулги хӏакъалъулъ.
Аминат Тӏолбоевалъул
гӏумруялъул бакъ
Директоралъе цӏакъ рокьулел ругоан лъимал. Лъаларо, гьелъ гьеб гӏажаибго недегьаб рокьул лъималазда лъазе толебищали, амма цӏалдохъабазул хӏакъалъулъ бицунеб гьоцӏо хъвараб каламалъ хӏайран гьарун рукӏана ниж.
Аминатица жиндирго гӏумруялъул бакълъун рикӏкӏунеб буго школа. Гьеб бакъул чӏораллъун кколел цӏалдохъабаз даимаб хинлъи кьолеб буго гьелъул кӏудияб, 180 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб ракӏалъе. Гьелъул талихӏалъул чӏвабилъун ругел лъималаз бакараб цӏадуца хъизамалъул гъанситоялъеги кьолеб буго хинлъи. Ва гьел чӏваби цолъулел руго. Кӏиго хинлъи — цохӏо бакъ. Кӏиго хъизан — цохӏо бакъ. Кӏиго талихӏ- цохӏо бакъ. Гьеб бакъалда цӏарги — Аминат. Биччанте гьеб кидаго гвангъун хутӏизе сугъулдерил лъималазе.