Бидуца белъараб балагьаб гьатӏан

Питна бекьизе бокьаразухъа киданиги бажаризе гьечӏо халкъалъул гьудуллъи-вацлъи биххизабун

18 февралалда Гъизляр шагьаралъул килисаялдаса къватӏире рахъунел насраниязде кьвагьдана гӏолохъанчи. Гьес чӏвана ункъо чи ва лъукъана щугояв. Тӏаде щварал Росгвардиялъул хӏалтӏухъабаз гьевги чӏвана. Лъукъаразда гьоркьов вуго низам цӏунулел идарабазул кӏиго хӏалтӏухъанги.

Такъсир гьабурав ватана 22 сон барав Халил Халилов. Гьеб такъсиралъул жавабчилъи жидедаго тӏаде босана ИГИЛалъ (Россиялда гьукъараб къокъа).

Гьеб такъсиралъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул иеромонах Иоанница: «Бакъанил гӏужалъ килисаялдаса къватӏире рахъунел рукӏана насраниял. Гьезде кьвагьдезе байбихьана гӏолохъанчияс. Нижеца хехго къана килисаялъул нуцӏа. Жаниве лъугьине бажаричӏелъул, гӏолохъанчи кьвагьдолев вукӏана килисаялъул къадазде. Гьес чӏвана ункъо чӏужугӏадан. Хадубккун больницаялда хвана цоги чӏужугӏадан. Лъукъана кумекалъе тӏаде щварал полициялъулалги. Гьединаб вахӏшияб иш Дагъистаналъул ракьалда ккей буго тӏасан борчӏараб лъугьа-бахъин. Гьабсагӏаталда Дагъистаналъул тӏолалго килисабазда чӏезарун руго полициялъулал. Къварилъи ккарал гӏадамазеги хваразул хъизаназеги кумек гьабулеб буго епархиялъги республикаялъул ва шагьаралъул нухмалъиялъги».

Щуазаргониги дагъистанияв вачӏана чӏварал рукъулеб къоялъ гьезулгун къолъикӏ гьабизе. Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епархиялъул архиепископ Варлаамил бихьизабиялда рекъон, гьел рукъана килисаялъул ракьалда.

«Нижер килисаялъул кӏалтӏа садакъа гьарулей йикӏарай Ирина Мельниковалъул къвачӏа нахъе босизе кӏолеб гьечӏо нижеда. Гьелъул бахӏарчилъиялъ хвасар гьаруна килисаялда жанир рукӏарал гӏадамал. Кодоб къвачӏагун яхъана гьей чӏвадарухъанасде данде. Гьесул кверазда къвачӏаги кьабун, гьесухъа туманкӏ бортизабизе хӏаракат бахъулеб букӏана гьелъ. Гьеб заманалда жаниб рес щвана нижее килисаялъул нуцӏби рахазе», — ян бицана килисаялъул иерей Павел Каликиница.

Килисаялъул азбаралда чӏвана: Вера Моргунова, Людмила Щербакова, Надежда Терлиян, Ирина Мелькомова, Вера Блинникова. Больницаялда руго Надежда Кушнарева, Наталья Плетухина, ППСалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Рамазанов ва Росгвардиялъул аскарияв Султан Хизриев.

Людмила Щербакова 40 соналъ хӏалтӏана больницаялда, гьей йикӏана ДРялъул мустахӏикъай тохтурлъун. Бесдаллъана гьелъул кӏиго яс.

Вера Моргунова йикӏана Гъизляр районалъул Захӏматалъул ветераназулги тылалъул захӏматчагӏазулги советалъул председательлъун.

Къварилъи киназего гӏахьалаб буго

Гъизляралда ккараб лъугьа-бахъиналъ ракӏ лъукъарал дагъистаниязги Россиялъул политиказгун жамгӏиял хӏаракатчагӏазги загьир гьарулел руго гьадинал пикраби.

Россиялъул патриарх Кирилл: «Килисаялъул кӏалтӏа щибго гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвай ккола вахӏшияб такъсир. Гьеб гьабурав чиясухъ, щиб бицаниги, ракӏбухӏизе бакӏги гьечӏо. Гьединаб иш бажарула гӏицӏго илбисалда хадув лъугьарав ва рекӏелъ ракълилабги рокьулги къатӏра гьечӏев чиясухъа.

Нус-нус соназ Кавказалда гӏумру гьабулеб буго насраниябги исламиябги диналда рекъон. Гьез хӏаракат бахъула цоцалъ гьуинго рукӏинеги, мадугьаласе зарал ккеларедухъ гӏумру тӏамизеги, хӏажаталъуре кумекалъе рахъинеги. Гьез адаб гьабула цоцазул тарихалъулги маданияталъулги. Ракӏчӏун абила – гьабураб квешлъиялде рекъонкколеб тамихӏги букӏине ккола такъсирчиясе.

РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Олег Белавенцев: «Низам цӏунулел идарабаз ралагьулел руго гьеб вахӏшияб такъсир гьабизе ракӏалде ккарал такъсирчагӏи. Гьезие гьабизе буго мустахӏикъаб тамихӏги. Сунцаниги ритӏухъ гьаруларо гьединал ишал гьарурал гӏадамал. Ракӏчӏун божарав вуго питна бекьизе бокьаразухъа бажаризе гьечӏо Северияб Кавказалъул вацлъиялъул халкъазул гьудуллъи биххизабизе».

ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Владимир Васильев: «Дица зигара бала къварилъи ккарал киназдаго. Лъугьа-бахъиналъул цӏех-рех гьабулеб буго. Лъукъаразе кумек гьабулеб буго тохтурзабаз. Гӏуцӏун буго оперативияб штаб. Республикаялъул нухмалъиялъ кумек гьабизе буго хваразул хъизаназеги къварилъи ккаразеги».

Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги архиепископ Варлаам: «Насранияб диналъул хӏаракатчагӏазе къварилъи кканилан рагӏидал, дун цӏакъ пашманлъана. Хьул буго, Кӏудияб кӏалкквеялъул сордоялъ накълулъарал гьезие алжан насиб-лъиялда. Жинца дунялги инсанги вижарасда гьарула къварилъи ккаразул хъизамазе сабру, лъукъаразе сахлъи кьеян.

Кин гьеб иш ккун батаниги, дир ракӏчӏола, такъсирчагӏазухъа бажариларо республикаялда ракълилаб гӏумруялъе ахир лъезе. Нилъ – бусурбабиги насраниялги – вацал гӏадин гӏумру гьабизе ругьунал руго ва кинабгӏаги вахӏшияб хӏужа сабаблъун гьеб вацлъи-гьудуллъи биххизе теларо. Нилъ руго цо Инсул лъималги лъикӏал мадугьалзабиги».

Пачалихъияб Думаялъул депутат Юрий Левицкий: «Щибго гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏвай сунцаниги ритӏухъ гьабуларо. Дида лъала Дагъистаналда ругел киналго диназул вакилзабаз гьеб такъсир гьабурал гӏадамазе нагӏана кьолеблъи. Гьеб буго нилъер халкъазда гьоркьоб питна бекьизе мурадалда гӏуцӏараб иш. Амма Дагъистаналъул халкъал гьедин бигьаго рикь-рикьизарун бажаруларо».

Дагъистаналъул муфтият: «Пашманаб хабар щвана нижеде: вагьабиясул кверзукьа хвана щугояв ва жеги чанго чи лъукъана. Инсанасе зулму гьаби Дагъистаналъул муфтияталъ рикӏкӏуна вахӏшилъилъун. Исламалъул цӏаралдаса такъсирал гьарулел чагӏазул кинабгӏаги бухьен гьечӏо нилъер диналъулгун».

Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул регионалияб отделение: «Терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде данде къеркьеялъги республикаялда ришватчилъи тӏагӏинабизе хӏаракат бахъулеб букӏиналъги хӏалхьи толеб гьечӏо республикаялъулги Россиялъулги халкъазул гьудуллъиги территориалияб цолъиги биххизабизе гъира бугел къокъабазе.

Нижер пикруялда, килисаялъул азбаралда ккараб лъугьа-бахъин буго Дагъистаналъул нухмалъиялъулги халкъалъулги божилъиялде данде гьабураб иш. Амма ниж божула, дагъистаниязул жамгӏияталъ гьезие мустахӏикъаб жаваб кьезе букӏиналда, ай жеги гъункун, вацлъи щулалъизабун, квешлъиялде данде къвакӏизе рукӏиналде. Чӏвадарухъан ритӏухъ гьавизеги гьечӏо цониги дагъистанияс».

Гъизляралда ккараб ишалъ пашманлъизарурал дагъистанияз – Пачалихъияб Думаялъул депутатазги, республикаялъул парламенталъги, муниципалитетазул нухмалъулезги, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабазги – рачӏунел руго зигараялъул кагътал. Гьел рачӏунел руго тӏолабго Россиялъул шагьараздасагун росабалъаги.

Кавсарат Сулейманова