Лъикӏаб ишалде пикру буссараб гӏел
Редакциялъ тӏоритӏарал къецазул гӏахьалчагӏазе шапакъатал кьуна
Магӏарул газеталъул 100-сонилабги Шамил имамасул 220-сонилабги байрамазул ва Кӏудияб Бергьенлъиялъул хӏурматалда редакциялъ тӏоритӏана хъвавул хӏалтӏабазул къецал. Араб анкьида нижехъе гьоболлъухъ щвана къецазулъ гӏахьаллъарал Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул школазул цӏалдохъаби. Гьебго къоялъ редакциялъул хӏалтӏухъабазулгун лъай-хъвай гьабизе нижехъе бачӏана Гъоркьа Чирюрт росдал школалъул цӏалдохъабазул къокъаги.
Данделъи рагьана «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камаловас. Гьес бицана миллияб басмаялъул халкъалъе бугеб кӏваралъулги, гьелъул тарихалда лъикӏаб лъалкӏ тарал редакторазулги, мухбиразулги хӏакъалъулъ. Гьес кӏварбуссинабуна рахьдал мацӏ цӏунизеги, редакциялъулгун гьудуллъи гьабизеги ккеялде.
Гьелдаса хадуб къецазул гӏахьалчагӏазе сайгъаталги дипломалгун баркалаялъул кагъталги кьуна. Баркалаялъул кагъат кьуна газеталъ гӏуцӏарал конкурсазде цӏалдохъаби хӏадуризе хӏаракат гьабулев Мухӏамад-Расул Расуловасеги. «Редакциялъе баркала буго лъималазе пайдаял къецал гӏуцӏаралъухъ. Гьезда гӏахьаллъулаго, гьез цӏех-рех гьабула эбел-инсуда, чӏахӏиязда, лъазабула росдалги тухумалъулги тарих. Батӏи-батӏиял росабалъа лъимал ругониги, дица жигар бахъана жидерго гьунар загьир гьабизе гьезие кумек гьабизе. Цӏалдохъабиги гьезул гӏагарлъиги ралагьун чӏун рукӏуна газеталъул иргадулаб номер бачӏиналъухъ. Цересел соназда тӏоритӏарал къецазул гӏахьалчагӏазул эбел-инсуца баркала кьолеб букӏана лъикӏаб ишалде жидер лъималазул пикру буссинабуралъухъ. Гьединлъидал, дида ракӏчӏун абизе кӏола, редакциялъ цӏакъ пайдаяб иш гьабулеб бугин. Исана ниж рачӏун руго нужер байрамалъул хӏурматалда гӏуцӏараб адабияталъул композицияги хӏадурун», — ан бицана Мухӏамад-Расулица.
Хасавюрт районалъул Къарланюрт, Цӏияб Гъадари, Муцалаул росабазул ва Сагьада поселокалъул школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏана чӏварал журналистазде, магӏарул газеталде, миллияб мацӏалдегун шагӏирзабазде гьарурал кучӏдул. Цӏалдохъабазул жигаралъе къимат кьолаго, Муцалаул росдал кӏиабилеб
гьоркьохъеб школалъул директор Багьавудин Хӏамзатовас гьадин абуна: «Жакъа щибаб школалъул директорасда цебечӏараб масъала буго миллат цӏуни. Гьеб цӏуниялъул аслияб бутӏалъунги ккола рахьдал мацӏалде рокьи куцай. Камулел гьечӏо, жидер лъималазе магӏарул мацӏ хӏажат гьечӏин жагьилаб пикруялъул рахъкколел умумулги. Амма гьезда бичӏчӏулеб гьечӏо, гӏаммаб болмацӏ тӏагӏани, гьелдаго цадахъ тӏагӏунеблъи нилъер тарихалъул кӏудияб бутӏаги. Школалъул администрациялъ гьелде кьезе ккола цӏикӏкӏараб кӏвар. Кӏаралал, цӏунтӏал, багвалал яги чӏамалал ругин гӏиллабиги ратун, болмацӏалдаса инкар гьаби дида мекъаб—
лъун бихьула. Жакъа гьелъул хӏисаб гьабичӏого, халкъалъул бечелъиялде мугъ рехун чӏани, метер нилъер наслабаз нилъее нагӏана кьезе буго. Некӏсиял умумуз кодоб ярагъгун цӏунана халкъалъул цолъи. Гьеб цолъизабуна гӏаммаб къисматалъги, цогояб тарихалъги, киналго къавмазе гӏахьалаб болмацӏалъги. Гьеб хӏужа кӏочене бегьуларо.
Нилъеца лъималазухъа болмацӏ бахъани, гьел махӏрумлъизе руго Расул Хӏамзатовасулги, Цӏадаса Хӏамзатилги, Фазу Гӏалиевалъулги, Залму Батировалъулги камилал ва гӏакъилал кучӏдуздасаги», — ян.
Мацӏалъ гӏуцӏана магӏарул тарих…
Гьунар, бажари бугел ратана Гъоркьа Чирюрталдаса цӏалдохъабиги. Гьезул программа гӏуцӏун букӏана магӏарул мацӏалъулги адабияталъулги учительзаби Аминат Гӏабдурахӏмановалъги Аминат Насрулаевалъги. Гьез гьадинал рагӏабаздалъун баркана Гӏали Камаловасда 70-сонилаб байрам:
Баркала ритӏухъал макъалабазухъ,
Баркала пайдаял ишазухъ дуе.
Баркала эркенаб пикру цӏунизе
Квербакъи гьабурав тӏадмагӏарулав!
Цӏалдохъабаз рикӏкӏана ва ахӏана магӏарул кучӏдул. Киназго цадахъ ахӏана миллаталъул гимнлъун лъугьарал Расул Хӏамзатовасул «Дагъистан» абураб кочӏол рагӏабиги. Нижер ракӏал хӏайран гьаруна киналго цӏалдохъабазул пагьмуялъ. Хасго кӏудияб асар гьабуна Патӏибика Юсуповалъ рикӏкӏараб «Дир рахьдал мацӏ» абураб Фазу Гӏалиевалъул кечӏалъ:
Гьеб мацӏ дие кьуна мугӏрул чӏужуялъ
Жиндирго хирияб хазина гӏадин.
Эбелалъ жиндийги кьун букӏанила,
Кьейила дуцаги дурго лъимазе.
Гьеб мацӏ дие кьуна магӏарулаца,
Магӏарул намусгун, бечедаб ирслъун.
Бацӏцӏадго цӏуне гьеб, бечед гьабе гьеб,
Гьелда ахӏе дуца хӏасратаб кечӏин.
Биччанте гьеб дагьаб хъачӏаб букӏине,
Хъачӏал кьурабазда гӏураб букӏине.
Гӏагараб рахьдал мацӏ, дир магӏарул мацӏ,
Дир рекӏелъ бессараб, бидулъ бетараб,
Дицаги кьела мун рахьдада цадахъ
Дирго лъималазе: «Ма, босе!» — йилан.
Кочӏол щибаб рагӏи рекӏелъе бортуледухъ цӏалана Патӏибикаца. Жакъаго хӏалтӏизе бегьила миллияб театралда, — ян рецц-бакъги гьабуна киназго гьелъие.
Аминат Гӏабдурахӏмановалъ редакциялъул хӏалтӏухъабазе сайгъат гьаруна жинца хӏадурарал ва басмаялде рахъарал словарал.
Миллаталъул чӏухӏилъунги маданияталде рокьигун гӏолеллъунги рихьана нижеда гьеб къоялъул гьалбал.
Рахьдал мацӏалъул къоялде
Харбица хур бекьулебани…
Миллиял мацӏазул Халкъазда гьоркьосеб къоялъул хӏурматалда дандеруссин
Гӏалибег Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиябгун цӏех-рехалъул институталда ракӏарун рукӏана районазулги шагьаразулги школазул вакилзаби. Гӏаммаб данделъиялда, кидаго гӏадин, гӏодор чӏезе бакӏцин щвечӏо киналго учительзабазе. Бищунго гӏемер рукӏана магӏарул мацӏалъул учительзаби.
Данделъи рагьана институталъул директор Марина Хӏасановалъ. Гьелъ киназдаго баркана Рахьдал мацӏазул къоги, гьарана хӏалтӏулъ икъбалги. «Халкъалъул тарихгун маданият цӏуниялъе кӏудияб кӏвар буго миллияб мацӏалъул», — ан абуна гьелъ.
Рахьдал мацӏал школазда малъиялъулги цӏалул тӏахьаздалъун ва методикиял пособияздалъун учительзаби хьезариялъулги рахъаз институталъ гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицана директорасул заместитель Меседу Шурпаевалъ. Рахьдал мацӏазул пашманаб къисмат букӏиналъе гӏиллалъун гьелъ рехсана хъизамалда мацӏ кӏочонеб букӏин. «Кӏочонел руго миллиял гӏадатал, билулеб буго миллияб хасият. Хасго гьеб унти цӏикӏкӏун буго шагьаразда. Лъимералда рахьдал мацӏ малъизе ккола эбелалъ. Кин гьелъ гьеб малъилеб, жиндаго лъалеб гьечӏони? Жиндаго лъалареб мацӏ лъимералдаги малъизе хӏажат гьечӏин абулеб буго гьез школалъул учительзабаздаги. Мацӏ хӏажат гьечӏин чӏарал хъизамаздаса лъималазул гъираги букӏунаро рахьдал мацӏалъул дарсиде хӏадурлъизеги гьеб лъазабизеги. Лъимадул букӏинеселъул ургъелалда рукӏуна эбел-эмен. Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялда рекъон куцала гьез лъималги. Жакъа нилъер жамгӏиятго кьурун буссунеб буго миллияб маданияталдаса. «Рахьдал мацӏ лъазе ккола» абураб пикруги хутӏулеб буго хӏакимзабазул рекӏеда хъинтӏулареб ахӏилъун. Амма гьебго заманалда, федералиял законаз гьукъулеб гьечӏо рахьдал мацӏ малъизе. Гьелъие ихтиярал кьун руго. Гьел ихтияраздаса пайда босизе инкар гьабулеб буго нилъецаго», — янги абун, Шурпаевалъ бицана федералияб цӏалул планалъулги пачалихъияб стандарталъулги чарагьечӏеб бутӏалъун кколин миллиябгун регионалияб ва миллиябгун маданияб компонентги.
ДГУялъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Нурмухӏамад Хӏажиахӏмадовас бицана рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда рехсараб вузалъулги ДНЦялъул Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъулги (ИЯЛИ) гӏалимзабаз хӏадурараб кибербиблиотекаялъул хӏакъалъулъ. «Жакъа Интернеталъул бугеб кӏвар киназдаго бичӏчӏула. Гьелъул кумекалдалъун рес буго миллиял мацӏал цӏунизеги. Гьабсагӏаталда нижеца хӏадурулел руго рахьдал мацӏазул интернет-корпусал. Цо корпус хӏадуризе хӏажалъула 600 азаргогӏан гъуруш. Хӏадурун бахъун буго лезги мацӏалъул корпус. Буго дагьабго бутӏа магӏарул мацӏалъулги. Хутӏарал мацӏазе гӏарац щоларого буго. Корпусалъухъ чӏобого халгьабизе бегьула. Гьединал корпусазул кӏудияб кӏвар буго миллиял мацӏаздаги адабиятаздаги тӏад гӏелмиял цӏех-рехал гьариялъе. Россиялъул гӏемерисел регионазда гьабулеб буго гьединаб хӏалтӏи.
Миллияб мацӏ цӏунун хутӏула, дир пикруялда, халкъалъе жиндир хаслъи цӏунизе бокьун бугони. Халкъалъе гьеб бокьичӏони, пачалихъалъул кумекалъулги кинабгӏаги пайда букӏунаро», — ян абуна профессорас.
Нурмухӏамад Хӏажиахӏмадовас бицараб миллияб мацӏалъул интернет-комплекс кин хӏалтӏизабулебали бихьизабуна ИЯЛИялъул гӏалимчӏужу Сабина Шихгӏалиевалъ.
Гӏелмияб данделъиялда гӏахьаллъана Россиялъул «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб къецалда гъоркьиса тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъарай Ленинкенталъул №35 гимназиялдаса лъарагӏ мацӏалъул учительница Зарема Жанхуватоваги, рехсараб къецалда батӏи-батӏиял соназда чӏел босарал учительзаби Гулишат Мухӏамадрасуловаги Зарият Базаеваги. Заремаца кьуна рахьдал мацӏалъул дарсги.
Махӏачхъала шагьаралъул рахьдал мацӏазул учительзабазул методикияб цолъиялъул нухмалъулей Рукъият Абакархӏажиевалъул кӏалъай букӏана цӏикӏкӏараб рекӏел асар гьабулеблъун. «Щибаб соналъ нилъ данде гьарулеб къо буго Рахьдал мацӏазул къо. Цересел соназда гьеб къоялде гӏуцӏулел тадбиразулъ гъираялда гӏахьаллъулаан дун. Ракӏалде кколаан, нилъер школазул масъалабазул хӏакъалъулъ хӏакимзабазда лъаларин, гьеб гьезда бицине кколин ва гьезги, учительзабазго гӏадин, хӏаракат гьабилин гьел масъалаби хехго тӏуразариялъе ресал ратизе. Амма дир гьайбатал анищал санайилго хӏорго хутӏулел руго. Хӏакимзабазда бичӏчӏулебго гьечӏо рахьдал мацӏалъул бугеб кӏварги магӏнаги. Гъоркьиса рохеллъун лъугьун букӏана республикаялъул парламенталъул депутатаз рахьдал мацӏазул суал цебелъей. Гьел хьвадана школазде, халгьабуна учительзабазе гӏуцӏун ругел шартӏазул, цӏехана, масъалаби тӏураялъе квербакъулел нухал кинал рихьулин. Хадубккун щиб гьез гьабурабали балъголъилъун хутӏана. Исана жеги ракӏбакъвазабуна нилъер учительзабазухъаги цӏалдохъабазухъаги кодоса цӏалул тӏахьал рахъиялъги.
Амма, цин-циял гӏунгутӏабазги квекӏеназги ракӏбуссинабулел чагӏи гуро шагьаралъул учительзаби. Хӏисаб гьабе, «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб конкурс Россиялда тӏобитӏана 10 нухалда ва гьелдаги гӏахьаллъун, щуцӏул бергьана Дагъистаналдаса учительзаби! Гьединал педагогал рукӏаго, нилъер школазда рахьдал мацӏазе кинабгӏаги хӏинкъи букӏинаро. Биччанте нилъехъа тӏахьал рахъизе, методикиял алатал кьунгутӏизе, цӏалдохъабазул умумул рахьдал мацӏалде данде гьусизе – нилъер учительзаби гьел хӏужабаз хӏинкъизариларо! Гьез куцарал цӏалдохъабаз кучӏдул рикӏкӏунеб мехалда черхалда гъаргъар бала, рекӏелъ чӏухӏиялъул асар щулалъула. Гьедин букӏана араб рузманкъоялда шагьаралъул цӏалдохъабазда гьоркьоб тӏобитӏараб къецалда лъималаз пасихӏго, берцинго, щибаб гьаракь ургьибе лъугьунедухъ нилъер шагӏирзабазул асарал рикӏкӏунеб мехалдаги. Баркала нужее, хириял учительзаби!», — ян абуна Рукъиятица.
Гӏаммаб данделъиялдаса хадуб учительзаби рикьана мацӏазул секциязде. Магӏарул мацӏалъул учительзабазул горсвери букӏана пайдаяблъун. Гьениб бицана учительзабазул ракӏунтарал масъалабазул хӏакъалъулъ. Къокъго абуни, цоги нухалда такрар гьабуна рахьдал мацӏалда цӏезабизе кколин классалъул журналалда ругел мацӏалъулги адабияталъулги гьурмал, цӏалул тӏахьал кодоса рахъизе ихтияр лъилниги гӏоларин, гьел гӏарцухъ ричун росарал ругони, методикиял пособиязул бакӏалда Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул сайталда лъурал дарсил планалги цогидал методикиял тӏахьалги.
Рахьдал мацӏал малъиялда сверухъ хӏалуцин жеги цӏикӏкӏине бугин бицана ДНИИПалъул рахьдал мацӏазул секторалъул нухмалъулев Хӏайбула Вакиловас. «Цӏияб цӏалул соналдаса нахъе щибаб школалъ хӏадуризе ккола хасаб цӏалул план. Гьелъие кьочӏое босизеги ккола федералиял стандартаз бихьизабураб цӏалул планалъул ункъо тайпаялда гьоркьоса цояб. Гьезда гьоркьоса цоялда рекъон рахьдал мацӏ школалда малъизе кколаро, хутӏараб лъабабго тайпаялда рахьдал мацӏ малъизе ккола. Рахьдал мацӏ цӏалул мацӏлъун босулеб бугони, гьелъие бихьизабун буго анкьида жаниб щуго-анлъгониги сагӏат. Гӏицӏго дарс хӏисабалда малъизе бугони – лъабго сагӏат. Кинаб тайпаялъул цӏалул план тӏасабищилебали бараб буго школалъул администрациялдаги, педагогазул советалдаги, умумуздаги. Рахьдал мацӏ гъорлъ бугеб тайпа тӏасабищизе хӏаракат гьабизе ккела учительзабазги», — ян абуна Вакиловас.
Гьумер хӏадурана
Кавсарат Сулеймановалъ.