Исанасеб кӏалбиччанкъоялъ цӏунизе ккараб гӏадатияб гуреб низам гӏемерав чияс батӏи—батӏияб къагӏидаялъ загьир гьабуна. Дир хӏисабалда, тӏолабго дунялалда пашманлъи тӏибитӏараб гьаб заманаялъ, рокъоб гӏидалъул къо тӏобитӏи—гьеб магӏу гьабизе ккараб захӏмалъи гуро. Гьеб къоялъ, хӏалтӏул жавабчилъи цӏикӏкӏиналъ, рокъоре раккизе щвечӏелги, рукъго гьечӏелги, рикъзи къанагӏаталги бусурбаби дагьал гьечӏелъул ракьалда. Сабруго хварал магӏаби тӏиритӏизаричӏого, ракӏазе бигьалъи кьолеб каламалъулго кири гӏемер букӏинаан.
Рекӏелъ иман бугони
Альхӏамдулиллагь, цӏикӏкӏарасеб халкъ гӏакъилазда цадахъ билълъана. Щивас рокъоб байрамалъул тепсиги гӏуцӏун, имамзабазул ахӏиги гӏадахъ босун, берцинго тӏобитӏана гьеб къо магӏарухъги. Узухъда, рукӏана ва руго захӏмалъабиги. Киналго росабалъ гурелъулха ругел халкъалъе хӏажатаб нигӏмат бичулел тукаби. Гӏемерисел гӏадамал райцентралде ине ккола нигӏматазда хадур. Росулъа къватӏиве яги жаниве чи виччалареб мехалъ, киса босилеб хӏажатабщинаб? Гьеб суал масъалаялде сверизе течӏого тӏубазабулеб буго жидерго жамагӏаталъул жавабчилъи тӏаде босулел бегавулзабаз.
Мисалалъе, Шамил районалъул райцентралдаса бищунго рикӏкӏадазул цоял руго къелдерил росаби. Гьезул анлъабго росу жанибе бачуна Ругъелда росдал администрациялъ. Жиндир-чияр росу батӏа бахъичӏого, киса-кибего цокӏалаб тӏалаб чӏезаби, гьеб бегавуласул бичӏчӏиялда бараб букӏинарищха. Хасго гьадинаб къварилъи тӏаде рещтӏараб мех буго гьезул жавабчилъиялъул хӏалбихьулеб заман. Къелдерил росабалъ бугеб ахӏвал- хӏал цӏехолаго, гьадинаб жаваб щвана гьезул жамагӏаталъул рахъалдасан:
«Тӏад тарав чиясе мукӏурлъула рекӏелъ иман бугев чи, гьес гьезул тӏалаб битӏун къабулги гьабула. Къелдерил анлъабго росулъ жакъа росдал бегавуласги имамзабазги гьабураб хӏукмуялъухъ гӏенеккуларев чиго ватиларо.
Росабалъа къватӏире-жанире чӏалгӏаде хьвадизе бегьунгутӏи бичӏчӏизабун буго жамагӏатазда. Гьеб хьвади гьукъиялъе хъаравуллъиги лъун буго администрациялъ. Мисалалъе, райцентралде — нахъе эркенго хьвадизе рес гьечӏолъиялда бан, «Инсан» фондалъул филиалалъ ва администрациялъ жамагӏатазе хӏажатал киналгӏаги нигӏматал раччизе хасаб транспорт чӏезабун буго. Кинавго чиясе рес буго къваригӏараб дару-дарманалъулги, кванил нигӏматазулги сияхӏ бахъун, гьелъул жавабчилъи тӏадкъарав хасав чиясухъе кьезе. Анкьида жаниб кӏиго нухалъниги гӏадамазе хӏажатабщинаб бачӏуна росабалъе. Щибаб рукъалъул тӏалаб буго администрациялъул жавабчилъиялда гъоркь. Цогидалъул бицинчӏого, газалъул балоналцин цӏезарун рачӏунел руго росабалъе.
Рагъул заманаялъ гӏадаб низамалда хӏалтӏулел руго жакъа нижер бегавул Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовги гьесул заместитель Гӏалиасхӏаб Мухӏамадовги. Гьезие кӏудияб квербакъи буго имамазабазул, щибаб росулъ рищарал жамгӏиял хӏаракатчагӏазул. Иман камилав чи бегавул вукӏиналъулъги батила кӏудияб баракат бугеб къелдерил халкъалъе..
Пашманлъи рещтӏуна гӏасилъи бихьун
Исана кӏалбиччанкъо тӏолалго бусурбабазул цого къагӏидаялъ — рокъоб, хъизаналъул горсверулъ ана. Цогидаб мехалъин абуни, щибаб бакӏалда жидерго хаслъигун тӏобитӏула гьеб, тӏолгоязе къиматаб байрам.
Кӏалбиччанкъоялъ росу-ракьалдаса кигӏан рикӏкӏада яшав гьабун ругезги хӏаракат бахъула умумузул хабада дугӏа гьабизе, цӏикӏкӏаразухъе, унтаразухъе, гӏага-божаразухъе щвезе магӏарухъе рачӏине. Нилъеда лъала, гьеб къо гӏагарлъулаго, шагьараздаса мугӏрузде букӏунеб машинабазул чваххи. Хӏикматаб рохелги гӏажаибаб пашманлъиги рещтӏуна бусурбабазул ракӏазулъ гьеб къоялъ. Пашманлъи — хварал ракӏалде щун, гьабичӏого хутӏараб гӏибадаталда ракӏ бухӏун, рохел — рокьулелщинал рихьун, рекӏее къабулаб хӏалалъ садакъа гьабизе щун. Пайда щиб, щибаб лъикӏлъиялде рагӏад рехулеб квешаб рахъги камуларелъул. Нилъер гӏемераз гьеб бихьичӏеб ххвел гьабун тола.
Пашманлъи рохалидаса бергьуна, гьеб хирияб къоялъ кӏи- гьумерчилъи, иманалъул загӏиплъи, къокъго абуни, инсанасул гӏасилъи бихьун. Кӏал биччарабго гьакълиде руссунелги загӏипал гӏадамал камулел гьечӏелъул. Росу бахилаб гӏамалалъул гӏолохъанчи гӏодове къулула, гӏидалъул къо ахиралде щвелелде мехталил риччалъ цӏикӏкӏарав вац вихьун, гьесда аман гьарулей эбелалъул бадиб магӏу бакъваларо, лъадулгун росасул рокьукъаб хабар халат бахъуна. Гьединав инсудаса лъималазе бугеб баракат бахъунеб мисалалъул бицинего ккелищха. Щайгӏаги мун росулъе вачӏарав, лъарагӏлъиялъул эркенлъиялде ругьунлъарав магӏарулав, гьаб хирияб къоялъ Аллагьас кьураб алжанул гӏаркьел гӏадаб гьайбатаб тӏабигӏат чорок гьабизе гӏаракъидул шушбиги цадахъ росун?! Гьеб питнагун мунагь бекьулеб кепалда гӏолохъаби рихьаниги, гьезие вагӏза-насихӏат гьабуларелги росаби руго нилъер. Щал чагӏиха кколел росдал тӏалаб гьабизе тарав бегавул, имам, дибир?! Кир нуж ругел, жамагӏатчагӏи?! Гьал суалазе жаваб щвезе бокьаразе лъикӏаб мисал бихьизабулелги руго бакӏал.
Къелдерил кӏалбиччанкъоялъул цӏияб гӏадат
Къелдерил анлъабго росу жаниб парахалъараб ракь Шамил районалдаго бищун тӏабигӏат берцинаблъун рикӏкӏуна. Гьединабго берцинаб гӏамал-хасияталъул халкъги буго гьениб. Гӏадатазул хаслъиялъул ва гьобол хиралъиялъул рахъалъги тӏокӏлъи босараб бакӏ буго гьеб.
Исана анцӏабилеб сон буго къелдерил жамагӏаталъ бегавуласул иш, гӏелмугун гӏамал рекъарав гӏолохъанчи Гьитӏинамухӏамад Гьитӏинамухӏамадовасда тӏадкъаралдаса. Щибаб росдае хӏажаталъул тӏалабазда къаси-къадлъи гьечӏого векерулев гьесда рекъечӏеблъун, жамагӏаталъул гӏуцӏиялъе заралияблъун бихьана кӏалбиччанкъоялъул къаде нахъе гӏолохъаби тӏабигӏаталде рахъун, бакӏ-бакӏалда гӏуцӏулеб квана-гьекъей. Рекъараблъун бихьана гьесда, анлъабго росдал жамагӏатал данделъулеб къоялъ, административияб центрлъун бугеб Ругъелда росулъ кӏудияб мажлис тӏобитӏизе.
Мурад — жамагӏат гъунки, росабазда гьоркьоб гьуинлъи цӏикӏкӏин, заралияб пишаялдаса гӏолохъаби нахъе цӏай. Бегавуласда цадахъго мажлисалъул жавабчилъи тӏаде босана росабазул имамзабаз, жамагӏатчагӏаз. Санайил, мажлисалде хӏадурлъулаго, росабалъ лъазарула исламалъул кьучӏ щула гьабулел конкурсал. Гьенир гӏахьаллъаразе щола, жидерго какгун кӏал камиллъи гуребги, жамагӏаталъул исламиял хӏажалъаби тӏуразаризе чара гьечӏеб лъайги. Конкурсалда гӏахьаллъаразе ва бищунго лъикӏал хӏасилал рихьизарурал командабазе сайгъатазе мажлис гӏуцӏараз санайилго гӏарцулал сурсаталги чӏезарула.
Тӏоцебе гьеб мажлис тӏобитӏана 2011 соналъул кӏалбиччанкъоялъул къаси. Дагъистаналдаго машгьурал исламиял гӏалимзаби ахӏун рукӏана гьенире. Мажлисалда гӏахьаллъарав, нилъее баракатгун шафагӏат щваяв гӏалим, мунагьал чураяв Бакълъухъа Гӏабдулгъафурил Мухӏаммадица гьабураб вагӏза-насихӏат биун рекӏелъе инчӏев чи нагагьги хутӏун ватила: «..Цо чи живго жиндаго чӏун тӏубалареб, вацлъиги, цолъиги, гьудул-гьалмагълъиги къваригӏунеб жо буго дуниял. Дунялалъул рукъ нилъее лъугьунеб буго ахираталъе бекьулеб хурлъун. Аллагьасдаса хӏинкъун, рекӏелъ бугеб иманалъе гӏоло гьабураб гурони, дунялалъул ишазе гӏоло гьабураб вацлъи, гьудуллъи, данделъи нилъеда ахираталъул рокъоб батулеб гьечӏо. Нилъеца шаригӏаталъе, гӏадамазе лъикӏлъиялъе, гьезул ракӏал цо гьариялъе, динияб гӏамал-тӏабигӏат мисаллъун букӏиналъе гьабураб мажлисалъ азарго цогидаб, ай исламияб гуреб, баракат кьолареб мажлис чурулеб буго. Дуниялалъул рокъоб хайиралъе, кепалъе тӏоритӏулел мажлисазда гӏахьаллъарал ахираталда цоцазе тушбабилъун рукӏунин абун буго, амма гьадинал мажлисазда гӏахьаллъарал ахираталда Аллагьасда аскӏор цоял-цоязе шафагӏаталъеги рукӏунел руго..»
Кӏалбиччанкъо бугониги, къватӏисан хӏурматиял гьалбал гӏемер рачӏуна гьенире санайилго. Ганчӏил ракӏ бугевги чиясулъ иман цӏилъилин ккарал вагӏзабиги, нухго гьечӏеб кьурулъ къосарасе шагьранух рагьулел насихӏаталги рагӏула гьенир данделъаразда.
Къелдерил хасияталъулъ бищун берцинаблъун бихьула цоял цогидазухъ гӏенекки, дун цӏакъавин лъугьинчӏого, лъикӏаб иш гьабулесда нахърилълъин, цоцае квербакъи. Гьеб загьирлъула ригьналъ, гваязулъ, къварилъи ккаралъуб. Гӏаммаб ишалъулъ гьез лъолеб кӏудияб бутӏа баянго бихьула тартибалда гӏуцӏарал чӏахӏиял тадбиразда. Кӏалбиччанкъоялъ гӏадатлъун билълъараб тадбирги гӏицӏго диналъул бицарал вагӏзабаздалъун къокълъуларо. Байрамалъул программа гӏуцӏун букӏуна культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагӏи, школлъимал, гӏолилазул жамгӏиял гӏуцӏаби, хӏатта ясли- ахазул гьитӏичалгицин гьоркьоре рачун.
Театралиял сценкаби, къецал, миллиял музыкалиял алатазда ватӏан бокьиялъул темаялда ахӏулел кучӏдул, гӏахьалчагӏазе рикьулел сайгъатал — кинабго рекъезабун гӏуцӏараб камилаб тадбир. Гьеб буго къелдерил церехъабазул бергьенлъи, жамагӏаталъул бечелъи. Исанасеб байрамалъул ками, кӏвар, кӏодолъи цӏакъго бичӏчӏун батила къелдерида.
Ракӏ унтун гьабураб кинабго ишалда рекӏее рохел кьолеб нур букӏуна. Гьединабго нур бессарал рукӏуна мугӏрул ракьанда ругел гӏисиналго росабазул гӏадамаз гӏумру берцинлъиялъе гӏуцӏулел тадбиралги.
Нилъеда лъачӏониги, ратизе бегьула гьединал хаслъаби цогидал магӏарул росабалъги.