Хъумторхъала районалъул Темиргъое росдал школа бана 1975 соналда. Гьабсагӏаталда гьенив цӏалулев вуго 340-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Школалъул директор, математикаялъул учитель Умалат Хангишиевас бицухъе, школалда руго киналго хӏажатал махщелчагӏи.

Умалат, РФялъул Лъай кьея- лъул министерствоялъ хӏукму гьабуна учителасул моцӏрол харж кӏиго бутӏаялдаса гӏуцӏизе. Учительзаби рази ругищ харж кьолеб къагӏида хисизабиялдаса?

— Гъира базабиялъул бутӏаялъул роцен мухӏкан гьабураб мехалда, дагьлъана къваригӏел гьечӏел харбал. Гъира базабиялъул бутӏаялъ кколаан моцӏрол харжалъул фондалъул 15 процент. Гьеб бикьулаан муниципалиялги регионалиялги тадбиразул гӏахьалчагӏи-цӏалдохъаби хӏа- дурарал учительзабазда гьоркьоб. Щолаан гьеб батӏи-батӏиял къецаздагун данделъабазда гӏахьаллъаразеги. Камулароан гӏарац школалъул администрациялъ «берцин бихьухъе» бикьулеб бугин абурал харбалги. Дун рази вуго харж кьолеб къагӏида цӏи гьабиялдаса.

— Бихьулеб буго школалъул мина басралъун букӏин. Гьеб къачӏазе рес кин батулеб?

— Гьабсагӏаталда бищунго аслияб масъала буго гордал хиси. Капиталияб ремонталъе проектгун документал хӏадурун рукӏана анлъго соналъ цере. Амма, гӏарац гьечӏолъиялда бан, иш рагӏалдего бахъунеб гьечӏо. Гъоркьисаги кьерцисаги документал хӏадурун рукӏана «150 школа» абураб проекталда гъорлъе ккезе. Гьелъулги хӏасил ккечӏо. Проекталъул тӏалабазда рекъон, нижеца валагьизе ккола 300 азаргониги гъурущ школалъе кьезе разилъулев спонсор. Нижер росулъ гьединав чиги гьечӏо.

— Тӏоцебесеб классалде рачӏунел лъимал цӏализариялъул масъала кин тӏубалеб бугеб?

— Темиргъое росулъ гьечӏо лъималазул ах. Цо-цо учительзабаз марталдаго байбихьула гьезулгун хӏалтӏи. Гьел ругьун гьарула классалда гӏодор чӏезе, цоцазе салам кьезе, ручка-къалам кодоб кквезе, рукӏа-рахъине. Щибаб къоялъ цо-кӏиго сагӏаталъ кьола гьезие дарсал. Учителасе гьелъухъ кьолеб жо букӏунаро. Амма учителасда бичӏчӏула сентябралда гьелго цӏалдохъабигун хӏалтӏизе кколеблъи ва ФГОСазда рекъон гьезие дарсал кьезе захӏмалъизе бугеблъи.

— Рахьдал мацӏазул дарсал кин гӏуцӏун ругел?

— Нижер школалда кьола магӏарулги лъарагӏги мацӏазул дарсал. Хутӏарал миллатазул вакилзаби дагьал рукӏиналда бан, гьезие гӏурус мацӏалда кьола Дагъистаналъул адабияталъул дарс.

Цӏиял ФГОСазда рекъон кколел рахьдал мацӏазул цӏалул тӏахьалги чӏорого щвана школалъе.

— Цӏалдохъабазул эбел-инсуца гӏахьаллъиго гьабулищ школалъ гьабулеб хӏалтӏулъ?

— Гӏолеб гӏелалъе тарбиягун лъай кьолеб идара хӏисабалда нижеда тӏадаб буго хӏажат гьечӏел ишаздаса цӏалдохъаби цӏунизе, цӏодорлъи гьабеян гьезда малъизе. Школалде рачӏуна полициялъул хӏалтӏухъабиги, рухӏиял церехъа- биги, наркотиказде данде къеркьолеб комитеталъул вакилзабиги. Гьел дандчӏвала цӏалдохъабигун, тӏоритӏула бахӏсал, тарбия кьея- лъул тадбирал. Гьеб ишалъулъ жигараб гӏахьаллъи букӏине ккола цӏалдохъабазул эбел-инсулги. Амма цо-цоял рачӏуна дарсидеги, гьабула школалъе жидехъа бажарараб кумекги, жигаралда гӏахьаллъула гӏуцӏулел тадбиразулъги. Руго сундего кӏвар кьоларелги.