Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечӏониги, лъимада ратӏа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал.
Гӏадалъ кьабураб тӏилгӏан бакӏлъана Разиятие гьитӏинав Махӏачица, мадугьалихъ йигей Раисатил доваса векерун вачӏунаго, «Баба, Раисатил ругел хӏеренал квералин» абурал рагӏаби.
— Лъикӏ рагӏула. Квералги чурун, кваназе гӏодов чӏа, — ян абуна гьелъ.
Гьелъухъ гӏинги тӏамичӏого, цӏидасанги байбихьана Махӏачица:
— Баба, долъулгиха цӏурачадал рукӏарал. Дуцаги долъул гӏадал щай гьаруларел?
Разиятил гьумер дагь-дагьккун кьерхунеб букӏана, гьелда васас бицунеб жо рагӏулеб букӏинчӏо. Бицунев гьевги тун, гьей Раисатил дое ана ва гьелъие питна гьабуна:
— Дуда, хьихьун вахъараб мехалда, дихъа Махӏач нахъе вачине ракӏалдейищ ккараб?
Дир вацазул гӏарац букӏинчӏебани, вас некӏого ракьулъ вукӏунаан. Цоги нухалда хӏалбихье гьесда недегьго кӏалъазе, дица дуе гьабизе бугеб жо, — ян хӏинкъабиги кьолаго, кьабизабун рукъалъул нуцӏагун, тӏад юссун ана Разият.
Щибго бичӏчӏуларого, гьалгъан хутӏана Раисат…
Разиятги Раисатги рукӏана цоцаздаса ричӏуларел гьудулзаби. Гьелъго батила, гьел къисматалъги гӏагар гьарурал – гьел кколаан дандиялги. Данделъун заман аниги, Разиятилги Юнусилги лъимал рукӏинчӏо. Раисатилги Юсупилги лъабго вас вукӏана. Раисат лъимер гьабизеги йикӏана. Ункъалго рекъон, пикру ккана, кӏиабизе гьабураб лъимер Разиятиеги Юнусиеги кьезе.
Анлъго моцӏидасан лъана Махӏач унтарав вукӏин. Разиятил вацаз гӏемер гӏарац харж гьабизе ккана цохӏо йигей яцалъул вас сахлъизавизе. Раисатицаги Юсупицаги хӏаракат бахъулеб букӏана Махӏачгун гӏагарлъунгутӏизе. Жидерго васалгун васандизе гьев вачӏараб мехалдаги, Раисат къватӏие унаан. Гьелъул ургьимесалда жанисан цо бакӏ тӏун унаан, ункъачойиланги абун, Махӏач аскӏове вачӏиндал.
Цо нухалда ахикь расандулел рукӏарал васазул ахӏи- хӏуралъухъе екерун арай Раисатида, гъотӏодасанги далун, гъоркьеги лъугьун бажаруларого, вихьана Махӏач. Жиндаго лъачӏого, бабал дарманиланги ахӏун, Раисатица гъотӏодаса гъоркье вачана гьев.
— Ункъачо, дур ругел хӏеренал кверал, — анги ахӏун, гьелъул горбода хурхун чӏана Махӏач.
Раисатие бокьун букӏана гьеб талихӏаб лахӏзат халат бахъине. Амма гьей кантӏана – гьелъ Махӏач жиндасаго вичӏизавуна.
— Огь! Эбелалъул кверал. Нужер хӏеренлъиги, недегьлъиги, хинлъиги. Нужеца лъимер беэдун толеб куц!
Нусго, азарго… кверазда гьоркьосаги, эбелалъул гьумер бихьулеб гьечӏониги, лъимералда ратӏа гьаризе лъалеб куц эбелалъул кверал!
Эбелалъун хъатиниб бетӏерги лъун, кьижараб лъимадуе букӏунеб рахӏат, гьелда рихьулел гӏажаибал макьаби. Эбелалъ кодобе бачиндал, лъимадул букӏунеб разилъи, гьеб сункьаго, лъикьаго хӏинкъуларо.
Эбелалъул кверал. Хӏереналги, хъачӏалги, недегьалги, согӏалги…
Гьел квераздасан бачӏунеб хинлъиялъ асир гьавуна гьитӏинав Махӏачги. Разиятиеги гьев рухӏгӏан хирияв вукӏана. Юнусиеги гьесдаса хирияв щивго вукӏинчӏо. Гьесие гӏоло букӏана кинабго гьабулеб.
Разиятги Юнусги, батӏияб шагьаралда минаги босун, гьенире ра- хъана, Раисатидасаги Юсупидасаги рикӏкӏадегӏан.
Доб Раисатица хвасар гьавураб къоялдаса нахъе, Махӏачица гӏемер бицунаан Раисатил. Гьесул ракӏ щун букӏана Юсуп дацидеги. Макьилъги гьев веэдулаан ункъачол хӏикматал квераз…