1988 соналъ бахъизе байбихьун букӏана «Аргументы и факты» абураб газета. Байбихьудасаго цӏар ана гьелъул. Доб заманалда «АиФ» рикӏкӏунаан лъикӏаб газеталъун. Гьединлъидал нижеца, студентазги, гьеб гъираялда цӏалулаан. Дун абуни «Аргументы и факты» газета цониги гьоркьоса биччачӏев ва политикияб рахъалъ гьелъул битӏахъегояб кумекалдалъун гӏуцӏарав чи ккола. Унгоги хӏасилги къокъго кьолел, кьучӏаб баянги щолел макъалаби рукӏунаан гьелда. Гьанже интернеталде гъорлъе ккедал, дица тана «АиФ» цӏали ва жибго гьебги гӏемерисеб рекламаялъ ккун буго ва цебе гӏадин лъикӏ лъугьунеб гьечӏо.
Сундуе гьаб цеберагӏи гьаниб букӏараб? Чанго соналъ цеве магӏарухъе щведал, Лъаратӏа районалъул Кӏособ росдал годекӏанив дида ватана «къвал цӏурал» газеталги аскӏор лъун гьел цӏалулев чи. Гьев вуго гӏумруялъ газетал цӏаларав, гьанжеги гьездехун рокьиги свинчӏев херав чи, росдал школалъул мугӏалим. Цогидал газетазда цадахъ («Черновик», «Новое дело», «Молодёжь Дагестана») гьесухъ бугоан «Хӏакъикъат» газетаги. Дица гьесда гьикъана: «Хӏакъикъат» газетаги цӏаланищха дуца?» — ян. Гьес дие жаваб гьабуна, жинца «Хӏакъикъат» гӏемериселъ гьадинго бегун толила, гьенир жинда дагьал гурони цӏализе гӏадинал ва ракӏалда хутӏулел жал ратуларилан.
Кигӏанго бокьичӏониги, гьев херасул пикруялда тӏад рекъечӏого гӏоларо. Гьединаб букӏана ахираб заманалда аваразул басма, гьелъул иш букӏана багьа бахун къадру гӏодобе ккун. Гьелъ кутакалда дагьлъана цӏалдолелги, «Хӏакъикъат» хъвалелги, гьабулеб букӏинчӏо гьелъул къиматги.
Цоги рехсон тела гьелъие нугӏлъиялъе мисал. Махӏачхъа- лаялъул вокзалалда гӏагарда, (В. Эмировасул къватӏ батилин ккола) буго гӏемерал цадахъ, учузго (оптом) газетал ричулеб бакӏ. Къотӏноб букӏуна гьениб гьабулеб даранги. Цо пуланаб къоялъ, циндаго цӏадги бан, газетал жанире росун ругоан гьенир. Гьенире ричизе кьурал «Хӏакъикъат» газетал абуни, къватӏирго тун ругоан? Гьебги квеш букӏун, жанивеги лъугьун, къватӏиб пачка газетазул хутӏун бугилан абидал, вичарухъанас жаваб гьабуна: «Гьелъул кӏвар гьечӏо, бокьун батани мунго босун а», — йилан.
Гьедин букӏана ва гьеб лъиениги балъголъилъун кколаро. Цохӏо багьа тӏаде бахиналда ва цӏалдолел дагьлъиялда банги гуро «Хӏакъикъаталъул» къадру хвараб ва гьеб хъвалелги бокьулелги дагьлъарал. Газет-журналазул тираж битӏахъего бараб буго гьезул хӏажалъиялда. Газетаз информациял кьолеб, гьезие гӏоло газета босулеб заман цебего ана. Гьединаб хӏажалъи жакъа гӏадамазул гьечӏо. Информациял кьолел каналал ва информациялъулал алатал гӏемерал руго ва газетаздаса гьел, кӏочон тезе заман щведал гурони, цӏалулелги гьечӏо.
Гьединлъидал газетазда рукӏине ккола анализ гьабурал, хӏасилал рихьизарурал, цӏалдолезул мурадазде рекъон кколеб рекӏелгъеялъулал ялъуни культуриябгун маданияталъулаб гӏумру бихьизабулел макъалаби. Гьединаб, киназего пайдаяб ва мухӏканал баянал кьураб буго исана къватӏибе бачӏараб лъабабилеб номералда Пайзула Пайзулаевасул «Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон» абураб макъала. Щаклъи гьечӏо гьеб цӏалдолезе къабуллъун букӏиналда. Дицаги гьеб хӏисабалда цӏалана. Дунгоги тарихалъул лъай щварав чи вукӏаниги, гьелдаса дие щвана цӏияб баян. Мисалалъе, лъана Гъизляралъул ракьал Дагъистаналде гьоркьоре жеги 1922 соналъго рачун рукӏараллъи. Дида кколаан гьелги араб гӏасруялъул бащалъиялда журазарунин Дагъистаналдеян.
Божула тӏадехун рехсарав херав цӏалдолесги ва гӏемерал цогидазги гьеб макъала гьоркьоб биччангутӏиялда. Цӏакъго лъикӏ букӏинаан гьениб картаги темаялда рекъараб, тӏаде журарал ракьал кьераздалъун рихьизарураб букӏарабани. Гьеб мехалда берзулаб ва тексталъулаб информация цадахъ щвелаан цӏалдолезухъе.
Дица абула хъвалеб макъала букӏине кколин кӏиго даража бугеб: гъираялда цӏалулеб ва цӏияб жо жиндаса лъалеб. Кӏиябго гьеб цадахъ гьечӏого букӏине бегьула, амма цоябниги гьечӏони, макъала цӏалуларо ва цӏалун ракӏалда хутӏуларо.
Гьанже аваразул басма тӏубанго цӏилъулебги хисулебги буго ва гьелъ разиги гьаризе руго нилъ. Баккана, цебегоялдаса камун букӏараб, «Бахьикъос». Гьелъул цӏалдолез цӏидасан газета балагьизе ва хъвазе букӏиналдаги щаклъиларо. Лъикӏаб хӏалтӏи буго бацӏцӏадаб авар мацӏалдаса сверарал хъвай-хъвагӏаязда ва гьединго жидералго мацӏазда гьурмал гьариги. Гьезие батӏаго гӏорхъичӏвайги букӏине ккелареб батила, цӏакъго гӏемерлъулел гьечӏони. Гӏадамазул гъира букӏина жидерго мацӏалда жидерго гӏумруялъул ва гӏадамазул бицинеги цӏализеги. Щаклъи гьечӏо гьединал гьурмал гӏуцӏиялъулъ гӏадамаз гъираялда гӏахьаллъи гьабизе букӏиналда. Лъикӏаб иш буго редакциялда собкоразул штатал мурадалда рекъон хӏалтӏизариги. Бакӏаздаса гӏумру бихьизабиялъе гьел бакӏазул хӏалги гӏадамалги лъалел хӏалтӏухъаби хӏажалъула. Гьедин хъварал макъалаби гӏемерго мухӏканал ва камилал лъугьуна.
«АиФ» газеталъул биценалдалъун гьаб байбихьиялъул мурад букӏана, лъикӏаб газеталъул къадру гӏодобе кколареблъи ва багьаялда бараб жоги гьениб гӏемераб букӏунареблъи бихьизаби. Реклама гӏемерлъун, магӏна дагьлъун лъугьиндал, миллионал гӏадамаз хъвалебги цӏалулебги букӏараб «АиФ» гьанже киосказда босунгутӏиялде ккана. Гьелдаго релълъун, къватӏазда бичиялде ва хӏалица хъвазабиялде ккун букӏараб «Хӏакъикъат» цӏилъизабиялде тӏаделъаразе дица гьарула тавпикъги къуватги.