Избербашалдаса Ризван (цӏарал хисизарун руго) лъади Дианагун ва кӏиго лъимергун Сириялде ана 2015 соналда. Лъабабилеб лъимер гьезие гьабуна доба.
Лъимал Сириялде араблъи Ризванил эбелалда нусалъул гӏагарлъиялдаса лъан буго.
Гьелъулгун ккараб гара—чӏвари кьолеб буго гъоркьехун.
— Дун цӏакъ къварилъана гьеб хабар лъайдал. Цинги гӏагарлъиялъ гӏодое йиччазаюна кватӏичӏого гьел нахъруссун рачӏунинги абун. Рачӏинеги рачӏана чанго къоялдасан.
Цогидаб улка бихьизе анищгун гьабураб сапар букӏанин жидеца гьебин бицана лъималаз. Хӏалтӏиги балагьун, гьенир чӏезеги бокьун букӏанила жидее.
Кутакалда чӏагояб, тӏаде босараб иш рагӏалде бахъинабичӏого толареб гӏамалалъул вас вукӏана гьев. Гьединлъидал гьесухъа бажарилаан доба гӏумру гьабунги. Амма букӏаниги, дица ахӏи-хӏур бахъинабуна, тӏокӏалъ гьенибе хӏетӏе чӏезе гьечӏин лъазабуна.
Ризваница чӏужу ячана 22 сон байдал. Жиндиего йокьун ячана гьес гьей. Ниж разиги рукӏинчӏо, щайгурелъул нижер хъизамазул дандеккунгутӏи букӏана. Араб-хвараб жоги кӏочон тун, чӏезе ккана.
Диана цӏакъ модаялда рекъон ретӏа-къалей яс йикӏана. Керен- бетӏер цебе лъураб ретӏелги гьурщун расги букӏунаан кидаго. Амма Ризвание ячӏун заман иналде, хӏижабги чӏвана, гьесие бокьулеб бугинги абун.
Нижеда аскӏор рукӏана гӏумру гьабунги. Даран-базар гьабулаан, кверда махщелги букӏана: канализация, лъим, газ бачунаан жинцаго, минабазул къватӏиса къадал къачӏалаан цӏакъ берцинго. Кучӏдулги гьарулаан, сураталги рахъулаан.
Жиндие шагьаралъул мэрасул сверухълъиялдаса чагӏаз нухал къалел ругин рази гьечӏогоги вукӏунаан. Киналдаго тӏад кверги лъун цохӏо гьелищдила рукӏине кколел, цогидал кваназе кколарищилан кӏалъалаан. Амма администрациялда гӏезегӏан гьудулзабиги рукӏана гьесул. Полициялдаги рукӏана.
Спортги бокьулаан гьесие. Батӏи- батӏиял хӏаязда цересел бакӏалги росулаан. Гьединлъидал кӏудияв васасдасаги божилъи дир гьесдехун букӏунаан. Киве кканиги, гӏадада хвеларин кколаан.
Цо заманалда тун мегежгун чӏана гьев. 60 сон байдал таниги гӏелин абулаан дица, къокъниги гьабеян семулаан.
Турциялде иналде мажгиталдецин хьвадулев вукӏинчӏо гьев.
Мегеж таниги, лъиданиги ракӏалде щолев вукӏинчӏо. Участковыясги цӏехечӏо гьев цониги нухалда. Гьев нижехъе вачӏана вас кӏиабизеги дове индал.
Дица Ризванида абуна мун кивениги инчӏого вукӏине, дица кьелин дуе гӏарацги, босилин мина базе ракьги.
Босана гьебги. Мина базеянги лъугьун вукӏана гьев.
Амма рехун кинабгоги тун, ана цӏидасанги Сириялде.
… Дида жеги бичӏчӏулеб гьечӏо лъица махсарадеги ккун гьел доре аралали. Гьесул гӏумру гьаб шагьаралда ана. Цо чанго нухалда гурони къецазде Москваялдегун Санкт- Петербургалдеги ун вукӏинчӏо гьев.
Ризван, хъизангун цадахъ, цин Турциялде, хадув Гӏиракъалде, гьенисанги Сириялде ун вуго.
Щай, дир вас, дуе гьеб букӏарабилан гьикъана тату хварай дица гьесда телефоналдасан. Нилъер диналъул яцал-вацал чӏвалел ругин гьанирин жаваб кьуна дос.
Валлагь, кинабгӏаги исламги гьечӏинха гьениб, нартие гӏоло гьабулеб чорокаб политика гурониян абуна дица. Гьанже гьедин мекъи ккун вугелъул мун, рагъдениги вахъинчӏого чӏайин гьарана.
…Ризван гьечӏилан кӏалъана цо къоялъ нус.
Гьелъ бицухъе, Ризван хъизаналда аскӏов вукӏун гьечӏо.
Гьел (боевикал – авт.) унел рукӏун руго хъизамалги жалго тун. Гӏиракъалъулгун гӏорхъода ругел нартил вышкаби цӏунулел рукӏун руго гьез.
Цо къоялъ Ризван лъукъун вуго. Чачанас нахъе вехъерхъулев вукӏун вуго. Жив хвезе теян ахӏдон вуго Ризван.
…Нусалъе бокьун буго лъималги рачун рокъое ячӏине. Амма гьей нахъе йиччай щакаб жо буго. Лъимал рачӏинеги бегьула. Гьединлъидал дица къайимлъиялъул документал хӏадурун руго. Диана разилъун йиго гьел гьанире ритӏизе.
Ризванилгун Дианал РФялъул паспорталги лъималазул киналго документалги рокъор руго. Загранпаспорталги гьарун ун руго гьел къватӏире.
-Гӏорхъодасан киндай гьел риччарал документалги гьечӏого?
— Гьеле гьеб жоха диеги лъазе бокьун бугеб. Цо чи вукӏун ватила гьеб кинабго тӏаде босарав, гьел дорехун ритӏизе къваригӏарав. Гьединал чагӏи рукӏанин рагӏана дида. Чанги сахал гӏолохъаби ана доре.
Нижер васги гӏадал гьавурав гӏадин вукӏана гьанив вугеб мехалда. Амма дове щведал бичӏчӏун буго гьесда живго ккараб бакӏ. Амма нахъвуссун вачӏине ресги гьечӏого, чара къосун вукӏана дов. Нахъе ани, хъизамго чӏвалиланищ гьезда лъазабулеб букӏарабали.
Хвелалде цебе Ризваница нижехъе кагъат битӏун бачӏун букӏана, къо-лъикӏ гьабулеб гӏадин хъвалеб букӏана гьес диеги росасеги баркалаги кьун, жив чӏухӏулила нуж жиндир эбел-эмен рукӏиналдаса.
Амма кигӏан ракӏбакъван йигониги, цо-цо мехалда кутакалда ццим бахъинеги бачӏуна дир гьесда, гьаб балагьалда нижги тун, гьабун тараб гӏантаб жо бихьуларищха гьес.
Дове иналде цебе дица чанцӏулго гьикъана гьесда щай уневилан. Ине кколин жаваб кьун гурони, тӏокӏаб щибго бицинчӏо гьес. Амма гьанив щивго вукӏинчӏо гьесие квалквал гьабулев чи.
Вукӏинчӏониги, гьев дове иналъе гӏайибиял ралагьулей йиго дун гьанже. Цин росасде ягъула, цинги досул гьудулзабазде тӏаделъула, нужгӏаги кире ралагьун рукӏаралинги абун.
-Цощина чӏаго вугодай нужер вас?
— Ватиларо. Чӏаго вукӏаравани, хъизамги рехун тун, вахчарилароан гьев.
-Гьедин ккаралдаса гӏадамазул бербалагьи хисанищ дудехун?
— Хисанин кколаро. Гӏицӏго ракӏгурхӏи букӏунеб батила. Амма ракӏ бецӏцӏулеб бугониги, дица дирго загӏиплъи лъиданиги бихьизабуларо. Гьале, сон-церекъад гӏагарав васасул берталъецин ана, расги лъугьинчӏеб гӏадин.
Дица къо хӏехьезе ккола. Гьаб рукъалъул иш дида тӏад буго. Щиб лъалеб, кватӏичӏого Ризванил лъималги рачӏине бегьула. Щиб гьабилеб? Аллагьас гьадин хъван букӏун буго.