Красноармейскиялдаса 23 сон барав Мухӏамад (цӏар хисизабун буго), гьудулзабигун цадахъ, Сириялде ана. Гьев вукӏана эбелалъул цохӏо вугев вас.

Гьесул эбелалъулгун ккараб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.

– Дун киданиги божуларо гӏарцухъ гӏадамал чӏвазе анин дир вас дове- йин абулеб жоялда. Гьев лъица ватаниги махсараде ккун вуго.

Гьесие кутакалда бокьун букӏана цӏализе лъугьине. Масала, Сириялде иналде кӏиго соналъ цебе Египеталде цӏализе ине бокьилаанин вукӏана гьев. Амма дун данде чӏана.

Мухӏамадица гьитӏинаб мехалдаго байбихьана Къуръан цӏализе. Цинги гьоркьоб къотӏун букӏана гьесухъа гьеб. Гьединлъидал, байбихьараб жо лъугӏизабизе кколилан, дицаго ракӏалде щвезабуна гьесда.

Дицагоги цӏалана Къуръан. Гьабсагӏат дида бокьарав чиясе жаваб кьезе кӏола диналъул рахъалъ. Дун таризайизеги чангияз хӏал бихьана. Гьединал чагӏазда дандчӏван ватилаха гьевги.

…Палхӏасил, гьел ун ратана 2015 соналъул 24 июналда. Жал кватӏичӏого нахъ руссиниланги абун батана. Нахъ руссине ракӏалда букӏунги батула. Жиндиего йокьун гьарарай ясги йикӏиндал гьесул.

Васас дида абуна жив магӏарухъе зигараялъ унев вугилан. Гьеб мехалда гӏорхъи бахун къватӏиве унев ватилин лъидаха ккелеб букӏараб? Загранпаспортцин букӏинчӏелъул гьесул. Амма битӏун 20 июналда щун букӏун буго гьесие гьеб.

Гӏорхъи бахиндал, бичӏчӏун бугоха гьезда жалго къорикье ккараблъи. Амма нижеда, рокъосезда, лъазе толеб букӏинчӏо. Жал цӏалдолел ругин гьанир, кватӏичӏого нахъ руссинилан абулаан щибаб нухалда.

– Дуда кин лъараб гьудулзабигун цадахъ вас къватӏив вугеблъи?

– Доре щун чанго къоялдасан гьел жалго кӏалъана.

Ахирисеб нухалда 2015 соналъул 11 ноябралда аудио битӏун бачӏана гьес.

Дида ккола, гьединал васазул гӏакълу хисизабулин психологияб тӏадецуйги гьабунилан.

Дун гьанже зама-заманалдасан уна школазде лъималазе экстремизм какун хабар бицине. Нилъеца гьединаб хабар моцӏида жаниб цоцӏул бицунеб батани, экстремистаз гьеб хӏалтӏи щибаб къойил, щибаб минуталъ гьабулеб буго.

– Гьесул хьвада-чӏвадиялъухъ балагьун, Сириялде инехъин вукӏин бичӏчӏулеб букӏанищ?

– Киса букӏунеб?! Гьеб бихьизе толарелъул гьединал чагӏаз. Дове ине анкь хутӏараб мехалдацин устарасухъе инилан чӏун вукӏана гьев.

Уйилан ккун, кутакалда йоххун дунги йикӏана.

…Васас дие киданиги гьерсал рицунароан. Гьединлъидал, дида киданиги кколароан гьес гьединаб жо гьабилилан.

Гӏарацги кьун руссинарулин гьелилан абулаха. Амма дида лъала гьесухъ гӏарац букӏинчӏолъи. Хьитал гьарулеб бакӏалда хӏалтӏулев вукӏана. Цинги кӏиго моцӏица хӏалтӏичӏо гьев, лъикӏаб харж кьолеб гьечӏилан. Цогидаб бакӏалде гӏарзаги кьун, чӏун вукӏана, гьез хӏалтӏизе вачӏаян ахӏизегӏан.

Амма хадуб лъана гьес планшетги телефонги бичун, 20 азарго гъурущ данде гьабун букӏин. Гьелъухъ жиндиего билетги босун буго.

Гьеб къоялъ дун хӏалтӏуда йикӏа- на. Рокъой йикӏана яц. Гьелъ бицана Мухӏамад рокъовеги вачӏун, жаниб ретӏел лъураб чӏегӏераб къвачӏаги босун анилан. Гьудуласул эмен хун, магӏарухъе зигараялъ унев вугиланги абунила.

Гьелдаса хадуб дица ахӏана васасухъе. Инчӏо ахӏун. Цинги ккана магӏарухъ бухьен лъикӏаб батиларилан. Гьедин ана чанго къо.

Къватӏисеб улкаялде гьев уневилан ккезего ккечӏо.

Гьев дове иналде анкьалъ цее дир яцгӏал авариялде ккун, дун гьелда аскӏой больницаялда йикӏана. Гьеб мехалда тӏаса квер босун тун вукӏана гьев.

– Гьеб мехалда вусса-сверизавун ватилиланищ дуда кколев?

– Гуро. Гьелде щвелалдего гьавун вукӏараб къагӏида.

Хадуб дида лъана, гьудулзабиги цере ун, дир вас гьезда хадув аравлъи. Инадай–инародайин щакдарулевги вукӏун ватила гьев. Лъаларо.

– Гьел цоязул къисмат кин ккараб?

– Цояв чӏвана. Цогидав кив вугевали лъаларо.