Нилъ киналго руго -батӏи-батӏиял ва хасго гьел батӏалъабаз буго нилъее цоцада ричӏчӏизе квалквал гьабулебги. Ва амма, нилъер цогосеб кӏудияб, киназего гӏаммаб рокъор нилъ киналго цоцае ккола мадугьалзаби. Нилъер рокъобе балагь-къварилъи бачӏиндал, гьеб киназдаго хъвала Жакъа дица къватӏибе биччалеб буго цӏияб кечӏ «Рачӏа лъутизе» абураб. Гьаракь хъвалеб @universalmusicru абураб дир идараялъ, гьеб кочӏохъ дие цебеккун кьуна мухь, бащадаб миллион къадаралъул бутӏа. Дица гьеб гӏарац буссинабуна тохтурзабазе кумек гьабулеб @vblagodarnost абулеб идараялде. Гьез кумек гьабула цӏакъго цӏикӏкӏун короновирусалъ тӏадецуй гьабураб, нилъер миллатал гӏемераб пачалихъалул Дагъистаналъе. Больницабазде тохтурзаби цӏуниялъе гьез ритӏана гьал хадур рехсарал алатал.

Кумекалъул къадар:

1. ГБУ РД Лаказул ЦРБ — берал цӏуниялъе цӏороберал.

2. РКБ гӏаммаб реанимация — хасаб партал, гьурмада ралел пардавал, цӏороберал.

3. Сергохъалаялъул ЦРБ — партал, гьурмада ралел пардавал, гьурмада ххолел цӏорол экранал.

4. Чӏарада район — партал, цӏороберал, гьурмада ралел пардавал.

5. Агулазул ЦРБ — цӏороберал, гьурмада ралел чума унтуда данде ретӏунеб партал, пардавал FFP3, хӏатӏазда ретӏунел рорхатал хӏетӏеххелал.

6. Ахтыялъул ЦРБ — гьурмада ралел пардавал, квердаххелал.

7. ГБУ ДРКБ — гьурмада ралел пардавал, гьурмазда ххолел цӏорол экранал, квердаххелал.

8. Гъизляр мухъалъул районалъул больница — партал, цӏороберал, квердаххелал, гьурмада ралел пардавал.

9. ГБУ РД РКБ 2 — партал, гьурмада ралел пардавал, цӏороберал, квердаххелал.

10. ФКУЗ МСЧ МВД — хасаб цӏуниялъе алатал.

11. ГБУ РД РКБ — партал, цӏороберал, гьурмада ралел пардавал.

12. Гъаякенталъул больница — цӏороберал, партал, гьурмада ралел пардавал.

Рекъел нужер рокъоб ва сахлъи нужер гӏага- божаразе. Гӏорхъи гьечӏеб баркала жидерго ургъелги рехун тун, чияр гӏумру хвасар гьабизе тӏаде босаразе ва тӏаде бачӏараб балагьалде данде ахӏуд рахъаразе.