Гъотӏоеги бегьула кьезе кӏиабилеб гӏумру

Махӏачхъала шагьаралъул администрациялъул минаялда аскӏоб бугеб ахикье ракӏарун ратана гӏемерал гӏадамал. Гьел ралагьун ругоан «херлъарал» гъутӏбиги къотӏун, гьезул хутӏарал хӏухьдузда тӏад художник-скульпторас гьабураб некӏсияб магӏарул кӏиго росдал художествиял композициязухъ. Скульпторасул махщел гӏун буго некӏсияб росдал тӏубараб сурат цебечӏезабизе. Тӏуцал минаби, гьезда гьоркьоса рахъ-рахъалде унел гьетӏ-гьетӏарал, чӏедерал нухал, росутӏарада даималъго хъаравуллъиялда эхетараб си, гьелда аскӏобго росдал мажгит…

Гӏажаибаб асар гьабуна диегоги гьеб берцинлъиялъ, ракӏалдещвана нижерго басрияб Гьентӏа росу, гӏадамазул букӏараб мискинаб гӏумру, хӏатӏал гӏицӏаб, амма талихӏаб лъимерлъи. Бихьулеб букӏана цогидазеги гьеб хӏалтӏи цӏакъ бокьун букӏин. Гьез цӏехолеб букӏана художник-скульпторасул цӏар, амма лъалев чи ватичӏо. Дица рагӏи кьуна гьев валагьизе ва «Хӏакъикъаталдасан» гьесул хӏакъалъулъ цӏалдолездаги бицине.

Гьеб хӏалтӏи гьабурав лъабго художникасда гьоркьоса валагьизе кӏвана Гъуниб районалъул Чӏохъ-Коммуна росулъа Мухӏамад-Мирза Шагӏманов. Жамалил цӏаралда бугеб художествияб училищеги лъугӏизабун, гьев цӏалулев вуго Дагъистаналъул медучилищеялъул цаби-гӏусазул факультеталда. Цӏалудаго цадахъ Мухӏамад-Мирзаца художникасул хӏалтӏиги гьабулеб буго.

Хӏухьдузда тӏад гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ гьадин бицана гьес: «Гьеб буго нижер учитель Магьди Мухӏамадовичас, дипломияб хӏалтӏи тӏубазабизе абун, нижее кьураб тӏадкъай. Хӏалтӏи гьабуна лъабго студентас: Сугъралъа Атрачев Мухӏамадица, Лак районалдаса Мирзаев Патахӏица (гьес гьабуна композициялъе хӏатӏул макет) ва дица. ДРялъул Культураялъул министерствоялъул минаялда цебе гьабураб гьебго темаялъул нижер дипломияб хӏалтӏуе щуйил къимат щвана. Дуца бицунеб бугеб ккола горзеленхозалъул заказалда рекъон гьабураб. Дица абиларо гьеб гьедигӏан кӏудияб гьунар-махщел къваригӏунеб хӏалтӏи бугин. Тӏадчӏун хӏалтӏани, бокьарав чиясухъа бажаризе батила жиндирго яги шагьаралъул ахикь, росулъ минаялда цебе къотӏараб гъотӏол рохтиялда гьединаб темаялда тӏасан скульптурияб композиция гьабун. Амма дие бокьиларо гьеб мурадалъе гӏоло цониги чӏагояб гъветӏ къотӏизе. Батӏияб хӏалтӏи ккола къотӏараб гъотӏол хӏохьода тӏад берцинлъи гьаби, ай гъотӏое кӏиабилеб гӏумру кьей».

Гьабизе ракӏалда бугелъул бицунаго, Мухӏамад-Мирзаца абуна риидал, Мухӏамад Атрачевгун цадахъ, Гӏали Гӏалиевасул цӏаралда бугеб спортзалалда цебе бугеб бицатаб чӏалуялда тӏад жидеца гьабизе бугила магӏарул некӏсияб росдал темаялдасан тӏубараб художествияб композиция. Гьеб букӏинила тахшагьар берцин гьабиялъе жидер сайгъат. Бокьун бугила цогидал бакӏаздаги гьединалго хӏалтӏаби гьаризе. Заман гӏуни, планалда бугила чӏахӏиял ганчӏазда гьарурал гьединалго скульптуриял композицияз тахшагьаралъул паркал берцин гьаризе.

— Мухӏамад-Мирза, гьеб махщел дуе киса щвараб, нужер тухумалда вукӏанищ гьелъие гьунар бугев чи?

— Дир кӏудадал эмен Мухӏамад-Мирзада (гьесул цӏар лъурав вуго дун) анкьгьунарилан абулеб букӏун буго. Гьесул букӏун буго суратал рахъизеги скульптураби гьаризеги лъикӏаб махщел. Дир эменги вукӏана художествиябгун графикияб институт лъугӏизабурав чи, кӏудияб махщел букӏана гьесул, кьер-кьерал цӏорол кескал данде гьарун, батӏи-батӏияб сюжетазул композициял гьаризе. Гьеб ккола цӏикӏкӏараб гьунаралъул художникасухъа гурони гьабун бажарулареб захӏматаб хӏалтӏи. Дирги анищ буго витраж ва цӏул цадахъ хӏалтӏизабулеб рукъзабазул дизайн абулеб хӏалтӏуде машгъуллъизе.

— Мун гӏахьаллъанищ художниказул выставкабазда?

— Цохӏо нухалъ гӏахьаллъана, «Басрияб росу» абулел дир суратал лъун рукӏана Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб выставкаялда. Балагьараз гьезие лъикӏаб къиматги кьуна.

— Цого квералъ кӏиго хъарпуз кквезе бегьуларин абулаха…

— Дуца гьабулеб бадибчӏваялъул магӏна бичӏчӏана. Амма ракӏалда буго цаби-гӏусазул тохтурлъиги художник-скульпторасул хӏалтӏиги цадахъ бачине. Цӏализе дун лъикӏав вугин абиларо, амма практика лъикӏ унеб буго. Щайгурелъул дие бокьула квераз гьабулеб хӏалтӏи.

— Мухӏамад-Мирза, букӏине кколедухъ бицине магӏарул мацӏ лъалеб гьечӏолъиялъе гӏилла щиб?

— Битӏараб буго, магӏарул мацӏ дида лъикӏго лъаларо, гьеб буго дунго нечолеб хӏужа. Гьединлъидал дица диего рагӏи кьун буго, рагӏа-ракьанде щвезабун, исана рахьдал мацӏ лъазабизе.

— Гӏумру гьабиялъе гӏураб гӏарац гьабулеб буго дуца. Кидаха рукъалде вуссине вугев?

— Хъизан гьаби ва лъимал гӏезари ккола кӏудияб жавабчилъи. Гьединлъидал, лъикӏаб ресалде вахинчӏого, бертин гьабиялда тӏад дие ургъизецин бокьун гьечӏо. Лъеберго сон бараб мехалъниги дун гьеб даражаялде вахина, гьеб мехалъ дица мунги берталъе ахӏила.

— Нилъеца гара-чӏвари «Устарзабазул шагьар» абун цӏар кьураб бакӏалда гьабулеб бугелъул, устарзабаз, художниказ ва скульптораз гьаниб гьабураб хӏалтӏуе дуца кинаб къимат кьолеб?

— «Устарзабазул шагьар» чӏухӏизабун къачӏан буго цӏакъ лъикӏаб махщалил устарзабаз. Гьаб буго республикаялъул цогидал шагьараздаги районаздаги жидерго паркал ва скверал къачӏаялъе бихьизабулеб мисал ва кьолеб унго-унгояб дарс. Гьаб берцинлъиялъ дие кӏудияб асар гьабуна. Диеги бокьун буго гьаниб бутӏа лъезе. Дун ургъулев вуго дицаго гьабураб цӏулал скульптура яги кинаб бугониги магӏарул росдал сюжеталъулаб композиция гьаниб киндай тӏаде жубалебилан.

Нури Нуриев