Лъикӏлъи гьабиялъе гӏорхъи букӏунаро
Волонтеразул кумек киназдаго гуро бихьулеб. Амма гьелъул кӏудияб кӏварги пайдаги буго
24 февралалда Магӏарул театралда тӏобитӏараб Дагъистаналъул миллиял мацӏазул байрамалъул хӏурматалда, гьеб минаялъул жанахӏалда рагьун букӏана миллиял газетазул редакциязул хӏалтӏул хӏакъалъулъ бицунел, ахирал соназда магӏарул мацӏалда басмаялда рахъарал тӏахьазулгун журналазул, руччабазул некӏсияб ратӏлил выставкаби. Гьездаса батӏаго, столалда тӏад лъун рукӏана лъималаз гьарурал батӏи-батӏиял тӏагӏалабиги. Нижеца гара-чӏвари гьабуна гьеб выставка-аукционалъул жавабияй, ДРялъул медуниверситеталъул кӏиабилеб курсалъул студентка Бакьайчӏиса Хӏамзатова Гӏунайзатилгун.
Гьелъ бицана гьаб бугила «Социалияб сеть» абулеб волонтеразул клубалъгун гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъ гӏуцӏараб, ракалъ унтарал лъималазул хӏалтӏабазул выставка-аукцион. Лъабабилеб сон бугила батӏи-батӏиял гурхӏел-рахӏмуялъул тадбирал тӏоритӏулел ругелдаса, амма исана гурони къватӏире рахъун, гьадинаб выставка-аукцион тӏобитӏун букӏинчӏила. Лъималазул гьадинал хӏалтӏаби жидеца Интернеталдасан ричулила.
Выставка-аукционалда лъун ругоан ракалъ унтарал 6-14 сон барал лъималаз гьарурал хӏалтӏаби. Гьел руго гӏемерисеб заман больницабазда тӏамулел, щибго батӏияб-цӏияб жо бихьуларел, къватӏире рахъунарел лъимал.
— Гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъ росула гьел хӏалтӏабазе къваригӏунеб бисер, фисташка, кофе, бакъвараб хер, цӏулал гӏучӏал, пластмассаялъул алатал. Волонтераз лъималазда малъула ва гьелгун цадахъ лъугьун гьарула батӏи-батӏиял расанкӏаби, композициял ва сюжетиял хӏалтӏаби. Гьел ричун щвараб гӏарцул бащалъиялъухъ росула тӏадехун рехсарал материалал, кӏиабилеб бащалъи хвезабула лъимал сахгьариялда, гьезие кванил нигӏматал, альбомал, къалам-кагъат, пластилин ва цогидабги босиялъе. Тохтурзаби цӏакъ рази руго нижер хӏалтӏудаса, гьез абула нужеца гьабулеб хӏалтӏи кколин унго-унгояб арт-терапия. Унтарал лъималги жидерго хӏалтӏабаздаса рохун ва чӏухӏун рукӏуна, — ян бицана Гӏ. Хӏамзатовалъ.
— Гӏунайзат, кин ричулел лъималазул хӏалтӏаби, гӏадамаз гьел росулищ?
— 100-200, бищунго хирияб 650 гъуруш буго лъималазул цо хӏалтӏул багьа. Рак унтиялъ кӏвекӏулел лъималазе садакъа кьезе, гьезие кумек ва лъикӏлъи гьабизе бокьарал чагӏаз гьел росула. Гьел лъималазе гӏумру гьабизе бугеб захӏмалъи бихьани, нилъер гӏадамал гӏедегӏилаан гьезие кумек гьабизе, гьал хӏалтӏабиги гьез гъираялда росилаан.
— Чан волонтер вугев нужер клубалда, нужеца цоги лъие кумек гьабулеб?
— Кинавниги вуго 50 чи. Ниж уна лъималазул ва херазул рукъзабахъе, щола ветераназухъе, школазде. Лъутун рачӏаразул лъимал ясли-ахазде ва школазде унаро, гьезул лъималазе волонтераз чӏорого кьола гӏурус мацӏалъул, хӏисабалъул ва цоги предметазул дарсал, гьабула бажарараб кумек.
— Щив чи кколев волонтер, кинал чагӏи нужер мухъилъе росулел?
— Волонтер ккола къварилъиялда, язихълъиялда, пакъирлъиялда ругел, талихӏалъ мугъ рехарал чагӏазе, жидерго ракӏалъ ахӏун, чӏобого кумек гьабулев чи. Волонтерлъи ккола щивав чияс гьабизе бегьулеб хӏалтӏи. Гьезул мухъилъ руго студентал, инженерал, учительзаби, журналистал, бизнесменал, школлъимал… Гьел ккола чияе лъикӏлъи гьабизе бокьиялъ унтарал чагӏи.
Гӏумру ва гӏаданлъи гӏарцудалъун борцунаро. Къварилъиялда ругезе кумек гьабизе бокьарал чагӏи нижеца волонтеразул мухъилъе лъугьине ахӏулел руго. Нижер офис буго гьаб адресалда: Махӏачхъала, Ярагъиясул къватӏ, 8. Гьениб кӏалъа-басай гьабула, анкета цӏола ва дандекколел чагӏи волонтеразул мухъилъе росула. Бокьани, ахӏизе бегьула нижер клубалъул гьаб номералде: 8-988-447-77-74.
— Волонтерлъи гьабизе бокьарал гӏолилазда дуца щиб абилеб?
— Цохӏо живго хутӏарав пенсионерасе кумек гьабизе бокьани, чара гьечӏого волонтерлъун яги кинабалиго гурхӏел-рахӏмуялъул фондалда хӏалтӏулев вукӏине кколаро. Гьайгьай, ятила дур кумекалде хӏажатай херай гӏагарай гӏадан яги мадугьалихъ ватила унтарав яги язихъав пенсионер: кумек гьабе гьезие тукадаса кванил нигӏматал росизе, рукъ бакӏаризе. Херал чагӏазухъа бажаруларо хвараб холодильник яги ретӏел чурулеб машина къачӏан, гьезул чӏаголъи гӏоларо гӏиси-бикъинал рукӏа-рахъиналъул масъалаби тӏуразарун, – ахӏе гьезухъе рукӏа-рахъиналъул хъулухъалъул махщелчагӏи. Гьебги ккола унго-унгояб кумек.
Херазе кумек гьабизе бегьула батӏияб къагӏидаялдаги: бокьараб гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъул счеталде битӏе 10-50-100 гъуруш. Дуе гьеб дагьаб гӏарац ккола, амма хӏасилалда гӏезегӏан къадаралда гӏарац бакӏарула.
Мажгиталде щвезаре лъималазул расанкӏаби. Хӏажатазе гьениса гьел кьола.
Рукъ гьечӏесе босе чед ва чай – гьелъги кумек гьабила гьев хинлъизе.
Херасе бакӏал сумкаби рокъоре росизе кумек гьабе.
Социалиял мухъаздасан бице гурхӏел-рахӏмуялъул фондазул ва кумекалде хӏажатал чагӏазул хӏакъалъулъ.
— Чияр цӏобалде ккарал гӏадамазул цӏаралдасан, волонтеразул клубалъул рахъалдасан «Хӏакъикъат» гьоркьобккун, лъие баркала кьезе дуе бокьилеб?
— Кӏудияб баркала буго мискин-пакъирасухъе кумекалъулаб квер бегьулев щивав чиясе. ДРялъул казначействоялъул тӏоцебесеб гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалъул учредитель ккола Мухӏамадов Сагӏидхӏусен. Аслияб къагӏидаялда гьес гьабула нижер хӏалтӏи гӏуцӏиялъе гӏарцулаб кумек. Жакъа гӏадинал выставкаби-аукционазул тадбирал тӏоритӏизе кумек гьабула «Социалияб мухъ» абулеб волонтеразул клубалъул нухмалъулев Хӏажи Хӏажикъурбановас. Гьезие буго нижер рахъалдасан кӏудияб баркала.
16-21 февралалда Дагъистаналда тӏобитӏараб «Лъикӏал ишазул къоял» абураб республикаялъулаб акциялда гӏахьаллъана лъабазарго волонтер. Республикаялъул шагьаразда ва росабалъ гӏолилал щвана рагъул гӏахьалчагӏазухъе ва социалиял идарабазде, бацӏцӏана ва берцин гьабуна сверухълъи, тӏоритӏана би кьеялъул акциял ва гьаруна гӏадамазе пайдаял тадбирал. Гьезул хӏасилалда тӏобитӏараб 80 акциялда кумек гьабуна 14 азарго чиясе. Щивасе рес буго гьединал тадбиразулъ гӏахьаллъизеги къварилъиялда ругезе бажарараб кумек гьабизеги.
Нури Нуриев