Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул?

Гӏанкӏудал тӏанчӏи хасалихъе рикӏкӏунин, хӏасилалъухъ балагьун къиматги кьолин абураб абиялъул гъваридаб магӏна букӏин дагъистаниязда бихьана гъоркьиса. Республикаялда хиса-баси ккечӏого рес гьечӏеблъи бихьизабулел сипатал — гьабулеб бицунелде дандекколарого букӏинги, къойидаса-къойиде къачӏан, чӏухӏизабун бицунеб гӏемерлъулеб букӏинги, бугеб хӏакъикъат загьирлъизе бокьунгутӏиги якъинго баянлъана цо-кӏиго соналъ цебего. ДРялъул бетӏерлъуде тӏамуралдаса, хасго тӏоцебесеб бащалъуда, Рамазан Гӏабдулатӏиповас рицунел рукӏарал харбазги, кьолел баяназги, рачунел хӏужабазги гӏадамазулъ рижизаруна кӏудиял хьулалги божилъиги. 2013 соналдаса нахъе, гьесул нухмалъиялда гъоркь щибго пайдаяб хӏалтӏи гьабичӏин абураб пикру битӏараблъун рикӏкӏине кьучӏ гьечӏо — лъица щиб абуниги, лъалеб хӏалалда гӏодобе буссана терроралъул хӏалуцин, рекъараб туркӏи щвана промышленнияб производствоялъе, росдал магӏишаталъул цо-цо бутӏабаз (цӏолбохъанлъи, теплицабазул магӏишат) борхана бетӏер, ралел бакӏал (гӏунгутӏабазул бицинчӏого тани) гӏемерлъана, лъикӏаб даражаялъул нухал гьаруна мугӏрузул чанго районалде. Амма гьабулеб лъикӏабгицин дагь-дагьккун сверана харбиде, къеда лъураб кирпичги, бахъараб галиги ва гьеб даражаялъул хӏужабиги ккана реццалъе мустахӏикъаллъун.

Нух битӏаги, лъикӏ щварав

Нухмалъулесул тах ирсалъе кьураб бакӏ гуреблъи, гӏуж щведал цояв ун, цогидав вачӏине кколеблъи кигӏан лъикӏ лъаниги, октябрь моцӏалъул хиса-басияз гьадинаб свери боси, хӏакъаб жо, гӏемерисезе ккана ракӏалдаго гьечӏеб лъугьа-бахъинлъун. Гӏабдулатӏиповги ун, Гӏумаров, Гӏалиев, ялъуни Мухӏамадов гурев, Васильев вачӏине бегьулеблъи дагъистаниязда макьилъцин бихьун букӏун батиларо. Путинил макьу къотӏизесев чиги нилъеда гьоркьов вати щакаб бугелъулха… Лъабго миллион чи вугеб республикаялда цониги мустахӏикъав чи ватичӏогойищ, рикӏкӏадасаги вачун, я нилъ, я нилъеда лъаларев чи тӏамизе кколевин абураб суалалъе батила гьадинаб жаваб: Дагъистанги Россиялъул цо бутӏа букӏин; Москва рикӏкӏада бугониги, цо-цо хӏужаби дораса лъикӏ рихьулел рукӏин; бакӏалдасаго чи тани, нахъеги нижералин-дозулалин абурал рикьалаби раккунгутӏиялда кигӏан дагьабгӏаги ракӏчӏей гьечӏеблъи. Тӏамуна Васильев, щибха хисараб? Гьабунищ хӏурият? Гьабичӏо, гьеб гьаби гьесул ялъуни гьев гьаниве витӏарасул мурад, масъала букӏунги батиларо. Амма къокъабго заманалда жаниб хабар дагьав, чӏванкъотӏарал ишазул бетӏергьан Владимир Васильев вакканин ккола кьучӏдаса тӏаде. Гъваридаб ва гӏатӏидаб халгьабиялъул мурадалда Дагъистаналде ахӏана Россиялъул гӏемерал регионазул (Северияб Кавказалъул хутӏун) вакилзабаздаса гӏуцӏараб прокуроразул кӏудияб къокъа. Гьезул хӏалтӏул байбихьиялъул хӏасилги ккана хӏукуматалъул бетӏер, гьесул заместителал, лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр ва цо-цо цогидалги жанир лъей. Гьелда цадахъго цӏех-рех гьабиялъул федералиял идарабазул жавабиял хӏалтӏухъабазда (ва Васильевасда) цебечӏана тамашаяб сурат — Москваялде (Пятигорскалде, Ессентукиялде) «рачине» ишаналде росарал Дагъистаналъул хӏакимзабазул ирга буго цӏакъго халатаб. Гьел киналго «доре» рачани, щалгун хӏалтӏизе вугев нухмалъулев, рачинчӏого тани, кин гьелгун хӏалтӏизе кӏолеб? Гьеб суалалъ рахӏат толарого бугин ккола Васильевасе. Гьелда цадахъ, метердай рачӏина дихъе «гьалбал», сезедай абун ругел хӏакимзабазул хӏалтӏи кинаб букӏунеб? Гьел бигьаял масъалаби гуро.

Дагъистан — Татарстан

Ахирал моцӏазда лъалеб хӏисабалда цӏикӏкӏана кӏиябго республикаялда гьоркьор бухьенал. Гьарзаго доре-гьанире хьвадулел официалиял делегациязе гьеб нух лъугьун батила цӏакъго гӏагараблъун, жидерабголъун. Васильевас рагӏун ва рагьун лъазабуна гьанжеялдаса нахъе Дагъистаналъе Татарстан бугин стратегияб (цӏакъго кӏвар бугеб) партнер абун. Гьелъие нугӏлъун, гӏемер бицунеб хӏужалъун ккола нилъер республикаялъул хӏукумуталъул бетӏерлъун Татарстаналъул экономикаялъул министр Артем Здунов тӏамиги. Хӏукуматалъул гӏуцӏиялъул, экономикаялъе чӏаголъи кьеялъул рахъалъ гьес тӏамурал тӏоцересел галабазги (налогал ракӏариялъул жаваб кьолев хасав вице-премьер, вице-премьерасда тӏадкъалеб кӏвар бугеб министерство, премьерас жаваб тӏаде босулел экономикаялъул аслиял рахъал ва цогидаб) бицунеб буго Татарстаналъул хӏалбихьи нилъехъеги щвезехъин букӏин. Щаклъи гьечӏо, гӏагараб заманалда жаниб министерствабазул (кӏигояб цойиде бачун) ва гьенир хӏалтӏулел чиновниказул къадарги дагь гьабизе букӏиналда. Бихьулеб буго министразул гӏаммал рагӏабаздехунги гьесул кӏудияб божилъи гьечӏеблъи, тӏалаб гьарулел руго чӏванкъотӏарал, ритӏухъал баянал, тарихал. Гӏаммаб куцалда, Дагъистаналде дандеккун, кинаб сипатха бугеб Татарстаналъул? Республикаялъул ракьалъул гӏатӏилъи буго 67,8 азарго кв км (Россиялда 44 бакӏ), Дагъистаналъул — 50,3 азарго кв км. Тахшагьар — Казань, 1.2 млн чи, Москваялде буго 800 км. Махӏачхъалаялда вуго 700 азарго чи, Москваялде буго 2166 км. Аслияб тӏабигӏияб бечелъи — нарт, гьелъул букӏине бегьулеб, хӏисаб гьабураб нахърател бащалъула 800 млн тоннаялда (цо-цо баяназда рекъон, 1 млрд тонна). Лъагӏалида жаниб гьениб бахъула 30 миллионгӏанасеб тонна. Дагъистаналда ва Каспий ралъдал нилъер бутӏаялъул тӏинда букӏине бегьулеб, хӏисаб гьабураб нартил нахърател буго 280 млн тонна (цо-цо баяназда рекъон букӏине бегьула чанго нухалъ цӏикӏкӏунги). 2017 соналда нилъер гьаниб бахъана нартил 150 азарго тонна (2016 соналдаса 16 проценталъ дагь). Бищун цӏикӏкӏараб къадар нартил Дагъистаналда бахъана 1970 соналда — 2.2. млн тонна. Татарстан буго цӏакъго цебетӏураб экономика бугеб регион, гьеб рахъалъ Россиялъул киналго регионазда гьоркьоб гьеб республикаялъ ккола анлъабилеб бакӏ. Республикаялда хӏадурараб къайи-цӏаялъул ва гьарурал хъулухъазул гӏаммаб багьа (ВРП) 2017 соналда бахана 2 трлн гъуршиде (цебесеб соналдаса 2.8 проценталъ цӏикӏкӏун). Татарстан уна Россиялъул 12 регион-доноразде (жибго жинцаго хьихьулеб ва федералияб бюджеталде гӏарац кьолеб) гьоркьобе. Гӏумру гьабизе бищунго лъикӏаллъун рикӏкӏунел Россиялъул регионазда гьоркьоб Татарстаналъ ккола ункъабилеб бакӏ (Москва, Санкт-Петербург, Москва область, Татарстан). Къватӏисел пачалихъаздаса щибаб соналъ гьениве вачӏуна 250 азарго турист. Дагъистаналъул экономика Россиялъул регионазда гьоркьоб гьабсагӏаталда буго 35-абилеб бакӏалда. Гьеб ахирисеб бакӏ гуро, амма нилъер ругел шартӏазда рекъон нилъ рохизесеб хӏужаги гьеб кколаро. Татарстаналда гӏумру гьабула 3.9 млн чияс (Россиялда микьабилеб бакӏ) – 53 % татарал, 40 % гӏурусал, 3 % чувашал, хадур удмуртал, башкирал ва цогидалги, гьединго кӏиазаргогӏанасев дагъистаниявги. Дагъистаналда гӏумру гьабула 3.1 млн чияс, гьезда гьоркьов вуго 4 азаргогӏанасев татаравги.

Гӏабаш Гӏабашилов