Магӏарул мацӏалъул ва маданияталъул фестивалалда
Рахьдал мацӏ –
къисматалде рагьараб каву
Гӏагараб магӏарул мацӏ. Унго-унгоги гьелъул берцинлъи. Гьелъулъ бугебщинаб къуват. Гьелъул кучӏдузги сариназги нухарегӏула щивав инсан гӏумруялъул нухде. Гьенибги дандчӏвала эбелалъул кечӏ. Магӏарул мацӏалда ахӏулеб. Щивасул рекӏел гъварилъуда сунарел лъалкӏалги гвангъарал расеналги толеб. Гӏагараб магӏарул каламалъ куркьбал гъола нилъер щивасул талихӏалда. Гьеб талихӏалдаса инкар гьабуразе мунагь букӏинарищ.
Гӏагараб миллат нурлъун гвангъизе, гӏоло мугӏрузда рещтӏараб бакъ. Гьелъул къисматалда накъишал рикӏулеб миллаталъул матӏу. Магӏарул халкъалъул къадруяб тарих къарнабаз наслабазе цӏунараб хӏикматаб жавгьар. Магӏарулазул гъасда бакараб, свине рес гьечӏеб чирахъ. Бищунго тӏадегӏанаб. Бищунго борхатаб. Цӏвабзазда цӏар хъвараб гӏагараб калам. Гьекъон, къеч хьвалареб гӏумруялъул ицц. Магӏарул мацӏ – къисматалде рагьараб каву…
Щуабилеб… амма ахирисеб гуреб
24-25 февралалда Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул ва Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул квербакъиялдалъун Магӏарул театралда тӏобитӏана рахьдал мацӏалъул ва маданияталъул щуабилеб фестиваль. Театралъул жанахӏ кьабун цӏун букӏана байрамалде рачӏараз. Киса-кибего магӏаруллъиялъул махӏ. Гьале магӏарул районазул газетазул выставка, гьаб цояб рахъалда – ансадерил устарзабазул цӏулал тӏагӏелалги гьоцӏдерил гӏарцул устарзабазул хӏалтӏабиги. Гьанибехунин абуни, магӏарул кечӏ-бакъан. Пандрида рачунел некӏсиял, умумузул бакъназ шавкъ щвезабурал магӏрулал гӏашикъго гӏенеккун рукӏана унго-унгояб магӏарул кочӏохъ. Добехунин абуни, аргъаналъул саринахъе сородулел лугбалгун магӏарул кьурди-хъаталда цоял. Гьалеха доб бокьараб миллат урхъизеги рухӏдаллъизеги бегьулеб, магӏарулазе киданиги свине ресго гьечӏеб гъансито. Гормендаби чӏварал, хъахӏмакказул сипаталда байрамалде рачӏарал мусудулги мугӏрузда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул суратазда горсверулъе журарал гӏолохъабиги, гьезие гӏумруялъул дарсал кьолел миллаталъул машгьурал вакилзабиги – унго, бугебдай дунялалда гьеб берцинлъи борцунеб роцен.
Байрамалда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана магӏарул мацӏалда тӏахьал къватӏире риччалел басмаханабиги. Магӏарулазул миллияб байрамалде ячӏун йикӏана Дагъистаналъул миллияб политикаялъул рахъалъ министр Татьяна Гамалейги. Гьелъ магӏарулазда байрам баркана ва бицана министерствоялъ миллатазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏулги гӏолилаздаги цӏалдохъабаздаги гьоркьор тӏоритӏулел конкурсазулги хӏакъалъулъ.
Байбихьана аслияб бутӏа
Гьеб сайгъат гьабун букӏана магӏарул мацӏалъул учительзабазе ва гьезул цӏалдохъабазе. Сценаялда жидерго пагьму-гьунар бихьизабуна гьез. Ахӏана ва рикӏкӏана кучӏдул, рихьизаруна кьурдабиги спектаклязул бутӏабиги. Щибаб районалъул жиндирго маданиятги гӏадаталги ругел гьел церерахъиназ пана гьарун рукӏана балагьарал.
Гьелдаса хадуб магӏарул мацӏ, адабият, маданият цебетӏеялъулъ жидеца бутӏа лъурал учительзабазе шапакъаталги кьуна Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ.
Фестивалалъул кӏиабилеб къоги байбихьана кечӏ-бакъаналдалъун. Урхъун рукӏун руго магӏарулал цоцазухъ. Рикӏкӏадасан гьеб киналдаго хадуб халккведал, рохелги пашманлъиги цадахъ букӏана. Рохел – гӏадамазул урхъиги рокьиги бихьун. Пашманлъи –унго-унголъунги бахъиладай нилъехъа гьеб талихӏилан абун. Абула, нилъеца тӏахьал цӏали тун бугилан. Амма гьеб къоялъ магӏарул мацӏалда хъварал тӏахьал росулел, шагӏирзабазулгун, хъвадарухъабазулгун гара-чӏвариялда гӏолилал рихьидал, рекӏелъе рохел рещтӏунеб букӏана.
Эркенаб микрофоналдасан кучӏдул ахӏизе ва рикӏкӏине, кьурдизе, гӏагараб каламалъул хӏакъалъулъ рагӏи абизе ихтияр букӏана бокьарав чиясул. Гьенир цере рахъараз хӏасратго бицунеб букӏана рахьдал мацӏалде жидерго бугеб рокьул хӏакъалъулъ. Киназего бокьун букӏана кӏалъазе ва мацӏ цӏунизе кколин, гӏагараб миллаталде ахӏи базе.
Шапакъатал ва сайгъатал
Гьелдаса хадуб байбихьана миллаталъул тарихалда жидерго хасал лъалкӏал толел ругел магӏарулазе шапакъатал кьезе. Гьел кьуна Магӏарул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев Шагӏбан Хӏапизовас. Шапакъатал щвана журналистазе, шагӏирзабазе, хъвадарухъабазе, гӏалимзабазе, Магӏарул театралъул артистазе, гьединго сахаватал ишал жидеца гьарурал магӏарулазе.
Фестивалалъул ахиралда театралъул артистаз бихьизабуна «Васигат» абураб спектакльги.
Шамай Хъазанбиева