Мацӏазул жавгьараздаса гӏуцӏараб халкъ
Рахьдал мацӏазул байрамкъо кӏодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги
Гьениб гӏуцӏун букӏараб данделъиялъул гӏахьалчагӏаз бицана къадар дагьал халкъазул мацӏазул бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Данделъиялда рихьизаруна агул ва цахур мацӏазда рахъарал цӏиял тӏахьалги.
ДГУялъул рахьдал мацӏал малъиялъул централъул директор Марина Хӏасановалъул пикруялда, байрамкъо тӏобитӏанилан абун, рахьдал мацӏал малъиялъул рахъалъ ругел масъалаби тӏуразаризе бигьалъулеб гьечӏо. «Хасго хӏалуцун буго къадар дагьал халкъазул мацӏал цӏуниялъул масъала. Гъоркьиса, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон, гӏуцӏана рахьдал мацӏал малъиялъул центр. Гьелъул тӏоцебесеб данделъиялда бицана хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏазул масъалабазул хӏакъалъулъ. Жакъа гьоркьор лъолел руго къадар дагьал халкъазул мацӏазул масъалаби», — ян абуна гьелъ.
ДГУялъул филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевас кӏварбуссинабуна миллатал гӏемераб Дагъистаналда щибаб халкъалъул мацӏалъул ращадал ихтиярал рукӏине ккеялде. «Щивасе бокьула рахьдал мацӏ. Цояб мацӏ цогидаб мацӏалдаса тӏадегӏанаблъун гьабуни, халкъазул гьудуллъи жагъаллъизе бегьула. Нилъ цоцада ричӏчӏизе квербакъулеб, нилъер халкъал цолъизарулеб мацӏлъун буго гӏурус мацӏ. Гьебги дагъистаниязулги мацӏал ращадго церетӏезаризе ресал кьеялъулъ буго Дагъистаналъул цебетӏеялъе нух», — ан абуна деканас.
«Дагъистан буго гьитӏинабго Россия – гьедин абизе бегьула, республикаялда гӏумру гьабулел халкъазул къадарги хӏисабалде босун. Гьаниб гӏасрабаз гьудуллъи-вацлъиялда гӏумру гьабулеб буго батӏи-батӏиял мацӏазулги диназулги вакилзабаз. Данделъиялда церелъурал цӏиял тӏахьаз нилъее нугӏлъи гьабула, къадар дагьал халкъазул мацӏал цӏуниялъе республикаялъул нухмалъиялъ кӏваркьолеб букӏиналъе», — ян пикру загьир гьабуна данделъиялда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Фикрет Ражабовас.
Щивасда тӏадаб борч
Данделъиялдаса хадуб филфакалда тӏобитӏана миллияб маданияталъул байрам. Гьеб рагьана Шабан Мазанаевас. «Мацӏ буго щибаб халкъалъул маданият цӏунулеб багьа хирияб жавгьар. Нилъеда щивасда тӏадаб буго рахьдал мацӏ цӏунизе, гьеб рокъоб лъималаздаги школалда цӏалдохъабаздаги малъизе. Дир ракӏ бохула, рахьдал мацӏ цӏунизеги цебетӏезабизеги бажари бугел преподавателал факультеталда рукӏиналдаса. Гьез гӏолохъанаб гӏелалъухъе кьолеб буго гӏагараб маданияталде рокьиги рахьдал мацӏ цӏунизе шавкъги. Гьезул нух тӏасабищарал гӏолилал рукӏинги ккола нилъер талихӏлъун», — ан бицана гьес.
Мазанаевас хӏурматалъул грамотаби кьуна вузазда гьоркьор тӏоритӏарал рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги олимпиадабазда чӏел босарал студентазе.
Гьелдаса хадуб студентаз цӏалана Кавказалъул халкъазул мацӏазда хъварал кучӏдул.
Аваразул калам…
Дагъистаналъул лъайкьей цебетӏезабиялъул институталда тӏобитӏана кучӏдул цӏалиялъул къец
Исана къец гӏуцӏана микьабилеб нухалда. Институталде рачӏун рукӏана 50 районалдаса 400-ялдаса цӏикӏкӏун цӏалдохъанги гьезул учительзабиги. Гьел ккола 11 классалъул цӏалдохъаби.
Гьез цӏалана Расул Хӏамзатовасулги, Фазу Гӏалиевалъулги, Залму Батировалъулги, Гӏумарла Батирайилги, Йирчи Хъазахъилги, цогидал шагӏирзабазулги асарал. Цо-цо цӏалдохъабаз кучӏдул ахӏулелги рукӏана. Цо-цояз хӏадурун букӏана кочӏол музыкалиябгун кьурдул композиция. Цӏалдохъабазул гьунаралъе къимат кьуна жюриялъ. Къецазул хӏасилалда пасихӏго кечӏ цӏализе гьунар бугевлъун рикӏкӏана Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул цӏалдохъан Мурад Абутӏалимов. Кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана: Гӏусман Чупалаев, Буйнакск шагьаралъул №6 школа, Муи Шамилова (Цӏумада районалъул Гьигьалъ росдал гьоркьохъеб школа), Чакар Гӏалибегова (Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал гьоркьохъеб школа). Лъабабилеб бакӏ щвана: Ахӏмад Гӏисалгӏумаровасе (Гъуниб районалъул Сугъралъ росдал гьоркьохъеб школа), Патӏимат Хъарачуевалъе (ЦОДОУ ЗОЖ, Красносельская росдал гьоркьохъеб школа), Хадижат Мухӏамадовалъе (Унсоколо росдал гьоркьохъеб школа).
Кавсарат Сулейманова