Дир анищ — Шамил имамасе памятник гьаби

Скульптор, РФялъул ва ДРялъул мустахӏикъав художник, ДРялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, гӏурус интеллигенциялъе, Мухӏамад Танкаевасе, Ирчи Хъазахъие ва гӏемерал цогидалги памятниказул автор, Гъуниб районалъул Салтӏа росулъа Гӏалихӏажи Сайгидовас 27 февралалда тӏубана 70 сон. Гьеб къоялъ редакциялде вачӏарав гьесулгун къокъабго гара-чӏвариги гьабуна.

— Баркулаха, Гӏалихӏажи, юбилей. Кинал пикрабигун гьелда дандчӏвай гьабураб?

— Цебехун гьабуралдаги хадубккун гьабизе ракӏалда бугелдаги тӏад ургъулаго.

— Нахъа тараб творчествоялъулаб гӏумруялдаса рази вугищ мун?

— Гьаб буго лъимерлъиялдаса нахъе дие бокьулеб букӏараб, сундухъниги хисулареб хӏалтӏи. Дица тӏасабищараб, дида жибги жинда дунги ватараб махщел бугелъул, кинха разилъичӏого вукӏинев.

— Гӏумруялде рахъинаризе кӏванищ ракӏалда рукӏарал анищал?

— Инсан чӏаго вугебгӏан мехалъ тӏуран лъугӏулел жал ратиларо анищал. Нилъер республикаялда гӏемерал рукӏана Шамил имамасе, Хъахӏал къункърабазе, Афгъанистаналда хваразе ва цогидал памятникал раялда сверухъ гӏуцӏарал конкурсал. Гьезул киназулъго дие тӏоцересел бакӏалги щвана. Амма гьезул цонигияб (гӏурус интеллигенциялъе хутӏун), дида рарал гурел, цо ричӏчӏуларел гӏиллабаздалъун гӏумруялде рахъинаризе кӏвечӏо.

— Хадубккун щибха гьабизе ракӏалда бугеб?

— Творчествоялъулав чиясул планал рукӏуна гьев чӏаго вугебгӏан заманалда, гьел гьечӏони, гӏумру гьабиялъул магӏнаго букӏунаро. Дир кидагосеб, жеги дица течӏеб хиял буго чода рекӏарав Шамил имамасе памятник гьаби. Цебегоялдаса нахъе букӏана «Эбелалъе» «Дагъистаналъул эбел» памятник базе пикруги. Рамазан Гӏабдулатӏиповасул разилъиги квербакъиги щун, хӏисабалде босун букӏана рорхун квералгун какилъ йигей эбелалъул монументалияб, 30-35 метр борхалъи бугеб памятник Тарки-Тау магӏарда (цебе Ленинил бюст букӏараб бакӏалда) базе.

Заманалдаса хисана гьеб пикру ва къотӏи ккана дагьаб гӏадатияб, монументалияб гуреб памятник Махӏачхъалаялъул централияб майданалда лъезе. Дун гьеб памятникалде тӏад хӏалтӏана 2 лъагӏелалъ. Хадуб Гӏабдулатӏиповги хъулухъалдаса ана, хӏалтӏиги чӏун хутӏана. Гьанже дир кӏудияб хьул буго гьеб суал тӏубаялъе республикаялъул цӏияв нухмалъулев Владимир Васильевас квербакъилин абураб.

— Цӏадирабазда лъун борцани, хӏалтӏулъ творческияб рахъищ бакӏлъулеб материалияб рахъиш?

— Тарихалде балагьани бихьула — гӏемерал художникал гьаб дунялалдаса ана язихълъиялда, гӏадамазда жидерго творчество бичӏчӏичӏого. Дирги буго дирго, Дагъистаналда гӏемераз жеги къабул гьабулареб къагӏида (стиль). Букӏуна хӏалтӏи яшав гьабиялъе гьабулеб, гьелда цадахъго букӏуна жиндирго хаслъи бугеб, хӏакъикъияб творчествоялъулаб хӏалтӏиги.

Гьабсагӏаталда рес буго дандекколедухъ гӏумруги гьабизе рекӏел анищал тӏураледухъ творчествоялдаса пайдаги босизе. Цӏадирабаздалъун борцани, бергьуна творчество, гьеб буго дир тӏинчӏ, гьелдаса тӏадегӏанаб щибго гьечӏо. Гьеб бергьинчӏони, гӏумруялъулги хӏалтӏулги пайда щиб?

Гара-чӏвари гьабуна

Гӏабаш Гӏабашиловас.