Махӏмудихъ гьоболлъухъ
Рукьбалъ бугеб цӏеца цӏун буго дунял
Щибаб март бачӏингун,
магӏарул чӏужу,
Махӏмудил хабада
лъе ихдалил тӏегь…
Гьадин хъвана рокьул гӏашикъасул хӏакъалъулъ Хӏамзатил Расулица. Гьеб кечӏ цоги нухалда ракӏалде щвана Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччарал шагӏирасул тӏахьал цере росараб къоялъ. Библиотекаялде данделъун рукӏана гӏалимзаби, журналистал, студентал, учительзаби, цӏалдохъаби ва Махӏмудил шигӏрабазул борхалъуда жидедаги рещтӏен батулел магӏарулал.
«Дагъистаналъул классикаялъул меседилаб фонд» проекталда рекъон, «Дагъистан» басмаханаялъ къватӏире риччазе байбихьун руго щибаб миллаталъул адабияталда сунарел лъалкӏал тарал рагӏул устарзабазул тӏахьал. Магӏарул адабияталъул классик, рокьул гӏашикъ, гӏишкъудал асир Махӏмудил кучӏдузул гьеб проекталда рекъон бахъараб тӏехь ккола тӏоцебесеб. Гьелда гъорлъе рачун руго жеги кирниги рахъун рукӏинчӏел шагӏирасул цо-цо кучӏдулги. Тӏехьалъе цеберагӏиги хъван буго гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас.
Дандеруссин нухда бачарав Зикрула Илясовас цоги нухалда ракӏалдещвезаруна шагӏирасул кочӏолаб дунялалъул балъголъаби.
Тӏехь данде гьабураб ва гӏемерал соназ гӏелмияб къагӏидаялда Махӏмудил адабияб гьунаралъул цӏех-рех гьабурав, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи Ахӏмад Муртазагӏалиевас бицана жиндирго гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилазул хӏакъалъулъ. Гьелъул аслияб хӏасил — берцинго къачӏараб, цӏалдолезул ракӏал тӏаде цӏалеб шагӏирасул асаразул кӏиго том.
Бацӏцӏадаб рокьул цӏураб шагӏирасул кочӏолаб дунялалде магӏарулал ахӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Абакар Гӏумархӏажиевас. Цеве вачӏунев вукӏана, пандур кодоб ккурав, рокьул гьелегьараб цӏаялъ ургьимесго гьалдезабурав, талихӏабги талихӏкъарабги рокьул бетӏергьан Хъахӏабросулъа Махӏмуд:
— Тӏурун араб чанихъ чараги тӏагӏун,
Черхалда кор буго кидаго боркьун.
Кодоса тӏурараб тӏавусги бокьун,
Рукьбалъ бугеб цӏеца цӏун буго дунял…
Махӏмудил рагӏабазда кучӏдул ахӏана Магӏарул театралъул артистал Патӏимат Хӏажиевалъ, Патӏимат Гӏисаевалъ ва ДГПУялъул студентка Патӏимат Камиловалъ. Гӏенеккаразе кӏудияб асар гьабиледухъ шагӏирасул кучӏдул рикӏкӏана Махӏачхъалаялъул №35 гимназиялъул цӏалдохъан Мухӏамад Халовас ва Казбек районалъул Дилим росдал культураялъул рукъалъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Дудуевас.
Гӏажаибго панаяб асар гьабуна магӏарулазе ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи, тумав Гӏиса Гӏабдулаевас магӏарул мацӏалда Махӏмудил кучӏдулги рикӏкӏун гьабураб кӏалгъаялъ.
Кӏалъазе рахъарал ДНЦялъул ИЯЛИялъул гӏалимчи Мухӏамад Мухӏамадовас, Махӏмудил цӏаралда бугеб фондалъул председатель Мухӏамад Хӏасановас, Махӏачхъалаялъул №51 гимназиялъул магӏарул мацӏалъул учитель Зарият Базаевалъ, шагӏирасул кучӏдуздаса мисалалги рачун, бицана шагӏирасул рокьул улкаялъул бацӏцӏалъиялъулги, недегьлъиялъулги, хӏеренлъиялъулги, пасихӏлъиялъулги хӏакъалъулъ.
Шамай Хъазанбиева