Тӏоцебесеб бакӏалда — инсанасул ихтиярал
19-23 февралалда республикаялде рачӏун рукӏана Россиялъул Президентасда цебе бугеб
Жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул гӏахьалчагӏи
Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул хӏалтӏухъабазул аслияб масъала букӏана ахираб заманалда Дагъистаналда бикъа-хъамиялде, коррупциялде данде гьабулеб хӏалтӏул бугеб хӏалалъул халгьаби. Гьезие нухмалъи гьабулеб букӏана гьеб Советалъул председатель Михаил Федотовас.
Пачалихъиял идарабаздаги жамгӏиял гӏуцӏабаздаги гьоркьоб бугеб гъункиялда, цоцада ричӏчӏиялда бараб буго республикаялда инсанасе парахатаб, талихӏаб гӏумру гьабизе ва хӏалтӏизе санагӏатал шартӏал чӏезари. Гьезул бухьен лъикӏаб гьечӏолъиялъ квалквал гьабула церелъурал масъалаби тӏуразаризеги гӏадамасул социалияб гьумер берцинго цӏуниялъеги. Гьебго мурадалда нилъер республикаялъул бетӏерасда цебеги гӏуцӏун буго гьединабго Совет.
Аэропорталде рещтӏаралго, гьалбадерица сапар бухьана Гъизляр шагьаралде. Гьенир рукъулел рукӏана цебесеб къоялъ террористасул квердасан хварал руччаби. М. Федотовасги, М. Шевченкоцаги ва гьезда цадахъ рукӏаразги зигара бана хваразул гӏагарлъиялда.
Гьалбадерица гӏадамал тӏаде къабул гьаруна Махӏачхъалаялда, Каспийскалда, Гъизилюрталда, Буйнакскалда, Дербенталда, Хасавюрталда. Лъабго къоялда жанир гьел гӏенеккана 1260 дагъистаниясухъ. Гьел щвана республикаялъул аслиял, халкъалъул мурадал тӏуразариялда жидер хӏалтӏи бухьарал министерствабаздеги, Махӏачхъалаялда, Хасавюрталда ругел туснахъаздеги.
Аслияб куцалда гӏарзал рукӏана Жанисел ишазул министерствоялъ, полициялъ, судияз жидерго хӏалтӏулъ риччалел ругел гӏунгутӏабазда, гъалатӏазда, ритӏухъи гьечӏолъиялда тӏасан.
Советалъул членаз бихьизабуна Дагъистаналда хӏаталдаса ун гӏемерлъун рукӏин ракьул суалазда сверухъ раккулел дагӏбаби. Гьеб рахъалъ гӏей гьечӏеблъун бихьизабуна республикаялъул Буголъиялъул ва ракьазул сурсатаздаса пайда босиялъул министерствоялъул хӏалтӏиги, кӏварбуссинабуна гьенир ругел гӏунгутӏабаздеги.
Гӏажаиблъи гьабизе бачӏана туснахъалде ккарал 30 сониде рахинчӏел гӏолохъанал ясазул пикру гьабидал. Гьезда гьоркьор ругоан чи чӏваралги, наркотикал хӏалтӏизаруралги, гьел ричулел ратаралги. Гьезухъ балагьараб мехалда, ракӏалде кколеб букӏана гьезда тӏубанго гӏайиб батизе гьечӏилан. Гьезие тарбия кьурал эбел-инсуда, гьел куцараб школалъул нухмалъулезда лъицаниги щибниги абулеб гьечӏо. Гьелъ бицунеб буго нилъер жамгӏияб рокъобе кӏудияб къварилъи рещтӏун букӏиналъулги гьелдехун нилъеца дагьабгӏаги кӏварбуссинабулеб гьечӏолъиялъулги.
Гӏадамазулгун рукӏарал дандчӏваязда цеберехун бихьулеб букӏана инсанасул ихтиярал цӏуниялъулъ, гьезул мурадал тӏуразариялъулъ нилъер республикаялъул гӏуцӏабазул ва бакӏазда ругел нухмалъулезул хӏалтӏулъ кӏудиял гӏунгутӏаби рукӏин ва гӏадамасул мурад тӏубазе гьенир хӏалтӏулезул гъира гьечӏолъи. Гьез рази гьечӏолъи загьир гьабуна Махӏачхъала ва Каспийск шагьаразул нухмалъулезул хӏалтӏудаса. Аслиял суалазул цояблъун кколеб буго гӏолилазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъи. Хӏакимзабаз жидерго гӏагаразе гурони гьеб рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи гьечӏолъиялдаса, къватӏазул бугеб квешаб хӏалалдаса рази гьечӏолъи бихьизабун, кӏалъана Каспийск шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏолилал.
Гьалбадерил гӏахьаллъигун ва тӏаде Дагъистаналъул жамгӏиял хӏаракатчагӏиги къабул гьарун, батӏи-батӏиял суалалги гьоркьор лъун, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана щуго «гургинаб стол». Республикаялда гьединго тӏобитӏана Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъулги Дагъистаналъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб гьединабго Советалъулги цадахъаб данделъи.
Россиялъул Президентасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул Советалъул членаз рагӏи кьуна тӏатарал гӏунгутӏабазул хӏакъалъулъ гъваридго пикруги загьир гьабун, гьел тӏагӏинаризе гӏоло республикаялъул нухмалъулезе кумек гьабизе ва федералиял гӏуцӏабазул гӏайибалдалъун тӏурачӏого ратарал гӏадамазул гӏарзалги суалалги гӏумруялде рахъинариялъе кумек гьабизе.
Зикрула Илясов,
Дагъистаналъул бетӏерасда цебе бугеб жамгӏият цебетӏеялъул ва инсанасул ихтиярал цӏуниялъул
Советалъул председатель