Кин йигей, магӏарулай?
Нужер ракӏазулъа бакъ лъугӏугеги
Хъистаман-адал гъасда
батараб хинлъи
Хъистаман Султанбегова. Магӏарул шагӏир ва хъвадарухъан. Жамгӏияй хӏаракатчӏужу. Лъималазул рокьуца сверун ккурай талихӏай эбел. Жиндир гъасда гӏемерал руччабазда хинлъи батарай Хъистаман-ада. Диеги гьединайлъун хутӏизе йиго гьей хӏикматай магӏарулай. Гӏемер щола дун гьелъухъе ясал-шагӏирзабигун цадахъ. Гьелъ ургъун ратулелщинал проекталги, ниж тӏаде щвелалде. Гара-чӏварула, къватӏире рачӏарал цӏиял тӏахьазул бицун. Тӏоритӏула адабияталъул сагӏтал, кучӏдул пасихӏго рикӏкӏиналъул ва ахӏиялъул къецал, хӏатта, магӏарул хъвадарухъабазул асараздаса гӏуцӏула ва рихьизарула спектаклял. Хъистаман-адаца ракӏалдещвезарула магӏарулазул гӏадатал, гӏамалал. Хъистаманил гъасда бакун букӏуна кидаго сунареб цӏаги. Гьеб цӏадухъ цогӏаги нухалда хинлъи щваразе кӏиабизеги бокьула гьенире рачӏине. Абула, алжан эбелалъул хӏатӏикь букӏунила. Гьебин абуни, батана Хъистаманил ясал Ханикада, Хӏабизат, Аниятида. Кинха гьезда рухӏдаллъиларей — эбелалъеги гьелъул гьалбадериеги хъулухъалъе эхетарал хӏурулгӏинзабаз гьеб гъасда цӏунун бугебщинаб рокьиги цӏаги! Эбелалъухъе рачӏаразул гьез гьабун толеб хӏурмат!
Баркула Хъистаман-ададаги гьелъул ясаздаги Микьабилеб марталъул байрам. Гьебгун цадахъ гьезул щиялъухъе рещтӏаги талихӏалъул бакъ. Гьелъул чӏораз гвангъизабураб къисматги кенчӏаги магӏарулалъул тӏадегӏанаб намусалъул борхалъиялда даимаб цӏвалъун.
Салам, Савдат-эбел
Савдатил цӏар бахъидал, дида чӏвала магӏаруллъиялъулго махӏ. Цее ячӏуна, рарал соназухъ халгьабичӏого, жегиги жан-жигаралда йигей, азбаралда цебе бугеб пастӏаний хӏалтӏулей лебалай магӏарулай. Савдат-эбел. Гьедин хӏеренго, недегьго абула гьелда гьей лъалез. Гӏабасилав лъалезда лъалаан гьейги. Шагӏирасухъе рачӏанщиназ цин гьей цӏехолаан. Шагӏирасул гӏумруялъул канлъун даим гьесул хьолбохъа камуларей йикӏарай Савдат гьанже дагьа-макъабго чиякълъиялъ къакъалей йиго. Гьеб бахчизеги хӏаракат бахъула гьелъ. Амма телефоналдасан кӏалъалелъул, жиндиего хириял ясазул гьаракь рагӏидал, магӏу кквезе кӏоларо гьелда. Вай, бабал тӏанчӏи, нужехъ урхъун йигеб куцха дунинги абун, гӏодун йиччан тола. Дунгиха, Савдат-эбел, духъ урхъун йигей. Дур тепсиялъухъгиха. Дуца бицунеб гьуинаб харбихъгиха.
Баркула дуда, нижер Савдат-эбел, тӏаде щвараб ихдалил махӏазул цӏураб хӏайранаб байрам. Сахаватлъиялъул цӏураб дур минаялъуса талихӏалъул махӏ тӏагӏунгеги!
Баркула, Патӏимат,
Микьабилеб март
Газеталда хӏалтӏулаго, гӏемерал гӏадамазулгун лъай-хъвай ккола. Гьезул щивас рекӏее кинаб букӏаниги асарги гьабула. Лъана дида Шамил районалъул Гьолокьа Хизроева Патӏиматги. Гьей йиго кидаго гӏадамазухъ урхъун йикӏуней гӏадан. Гьелъулъ буго лъималазеги гьезул лъималазеги бикьизе букӏараб, амма кьезе шартӏал щвечӏеб кутакалда гьелегьараб рокьул цӏа. Гьеб цӏадул хинлъиялъухъе жакъаги ракӏарула Патӏиматил гӏагарлъиги гьудул-гьалмагълъиги. Лъималлъун гьелъие хутӏана яцалъул лъималги гьезул лъималги.
Махӏачхъалаялда медучилище лъугӏарай гӏолилай районалде тӏадюссана. Гӏемерал соназ хӏалтӏана районалъул батӏи-батӏиял росабалъ. Хӏалтӏана районцоязул баркалаялъе мустахӏикъаб хӏалалда.
Анцӏгогӏан соналъ Гьолокь росдал советалъул председательлъунги хӏалтӏана Патӏимат. Ригьналъ батичӏеб талихӏ хӏалтӏулъ батана Патӏиматида.
Патӏа-ада. Гьедин хӏеренго абула гьелда гӏагарлъиялъ. Диегиха гьей кколей Патӏа-адалъун. Къисматалъул релълъарал тӏанчал гӏемерал рукӏиндалищали, дир ракӏги цӏала гьелъухъе. Гьелъ дида ракӏалдещвезабула магӏаруллъи: белъунеб-бежулеб бакъвараб бакьалъул махӏги, аскӏобго гьалдолеб хьагиниб мугьги, дун ячӏиналъухъ гӏашикъго ялагьун чӏун йикӏуней Патӏа-адаги…
Баркула, Патӏимат, Микьабилеб март. Дир гӏумруялъул тӏохьода гӏажаибго берцинаб къиса хъварай сахаватай Патӏимат, жегиги гӏемерал соназ рагӏаги дуда март моцӏалъ рачунел хӏайранал бакънал.
Дур кечӏги кӏалъана
дир къисматалда
Жакъа халкъияй шагӏиралда баркизе рагӏаби гӏолел гьечӏо. Хӏурматияй Залму. Лъала гьаб байрамалъ дуе абизегӏанасеб асар гьабулареблъиги, бугониги, баркизе бокьун буго машгьурай шагӏиралда тӏабигӏат цӏилъулеб ихдалил байрам. Дур пикрабазул цӏурмил гьаркьица цӏидасанги тӏуркӏизаюлей йиго:
— Пикрабаца цӏумур бухулеб буго,
Чӏаголъи лъугӏараб лъикӏлъи борчӏизе,
Ургъалица гӏакӏа ахӏулеб буго,
Ургъел гьечӏелщинал ригьинаризе…
Кинаб заман босаниги, шагӏирасул ахӏухъ гӏинтӏамулареб заман букӏун батиларо. Жакъа, къоло цоабилеб гӏасруялда, дур гьаракьалъ, дур шигӏрабаз ккола хасаб бакӏ. Дир къисматалдаги кӏалъана мун. Гьай дица дунгойилан толаха:
— Гьаб рагӏал батулареб рокьуе къулулаго,
Къокъана гьалъул гӏумру, гӏазу бана ботӏроде.
Амма херлъичӏо рокьи, хисичӏо гьеб каранда.
Хутӏана гьеб лъукъараб хъахӏаб хӏанчӏил бакъанлъун.
Биччанте, хӏурматияй Залму, гьаб гьайбатаб байрамгун духъе рещтӏине дур гӏумруялъе дагьалги берцинал кьерал кьолеб талихӏ.
Берцинаб гьурмадаса
гьими лъугӏугеги
Хирияй Патӏимат. Дир ракӏцояй, ракьцояй. Кӏикъогогӏан соналъ жаний хӏалтӏараб «Хӏакъикъат» газеталъулгун дуца къо-мехлъикӏ гьабулеб лахӏзат цебеса унеб гьечӏо. Мунгун цадахъ хӏалтӏарал сонал дие рукӏана аваданаллъун, рохел-талихӏ гьарзаяллъун. Бокьулаан гӏенеккизе пашманаб, къварилъиялъул цӏураб гьаракьалъ дуца эбелалде гьабураб кочӏохъ. Гьеб пашманлъи диеги гӏахьалаб букӏиндалха. Цинги цолъулаан нилъер магӏил гарал, ва гьез цадахъ рачунаан урхъукье гурони жиндихъе нилъ щолареб хунздерил тӏалъуде. Лъала гьаниб дур бакӏ дие чӏобоголъараблъиги. Амма гьеб чӏаголъизе буго, мунгун цадахъ хӏалтӏарал соназул талихӏал лахӏзатал ракӏалдещведал.
Баркула, гӏагарай, нилъерго байрам. Лъугӏугеги дур берцинаб гьурмадаса гьайбатаб гьими. Лъималазул бадисан гьимаги дуе талихӏалъул бакъ. Урхъун йигеб куцха дур шигӏрабазухъ…
Шамай Хъазанбиева