Эбелалъулаб капиталалъул болжал цӏикӏкӏинабуна
2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе хӏалтӏизе байбихьана 2006 соналъул 29 декабралда къабул гьабун букӏараб «Лъимал ругел хъизамазе пачалихъияб кумек гьабиялда бан, тӏадеги тадбирал гӏуцӏиялъул хӏакъалъулъ» абураб №256 федералияб законалда гьарурал хиса-басиял.
Эбелалъулаб капитал кьезе буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегӏан кӏиабилеб ва хадусеб лъимер гьабураб (яги бесдалазул рокъоса бачараб) хъизамалъе. Гьелъие ихтияр кьолеб сертификат кьеян хитӏаб гьабизе ккола Пенсиялъул фондалъул бакӏалъулаб отделениялде.
2018 соналда эбелалъулаб капиталалъул багьа бащалъана 453026 гъуршида. Гьеб хӏалтӏизабизе бегьула мина-рукъалъул шартӏал лъикӏлъизариялъеги, лъимадуе лъай кьеялъеги, эбелалъул пенсиялъул бутӏаялъеги (накопительная часть), сакъатал лъималазе хӏажатаб къайи босиялъеги.
2017 соналъул 28 декабралда къабул гьабуна «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ» абураб №418 федералияб закон. Гьеб къуваталде лъугьараблъун рикӏкӏуна 2018 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Гьелда рекъон, кӏиабилеб лъимер гьабураб яги бесдалазул рокъоса лъимер бачараб ва эбелалъулаб капитал щвезе ихтияр кьолеб сертификат бугел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьезе буго пособие. Амма гьеб киназего гуро кьезе бугеб. Пособие щвезе буго, хӏалтӏун бажарулел гӏадамазе моцӏрое гӏолеб гӏарцул хӏисабги гьабун, гьелдаса 1,5 нухалъ дагьаб бугони хъизамалъул щибаб рухӏалъе моцӏрое щолеб хайир. Масала, 2017 соналъул кӏиабилеб кварталалда хӏалтӏизе бажарулел гӏадамазе гӏолеб къадарлъун Дагъистаналда чӏезабуна 9922 гъуруш. Гьеб гьабуна 2017 соналъул 14 августалда ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «2017 соналъул II кварталалда Дагъистан Республикаялда щивав чиясулги социалиялгун демографиял группабазулги хӏисаб гьабун, гӏумру гьабиялъе хӏажалъулеб бищун гьитӏинаб къадар чӏезабиялъул хӏакъалъулъ» абураб №174 хӏукмуялда рекъон. Гьелда рекъон, лъималазул пособие кьеян хитӏаб гьабизе ихтияр буго моцӏрое хъизамалъул щибаб рухӏалъе 14883 гъуруш гурони щоларезул.
Гьелде тӏадеги, «Лъимал ругел хъизамазе щибаб моцӏалъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ» абураб №418 федералияб законалда рекъон, щибаб моцӏалъ пособие кьезе буго тӏоцебесеб лъимер гьабурай (хьихьизе бачарай) эбелалъе, яги инсуе, ялъуни лъимадул тӏалаб гьабулесе, нагагь эбел, эмен (хьихьизе рачарав) хвани, гьел эбел-инсул ихтияралдаса махӏрум гьаруни, ялъуни хьихьизе бачараблъун рикӏкӏунеб гьечӏони.
Тӏоцебесеб яги кӏиабилеб лъимер гьабиялда (хьихьизе бачиналда) бан, пособие кьеян хитӏаб гьабизе бегьула МФЦялде яги гӏумру гьабулеб бакӏалъул социалияб рахъалъ цӏуниялъул управлениялде. Эбелалъулаб капиталалдаса щибаб моцӏалъ, ай бутӏабазде бикьун, гӏарац кьеян хитӏаб гьабизе бегьула МФЦялде яги РФялъул Пенсиялъул фондалъул территориалияб идараялде. Гьебги гьабизе бегьула лъимер гьабуралдаса (хьихьизе бачаралдаса) лъагӏелгун бащдаб базегӏан заманалда жаниб.
Тӏоцебесеб яги кӏиабилеб лъимер гьабуралдаса анлъго моцӏ базегӏан, МФЦялде яги социалияб рахъалъ цӏуниялъул идараялде пособие чӏезабеян гӏарза кьураб мехалда, пособие кьезе ккола лъимер гьабураб къоялдаса нахъе. Нагагь гӏарза хъвазе анлъго моцӏидасаги кватӏани, пособие кьола гӏарза кьураб къоялдаса нахъе.
Щибаб моцӏрол пособие чӏезабула цо лъагӏалие. Гьелдаса хадуб цӏидасан гӏарза хъвазе ккола пособие босизе гӏоло. Гьеб гӏарзаялда цадахъ рукӏине ккола гьал хадур рехсарал документалги:
— лъимер гьаби (хьихьизе бачин) тасдикъ гьабулеб документ;
— лъимерги гьесул эбелги Россиялъул гражданал кколеллъи тасдикъ гьарулел документал;
— лъимадул эбел хварайлъи, эбелалъул ихтияралдаса махӏрум гьаюрайлъи, хьихьизе бачараб лъимер нахъе кьураблъи чӏезабулел документал;
— ригьин биххараблъи тасдикъ гьабулеб документ;
— хъизамалъе щолеб хайиралъул хӏакъалъулъ баянал;
— эмен рагъулаб хъулухъалда вукӏин тасдикъ гьабулеб рагъулаб комиссариаталдаса справка;
— банкалда рагьараб счеталъул реквизитал.
Щибаб моцӏрол пособие кьоларо, пачалихъалъ хьихьулел лъимал ругелги, эбел-инсул ихтияраздаса тӏубанго яги пуланаб заманалъ махӏрум гьаруралги гражданазе. Пособие битӏула Россиялъул банкалда рагьараб счеталде.
Лъималазул пособие чӏезабиялда бан суалал ратани, гражданаз хитӏаб гьабизе бегьула Дагъистан Республикаялда бугеб Инсанасул ихтияраздасан жавабияв вакиласул аппараталде.