Рос чӏвазе къасд гьабуралъухъ кьураб микьго сон

Цоязе 8 март буго кӏудияб байрам, цогидазе — гӏадатияб къо. Амма руго гӏадамал гьединаб рикьа-къотӏи гьабизе рес гьечӏелги. Гьединаллъун ккола, масала, Гъизилюрт шагьаралда бугеб руччабазул колониялда ругел руччаби. Гьенир, батӏи-батӏиял такъсиразе гӏоло жанир тӏамурал 100-ялдаса цӏикӏкӏун руччабазда гьоркьор руго магӏарулалги. 105 статьяялда (цебеккунго ургъун чи чӏвазе хӏадури) рекъон, 8 соналъ туснахъ гьаюрай, 30 сонил ригьалда йигей магӏарулалъулгун буго нижер жакъасеб гара-чӏвариги.

«Дун гьаюна гӏайибчӏвазе бакӏ гьечӏеб, парахатаб хъизамалда», — ян бицана Гӏайшатица. «Дир руго лъабго вацги лъабго яцги. Школалда цӏализе дун квешай йикӏинчӏо, цӏалана ункъилазда. Школа лъугӏун хадуб хьвадана медсестрабазул курсазде. Гьелдаса хадуб, гӏемер бокьичӏониги, кьуна ригьнаде. Гьабуна кӏиго лъимер, бана нижго бетӏергьанаб мина. Материалияб рахъалъги щибго къварилъи букӏинчӏо. Кинабго унеб букӏана берцинго. Амма заманалдасан росас байбихьана гӏиси-бикъинал, кодоре росизе гӏечӏел жалазе гӏоло кьабизе, чорокал рагӏабаздалъун семизе, гьудул-гьалмагъзабазда цее дун чорок гьайизе, къватӏиб бахъараб ццим рокъоб дида бецӏизе. Гьедин, лъималазе гӏоло кинабго хӏехьон, ана 11 сон. Чара къосиндал, цо-цо унаан дирго эбел-инсухъе, тӏокӏаб гьабиларин гьезие бихьинчиясул рагӏиги кьун, гьарун ячунаан нахъе. Цо нухалъ нижехъе ячӏана дир гьудул. Гьелда лъалаан нижер рокъоб лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал, росас дун хӏакъир гьаюлеб куц. Гъос юхиялъ, гьумер гьорон йигей дида гьудулалъ абуна щайила мун гьебги хӏехьон чӏун йигей, нахъе инго бигьа букӏинарищин. Дица абуна нахъе унги толей гьечӏин, гьабизе жоги лъаларин абун. Жинда лъалин, жинца рекъезабилин абуна гъолъ. Къокъго абуни, рос чӏвазе хӏукму ккана. Гьудулалъ гьелъул хӏакъалъулъ бицун буго жиндирго росасда. Гьесги бицун буго дирасда. Гьеб хабар щвана цӏех-рехалъул органазде, дун ккуна, гьабуна суд ва йитӏана колониялде».

— Судияс 8 сон кьолеб бугин абидал, кинаб асар дуе лъугьараб?

— Судалда дир росас абун букӏана дун жаний тӏамизайи жиндир мурадги гурин абун. Кин бугониги, дида лъалаан дун туснахъ гьаюлеблъи. Гьадигӏан гӏемер кьеларин абураб хьул букӏана. Судияс 8 сонин абидал, ботӏролъ цо жо кьабураб хӏисаб ккана.

— Байбихьуда ругьунлъизе кӏоларого йикӏанищ туснахъалда?

— СИЗОялда йигеб заманалда, лъималги аскӏор гьечӏого, кутакалда захӏмат букӏана. Гьание ячун хадуб, хӏалтӏудеги (колониялъул столоваялде) лъугьун дагьаб бигьалъана.

— Гьаниса эркенлъиялде буго дагьабго манзил, ай 50-гӏанасеб метр. Амма, гьелдаго цадахъ, гьенибе буго цӏакъго кӏудияб «манзилги» — 6 лъагӏелгӏанасеб заман. Захӏмалъулищ гьеб хӏакъикъат къабул гьабизе?

— Тӏоцебе захӏмалъулаан. Кьишни базе борхалъиялде яхарабго, рихьулаан минаби, эркенлъиялда ругел гӏадамал,… доеги балагьун, гӏодулаан дун. Гьанже ругьунлъана — дида кутакалда лъикӏ лъала, кигӏан бокьаниги, заман щвечӏого дун гьаниса къватӏие йиччалареблъи. Дирго гъалатӏазул гьир баччизе, гьезул жаваб кьезе ккола дица.

— Чӏужугӏаданалда рекъолеб бакӏ бугищ туснахъ?

— Гьечӏо. Гьание ккедал, хисула чӏужугӏадан, хола нерваби, сахлъи, къадру-къимат. Туснахъалъ щибго лъикӏаб жо кьоларо. Гьаниса щвараб пайда буго цо – бичӏчӏана гӏемераб, хӏисаб гьабуна гӏумруялъулъ ккараб мекъаб-тӏекъалъул, риччарал гъалатӏазул. Туснахъалда йикӏарай чӏужугӏадан абураб цӏарги гӏодобе ккараб къадруги кин дица баччизе бугеб? Гьелъул ургъел гьабсагӏаталдаго буго дие.

— Дурго хӏалбихьиялъул кьучӏалда, гьанире ккечӏого рукӏиналъе гӏоло щиб дуца абилеб эркенлъиялда ругел руччабазда?

— Щиб кканиги, гӏедегӏуге, гьабе сабур, хӏехье захӏмалъи. Дир мисалалъги бицуна, дидаги гьеб кутакалда бичӏчӏана, хехлъиялъ лъикӏалде рачунаро. Кигӏан къваридаб хӏал бугониги, цо сабаб камун, гӏатӏилъиялде нух тӏагӏун букӏунаро.

— Бихьизабураб заманалда рекъон, эбел-эмен, лъимал рачӏунищ духъе яги гьел нахъе кӏанцӏунищ чӏарал?

— Лъимал рихьизе толаро росас, гьезда бицунги гьечӏо дун йигеб бакӏ. Рачӏуна эбел-эмен, яцал-вацал.

— Эбелалъги дуцаги сундул хӏакъалъулъ бицунеб?

— Сундул бицинеб, дой гӏодула, дун гӏодула. Гьанже гьабизе жо гьечӏин, хӏехьон йикӏайин абулаха.

— Дуца эбелалда?

— Тӏасалъугьа… Гьел руго кидаго дица абулел рагӏаби.

— Лъугьинадай?

— Тӏасалъугьине дуца гьабураб жо гьечӏин абулаха гьез. Гьедин абуниги, яс туснахъалде ккеялдаса захӏматаб щибха букӏинеб эбел-инсуе.

— Кин унги ина заман, тела туснахъ, юссинищ росулъе?

— Лъабго лъагӏалидасан дир ихтияр букӏуна, болжал лъугӏилалде, шартӏияб къагӏидаялда эркенлъиялде йиччаян абун гӏарза хъвазе (УДО). Гьедин гьабизе рес щола мисалияб, низам хвезабичӏеб хьвада-чӏвади бихьизабуни. Гьелде бугоха дир кӏудияб хьулги. Аллагьас хъван батани, УДОялда рекъон тела туснахъ, рачун дирго лъималгун, йикӏина парахатаб, берцинаб гӏумруялда. Ина эбел-инсухъе щвезе, дагьаб заманаялъ гьезда аскӏойги чӏела, амма росулъ чӏеларо, гьалдаса хадуб дида кӏвезе гьечӏо доба гӏумру гьабизе.

— Гьале тӏаде щолеб буго 8 март. Дуе гьеб кинаблъун букӏине бугеб: цогидал къоялго гӏадинаб гӏадатияблъунищ яги…

— Эркенлъиялда гьеб букӏана байрам, жание ккун хадуб… дие гьелъул батӏалъиго гьечӏо. Гьаниб жаниб гьелда хурхарал тадбиралги тӏоритӏула, амма дир рекӏелъ байрамалъул рохел гьечӏо.

— Кида лъанги лъамалаздаги лъала дур къисмат. Лъан хадуб ясалъ дуе кьуни «Щай, эбел»? абураб суал, кинаб жаваб дуца кьелеб?

— Кигӏан къокъаб батаниги, гьеб буго дие цӏакъ захӏматаб суал, гьелде дун хӏадурго гьечӏо…

Гӏабаш Гӏабашилов