Бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къо, щибаб сагӏат ва щибаб минут гӏагарал руччабазе байрамлъун гьабизе

Микьабилеб марталъул байрамкъоялда цебе нижеца лъабго суал кьуна батӏи-батӏияб махщалил, гьунаралъул ва ригьалъул гӏадамазе. Ракӏалде ккола цӏалдолезе гьалдаса пайда букӏинин ва гьанир рахъарал жавабалги дандекквелин жидецаго руччабазул гьабулеб адаб-хӏурматалде.

1. Кинал рагӏабаздалъун дуца эбелалда, лъадуда, яцалда, ясалда ва нусалда ихдалил байрам баркилеб?

2. Руччабазде бугеб гӏурхъи гьечӏеб рокьиги, адабги, гӏишкъуги гьурщулаго, кинаб сайгъатги кьун, хӏалимай, хӏеренай чӏужугӏадан кӏодогьайизе дур ният бугеб?

3. Берцинал жугьабаздалъун, лъикӏал рагӏабаздалъул ва гӏадатияб гуреб махсараялдалъун щиб дуца гьезие гьарилеб?

Хӏусенов Хӏусен, ДРялъул медицинаялъул университеталъул къватӏисел улкабазул студентазул общежитиялъул комендант:

— Гӏемерисел магӏарул руччаби руго хӏалтӏудаса хӏинкъуларел, росабазеги, эбел-инсуеги, ватӏаналъеги ритӏухъал ва умумузул гӏадатазда рекъон яхӏ-намус цӏунарал. Гьединлъидал гьел мустахӏикъал руго адаб-хӏурматалъеги щибабкъойилаб тӏалаб-агъазалъеги.

Сайгъаталъе щиб кьелебали дица бицинаро. Гьеб ккола балъголъи.

Руччаби ккола бихьиназул мугъчӏвалеб къед. Чӏужугӏаданалъул квераз гӏуцӏараб буго дунялги гӏумруги. Сахлъиги, рохелги, талихӏги гьарула щияй магӏарулалъе.

Шамилов Мухӏамад, ветеринар:

— Бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къоялъ гьезул адаб гьабизе. Битӏараб гьечӏищха, «руччаби гьечӏони, гьечӏо бихьинал» абураб каламги. Бихьиназдаса руччабиги, руччабаздаса бихьиналги даимго рохун хутӏаги.

Микьабилеб марталда цебе дица лъазабула щибдай дир лъадуе ва ясазе къваригӏун бугебали.

Дир хъизамалъул, тухумалъул ва киналго лъалел руччабазе дица гьарила дунялалда талихӏги, рохелги, ахираталъул рокъоб алжанги.

Гӏабдулкъадиров Мухӏамад, Шамил — имамасул цӏаралда бугеб фондалъул «Халкъияв бахӏарчи» абулеб медалалъул кавалер, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатасул жамгӏияб приемниялъул нухмалъулев:

— Жидерго росабазеги мутӏигӏлъун, бетӏергьанчиги Аллагьги разиго рукӏунеб хӏалалда гӏумру гьабулел руччабазе бетӏер къулула дица. Гьезие кьолеб сайгъатги ккола дун гьездасаги гьел дидасаги разилъи. Дица руччабазе гьарила гьезул жаваб кьезе кколел росабазе, вацазе мутӏигӏлъи.

Микьабилеб март бусурбабазе хасиятаб байрам гуро. Амма бихьинчиясда тӏадаб буго щибаб къо, щибаб сагӏат ва щибаб минут гӏагарал руччабазе байрамлъун гьабизе.

Къурбанов Мухӏамадамин, «Дагъистан» кинокомпаниялъул хӏалтӏухъан:

— Рокъорги данделъун, гьеб байрам кӏодо гьабулеб гӏадат нижер гьечӏо, амма гӏагарал ясазеги руччабазеги сайгъатал кьечӏогоги толаро. Чӏужугӏадан талихӏайлъун гьаюла нилъер берцинаб каламалъги, тӏалаб-агъазалъги, унго-унгояв бихьинчиясда аскӏой йикӏине щвеялъги.

Дунялалда талихӏги ахираталда алжанги насиблъаги яхӏ-намус цӏунарал киналго руччабазе.

Гӏабдулгъапуров Хӏайбула, Магӏарул театралъул бетӏерав режиссер:

— Ихдал цӏилъула тӏабигӏат, чӏужугӏаданалъ кьола инсанасе гӏумру. Ихги чӏужугӏаданги ккола цого гӏадаб хӏалкӏолъи. Дунялалда гӏалам бижарай чӏужугӏаданалъе нилъ, ай бихьинал кидаго налъулал руго. Я, Бетӏергьан, щияй чӏужугӏадан лъугьаги росасеги, лъималазеги, мадугьаллъиялъеги лъикӏлъи гьабизе къасд ва ният бугейлъун. Гьелда дица хӏелун абила: «Йо, гӏемерисеб дуда бараб буго рокъобги къватӏибги, дуца лъикӏлъиялъе гӏумру гьабулеб бугони, берцинлъула гӏумру, талихӏаллъун лъугьуна аскӏор ругел», — ан.

Нилъер диналдаги гӏадаталдаги рекъон, гьавураб къоги руччабазул байрамги кӏодо гьабулароан. Амма чӏужугӏаданалда гьеб къоялъ бихьизабизе ккола нилъеца гьелъул адаб гьабулеб букӏин, нилъее гьей йокьулей йикӏин. Дир гӏадат буго гьеб къоялъ дир лъималазул гӏисинал ясазе гьуинлъи, ясалъе хасаб сайгъат, лъадуе тӏугьдузул квацӏи кьолеб.

Шагӏир Махӏмуд-апандил рагӏабаздалъун загьир гьабила дица чӏужугӏаданалде бугеб рокьиги адабги:

Мун йиго дир гӏумруги,

Мун йиго дир хӏухьелги,

Мун йиго дир хӏасратги,

Дуе буго хӏурматги.

Ахбердилов Ахбердило, Шамил районалъул Тӏидиб школалъул учитель:

— Рикӏкӏун хӏалкӏоларелгӏан гӏемер руго дунялалда Аллагьас рижарал берцинал хӏикмалъаби. Гьезда гьоркьоса тӏабигӏаталъул бищун бечедаб хазиналъун ва кӏудияб хӏалкӏолъилъун дида йихьула чӏужугӏадан. Абула, унго-унгояб къагӏидаялъ рукъалъул рукъ лъадуца гьабулилан. Щулияб хъизан бугони, щулияб жамгӏиятги букӏуна. Хӏакъикъаталдаги, кӏудияб бакӏ ккола бихьиназул гӏумруялда жаниб гӏамал-тӏабигӏат берцинай, иман бечедай, аскӏор ругезул адаб-хӏурмат ккурай чӏужугӏаданалъ. Гьединлъидал, цохӏо 8 марталъ гуребги, къойилго бихьиназул лъикӏаб бербалагьиялъе мустахӏикъай йиго магӏарулай.

Дица ракӏ-ракӏалъ баркула нилъер улбузда, яцазда, ясазда, лъудбузда ва киналго руччабазда ихдалил гьайбатаб байрам. Гьарула рагъ-кьалалдаса рикӏкӏадаб, парахатаб, хъизан-лъималаздаса рохараб гӏумру.

Ибрагьимхалил Мухӏамадов, ДРялъул мустахӏикъав учитель:

— Гьаб байрам нилъее киназего гӏахьалаб буго. Хъизамалда жаниб чӏужугӏаданалъул рохел ккола тӏолабго хъизамалъул рохеллъун. Унго-унгоги, руччабаз гӏуцӏула гӏумруги, гӏаламги, хъизанги. Чӏужугӏадан хьолбохъ гьечӏеб цо лахӏзатцин цебечӏезабизе кӏоларо бихьинчиясда: цоясе — эбел, цогидасе — яс, яц, хутӏаразеги — абурай, йокьулей…

Хӏурматиял бихьинал! Вугищ нилъеда гьоркьов руччабазул рокьуеги, хӏеренлъиялъеги, хӏайранлъиялъеги, берцинлъиялъеги бетӏер къуличӏев чи? Гьез нилъ талихӏаллъун гьарула. Гьез дунялалъего чедги, рокьиги, талихӏаб маргьаги кьола.

Хӏурматиял руччаби! Тӏаде щвана нужер байрам. Гьеб ккола нижерги. Щайгурелъул нужеда бараб букӏуна нижер гӏумруялъул берцинлъиги.

Нури Нуриев