Шартӏал ругони, гӏадамал кирего гочунаро

Пачалихъалъул кверчӏвай бугони, батӏи-батӏиял нигӏматаздалъун

республикаго хьезабизе кӏола росабазда

Магӏарухъа гӏатӏиракьалде гӏадамалги гочун, гӏисинлъулел ругел нилъер росабазул, цо-цоялин абуни тӏуранго чӏунтун рукӏиналъул хӏакъалъулъ нижеца цебеги хъван букӏана. Росаби цӏуниялъул, гьенир гӏадамазе гӏумру гьабиялъе шартӏал лъикӏлъизариялъул рахъалъ гьабулеб хӏалтӏи гӏемерисеб бараб буго росабазул бегавулзабазул речӏа-регӏиялда, чӏаголъиялда ва хӏаракаталда. Росаби цӏуни ккола нилъер тарих, умумузул лъикӏал гӏадатал, культура, махщел, гӏумру гьабиялъул къагӏида — къокъго абуни, нилъер хаслъи, мацӏ ва миллат цӏуни. Магӏарул халкъалъул хадубккун букӏинеселъе кӏвар бугеб суал гьеб букӏиналъ, «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ кидагосеб кӏвар кьола ва кьезеги буго гӏагараб ракь цебетӏезабиялъе бажарарабщинаб гьабулел росабазул ва районазул бутӏрузул хӏакъалъулъ хъвазе, гьезулгун гара-чӏвариял гьаризе, гьез гьарурал пайдаял ишазул, гьаризе тӏаде росарал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ цӏалдолезе бицине.

Жакъасеб гара-чӏвари буго Хьаргаби районалъул чӏахӏиял росабазул цояблъун кколеб Гӏаймаки росдал бегавул Мухтар Хӏасанхӏусеновасулгун.

— Кӏиго сон буго дуца росдае нухмалъи гьабулелдаса. Щиб нигатгун вачӏарав мун росдал бегавуллъун, жамагӏаталъул хӏажалъаби лъалел рукӏаралищ? Сунде кӏвар кьураб, хъулухъалде вачӏиндал?

— Гӏагараб росдае, гӏадамазе лъикӏлъи, гьезул гӏумру, рукӏа-рахъин цебетӏезабиялъе бажарарабщинаб гьабизеян, диего рагӏиги кьун, лъун букӏана дица кандидатура рищиязда. Росдал хӏажалъабиги дида лъикӏ лъала. Школа лъугӏун хадуб, росдал магӏишаталъул техникумалдаги цӏалун, чанго соналъ хӏалтӏана Чапаевасул цӏаралда букӏараб колхозалда.

Бегавуллъун вачӏун хадуб тӏоцебе кӏвар кьуна нухазде. Ункъабго рахъалде нухал рикьулеб мугӏрузул ахалъуда, танкелалда буго нижер росу. Росдал кваранаб рахъалдаса унеб нух буго Зуберха магӏардасан Унсоколо районалъул Гьаракӏунибехун, квегӏисан — Лаваша районалде.

Росу къотӏун уна Хьаргаби-Тӏасажунгут нухги. Гӏазу-цӏад байдал, сверухъ ругел мугӏруздаса росулъе ва росда аскӏосан эхере унел иххаз хвезарула нухал. Гьединлъидал кверги берги кидаго нухазда хадуб букӏуна. Росдал гӏадамазул гӏемерисеб магӏишат, кулал, хурзал, харибакӏал руго Тӏадмагъилъ абулеб бакӏалда. Кӏудияб квалквал букӏана гьенибе бугеб нух чӏунтун, машина иналъе хӏинкъи бугеб, санагӏалъи гьечӏеб букӏиналъ. Гӏатӏидги гьабун, чанго километралъул манзилалда къачӏана гьеб нух. Регьел хӏалакарабго, ччукӏарулеб бакӏалда, нухлул рагӏалда нусго метралъул халалъиялда гьабуна къедги.

Щуго километралъул халалъиялда тӏибитӏун бугеб росулъ жанирги къачӏана нухал. Хасго хӏалкъараб хӏалалда букӏана Хъарча-авалалдехун бугеб нух. Гӏазу-цӏад хӏалакиндал, кӏкӏалахъан унел машинаби хӏарщулъ къалаан. Къокъабго заманалда жаниб кьоги бан, гьеб суалги тӏубазабуна. Къедги бан, сеткаги ккун, жанибе боцӏи-панз инаредухъ, къачӏана хобалги, гьаруна цогидал хӏалтӏабиги.

— Цӏибахъараб Хьаргаби-Тӏасажунгут нух рехун тун бугилан абуна. Лъил тӏалабалда (балансалда) гьеб бугеб?

— 2013 соналда рагьана цебе анцӏ-анцӏ росабазул магӏарулал лъарагӏлъиялде хьвадулел рукӏараб сухъмахънухккун гьабураб шагьранух. Нух гьабиялъе квербакъарав Хӏамзат Хӏамзатовасе аза-азар баркалаги буго. Хӏисаб гьабе, цебе райцентралде, Хьаргабире, ниж хьвадулаан Лавашисан. Райцентралдеги нахъеги машинаялда унаго тезе кколаан нусиялда къогогӏан километр нухлул. Цӏияб нухдасан Хьаргабибе буго анцӏила цо километр. Гӏаймакибе щвезегӏан нухда хъилги тӏун буго. Хьаргаби-Тӏасажунгут нух Дагъавтодоралъ балансалде босун гьечӏо, гьелъ нухги кӏвар кьечӏого тун буго. Райцентралдаса росулъе бугеб нух нижецаго къачӏазе ккола. Араб соналъул ахиралда тӏубараб моцӏ ана ччукӏунги, кьуру-къед бачӏунги, чӏунтизабураб гьеб нух къачӏалаго.

— Аслияб магӏишат, бетӏербахъи сундасан бугеб гӏаймакдерил? Ахирал соназда магӏарул росаби мигьлъулел руго рахӏатаб гӏумру цӏехон гӏатӏиракьалде гочунезул къадарги цӏикӏкӏун. Нужехъ щиб хӏал бугеб?

— Магӏарда цураб бакӏ букӏиналъ ахихъанлъи нижер росулъ гьечӏо. Хьихьула гӏи-боцӏи. Гьанже гӏемер бицунеб буго росабалъ хӏалтӏи гьечӏолъиялъул хӏакъалъулъ. Росулъ чӏарав чияс гьабе росдал магӏишат – хьихье гӏи-боцӏи, жидерго бетӏербахъиялъе гӏологӏаги рекье хурзабахъ тӏоцебесеб хӏажалъиялъул нигӏматал. Цебе Гӏаймаки сверухълъиялдаго лъалаан, картошка, ламадур, хъабахъ лъикӏ бижулеб бакӏ хӏисабалда. Битӏараб бицани, гьел нигӏматал гӏезариялде кьолеб кӏвар дагьлъун буго. Дир хӏисабалда, магӏарухъ ракь хӏалтӏизабиялде пачалихъалъ кӏвар кьуни, къватӏиса бачӏунеб нигӏматалде росабазул гӏадамал ккелароан. Мисалалъе, гӏака хьихьарасе, гӏи-хух хьихьарасе (гьебги бугеб-гьечӏеб лъалареб) бетӏер рикӏкӏун гӏарац, субсидия кьолеб буго. Щай бегьулареб магӏарухъ хӏалтӏизабураб ракьул сотих бихьун, субсидия кьезе?

Гьеб мехалда гӏицӏго магӏаруллъиялъ хурул нигӏматаздалъун хьезабилаан тӏолабго республика.

Гьанибго абила, бича-хисиялдалъун, даран-базаралдалъун бетӏербахъи гьабулелги дагьал гьечӏо. Анцӏила хадуб жалго бетӏергьанаб тукен буго росулъ. Хъулухъ-ишалда гьечӏевщинав чи шагьараздаги дармида гурищ ругел? Росулъ гӏатӏидаб рукъ-бакӏги гьабун буго бича-хисулезе, къватӏиса рачӏаразе дармие санагӏалъиялъе. Цо тайпа гӏадамазул риидалил заманалда хӏалтӏизе къватӏире уна, хаслихъе тӏадги руссуна.

Кӏиабилеб суалалъе жаваб кьолаго, дица абила, росулъе анцӏго соналъ цебего бачун буго газ, хӏалтӏизе ва гӏумру гьабизе бокьарасе росулъ гӏурал шартӏалги руго. Микьнусиялда кӏикъоялда анцӏго цӏаракиялда гӏумру гьабулеб буго лъабазаргогӏан чияс. Росу тун къватӏиб буго церего росулъа гочарал, цӏали лъугӏун махщалида рекъон шагьаразда чӏаралги малъун гӏага-шагарго лъабнусиде гӏагарараб цӏараки. Аслияб къагӏидаялда гьез гӏумру гьабулеб буго, Буйнакскалда, Махӏачхъалаялда ва Каспийскалда. Росдалгун гьезул кидагосеб бухьенги буго. Щибаб къойил росулъа маршруталъул такси уна гьел шагьаразде, къасиялде тӏадги руссуна.

Росулъа къватӏире гӏадамал гочин нижехъ гьечӏо, гьелъул гӏаксалда, росу кӏодолъулеб ва цебетӏолеб буго.

— Росулъ гӏадлу-тадбир букӏиналъе гӏоло, законалда данде кколарел хӏужаби ккунгутӏиялъе гӏоло лъида мугъчӏвай гьабулеб росдал бегавулас?

— Гьеб рахъалъ цӏикӏкӏараб асар буго Херазул советалъул, гьелъул председатель Сагитов Гӏабдулагьил. Гьелгун ва росдал мажгиталъул советалъул председательгун, мажгиталъул имамгун дандбала гьаризе ругел хӏалтӏаби, росулъ тӏоритӏулелщинал кинал рукӏаниги тадбирал.

Росдал советалъул депутаталги дунгоги щола школалде, цогидал социалиял идарабазде, гьабула хӏажатаб кумек. Кӏочон толаро херал, бецал, унтарал, ригь арал гӏадамалги, хӏаракат бахъула гьезул мурадал тӏуразе.

— Хадурккун гьаризе хӏисабалде росарал хӏалтӏаби кинал ругел?

— Аллагьас квербакъани, гьел гӏемер руго. Рехселин цо-цоял. Дунял хинлъарабго байбихьизе буго гъоркьиса кьучӏ лъураб спортивияб зал базе, ухӏладерил рохьосан, лъабго километргӏан манзилалъ рогӏралги лъун, росулъе бачине буго лъим. Ресал ралагьулел руго нусиялда къого лъимадуе бакӏ бугеб ясли-ахалъе ва участкаялъулаб больницаялъе цӏиял минаби разе. Росулъе ток бачарал хӏубал басралъун, бакӏ-бакӏаздасан турун руго. Гьеб суалгун гьал къоязда дун ун вукӏана «Дагъэнергоялъул» нухмалъулев Гьитӏиновасовасухъе. Бугеб хӏакъикъат гьесда бицана ва бичӏчӏизабуна. Хьул буго исана гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъиналдеги.

Пайзула Пайзулаев