Бергьаразе щвела смартфонал

Къецалда гӏахьаллъизе бегьула бокьарав чи

Россиялъул президент вищулеб къоялъ, ай 18 марталда, Дагъистаналъул рищиязул участкабазда тӏобитӏизе буго «Фото Проджи» абулеб конкурс. Аслияб къагӏидаялъ гьеб тӏобитӏизе буго Буйнакск, ДагъОгни, Избербаш, Каспийск, Махӏачхъала, Хасавюрт ва Южно-Сухокумск шагьаразда.

Конкурсалъул хӏакъалъулъ бицана «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб пресс-конференциялда «Проджи» басмаханаялъул вакил Асил Аджиевалъги, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Дина Бийгишиевалъги блогер Исрапил Исрапиловасги.

Асил Аджиевалъул рагӏабазда рекъон, конкурсалда гӏахьаллъизе бегьула рищиязде вачӏараб бокьараб ригьалъул чи, ва гьес сурат бахъизе ккола «Проджиялъул» хасаб рамкаялдаса пайдаги босун. 20 март щвелалде сурат лъезе ккола социалиял гьиназда ва гьенибго бихьизабизе ккола рищиялъул участок бугеб шагьаралъул цӏар, #фотопроджи абун хэштег (масала, #фотопроджи #Махачкала).

Бергьаразе шапакъатал кьезе руго апрелалъул тӏоцебесеб къоялъ, Махӏачхъалаялда. Бергьенлъи босарав анкьгоясе (щибаб шагьаралдаса цо-цо чи) щола «Apple – iPhone 8» фирмаялъул смартфонал, кӏиабилеб бакӏалъухъ — Apple iPad Air, лъабабилеб бакӏалъухъ – гироскутер.

Дина Бийгишиевалъги бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъ рахъкколила гьеб конкурсалъул, щайгурелъул жидееги бокьун бугила кӏванагӏан гӏемерал гӏолилал рищиялда гӏахьаллъизе.

Палхӏасил, конкурсалъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго лъазе бокьани, ракке гьаб сайталде: http://photo-prodji.ru/.

Нури Нуриев