Гьаркьал кьезе рачӏараб бакӏалда гӏадамалги гӏемерлъун цоцаде коронавирус бахинаредухъ нилъер цо-цо росабалъ рищиял 21 июналдаго тӏоритӏизе руго.

РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял тӏоритӏизе 1 июль бихьизабун буго. Амма гьелъие гьаркьал 25 июналдаса байбихьун, гьеб къоялде щвезегӏанги кьезе бегьула.

Гьедин, цереккунисел рищиял рукӏине руго Дагъистаналъул ичӏго районалда (рищиязул участоказдаса рикӏкӏад ругел росабалъ, хъутабазда).

Гьел ккола Гӏахьвахъ, Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Рутул, Унсоколо, Цумада, Шамил районалда бугеб 106 участок.

Масала, Унсоколо районалда 21 июналда гьаркьал кьезе руго Иштӏибури, Мокъсохъ, Колоб, Инкӏвалитӏа, Цӏатӏанихъ; Цӏумада районалда – Хьвайни, Гьакъо, Силди, Тӏаса Гьаквари, Гъоркьияб Инхокъвари, Санлъада, Кванлъада, Хъварщи, Хонох, Метрада, Гъоркьияб ва Тӏасияб Хъварщини, Хушет росабалъ; Шамил районалда – Тӏаса Колоб, Дагъбаш, Хӏорода.