Гӏемерав чиясе чанги батӏияб зарал ккараб сон бачӏана исана. Культураялъулгун искусствоялъул гьунарчагӏазул киндай бугеб ахӏвал- хӏалилан хӏалтӏана пикру. Гьезул цо-цо коллективал хӏалтӏуде хьвадулел ругоан, инчӏого рокъор чӏаралги камилищха, киналго районазда цого низам гьечӏелъул.
Кингӏагидай рокъор хӏебтӏун руго гвангъарал концертаз, бечедал бертабаз, къасисел рестораназул чалухал банкетаз хьихьарал кочӏохъаби? Гьезул цоялъул зигара чӏвана гӏинда гьал гӏагарал къояз. Махсара жубараб гьадинаб кӏалъай ккана гьелъулгун:
— Кеп гьечӏо дие гьаб пандемиялъул.
— Вахӏ, хутӏанщиназе сухӏматищха гьаб?
— Нужее щиб захӏмалъи бугеб, хӏукуматалъ харжги кьун ругин рокъор.
— Мунги йигогури, гъоб пуланаб, маданияталъул идараялъул штаталда? — ян щвезабизе ккана ракӏалде.
— Вуя, щиб бицуней мун! Анцӏила щуазарго гъурущ! Гьа-гьа-гьа, гьеб сундуе гӏолеб жо!
— Йо, анцӏазарго гурони харж рокъобе бачӏунарелги руго гӏадамал. Гьез хъизан хьихьула.
— Лъаларо, гьез кинабгӏаги экономиялда гӏарац хӏалтӏизабизе малъулеб гӏелму лъазабун батила.
— Дуе гӏолареб жо щиб? Рукъзал руго хайир кьолел, гьебги цо гуро. Машина буго. Концерт-банкетазде яхъине цӏияб партал босизе кколеб гьечӏо пандемиялъул заманалъ. Аллагьасукьа хӏинкъа.
— Щиб дуца бицаниги, дида лъаларо гьеб анцӏила щуазарго цӏулал гъурщида рекъон гӏумру гьабизе.
— Гьебги гьечӏого хутӏани лъазе буго дуда гъурщазул къимат, — ан тана хабар лъугӏизе.
Шагьаралъул рестораназда кечӏ ахӏулел кочӏохъабазул мухъилъ нагагьги ватизе рес гьечӏо хӏукуматалъул чвантиниса харж щоларев, маданияталъул идарабазул хӏалтӏухъанин рикӏкӏунарев чи. Лъагӏалие лъабцӏул гъоб идараялъул тадбиралда цереги рахъун, нахъраталие харжги карточкаялде чвахун руго, эмехвадал. Ведомосталда гъулбас гьабун харж босулеб заманалъ, моцӏрое цо нухалъниги раккизе кколел рукӏун ратила «жал хӏалтӏулеб» идараялде. Кучӏдулги кинал ва кинан ахӏулелали нилъеда лъалаха, маххул къебедас тӏагӏел гӏадин студиязда къачӏалеб гьаракь-бакъан, гьенибги бищун къуватаб алат — гьитӏинаб флешка! Чанго батӏияб масъала борхун, мисалал рехсон хъвазе бегьила миллияб кочӏол бугеб татуго хвараб ахӏвал-хӏал.
Мустахӏикъабго гьечӏониги, гӏемер такрар гьабулеб рагӏула «оцол багьаяб кечӏ» абураб умумузул машгьураб аби. Оц кьун руцӏцӏинарун бажарулеб гьечӏо, машинаялъул кӏулал кодоре щванигицин цӏияб щавкъалда къосинабулеб буго гӏалам гӏадлу биххараб гӏамалалъул кочӏохъабаз. Макъратӏисалъ гӏадин халкъ гьезда тӏаде цӏалебги щиб хӏикмат лъаларо. Гьеб кинабго рихаразул рахъалдаса цо-цо бадирчӏваял камуларо хъвадарулел чагӏазеги.
«Щай нужеца хӏакъаб рагӏи абулареб, гьагъал гьалагал руччабазда, гьезий хъат балезда?» «Жал магӏарулал, бусурбабиян рикӏкӏунадай гьез?» «Жидер хӏурмат цӏунулеб хӏалалъги ахӏизе бегьулагури кечӏ…»
Журналистал диванчагӏи гурелъул, нижеда кӏалгьикъун щай? Лъица щиб бицаниги, жидее къабулаб гуреб рагӏи, мохмохалдаса лъим гӏадин, гирула гьездаса.
«Культураялъул министерство щибулеб жоха? Гьезул букӏунарищ кочӏохъабазул магӏна-гӏиналъул милат гьабулеб отдел?»
Культураялъул министерствоги батилаха, культурный къагӏидаялъ ретӏа-къан, кагътазда квал- квалдулаго, кабинетазда жаниб къан.
Кин бицаниги щиб, шоу- бизнесчагӏазе кутакалда эркенаб гӏасру буго, амма сухӏматал гьукъараб пандемиялъул кваркьи саламатго хъван батила гьезулги чвантида.
Роцен кинаб бугеб гьунар борцунеб?
Гьанибго ракӏалде щвана кӏиго соналъ цебе гӏассияб цо кечӏ рагӏидал лъугьараб асар.
Райгазеталдаго хӏалтӏулеб заман букӏана. Къаде какгун квандаса хадуб хӏалтӏуде нуцӏа рагьидал, берцинаб кечӏ-бакъаналъул сас чӏвана. Редакциялъул гӏолохъанай хӏалтӏухъан Рисалат йигоан, интернеталдасан гӏисинккун биччараб кочӏохъе, клавишабазда хӏарпал рищулей.
— Гьаб щиб цӏакъаб гьаракь-бакъан?
— Магӏарулха, интернеталдаса. Модаялда бугеб, гӏемеразе бокьулеб кечӏха гьаб.
Цо дагьаб гӏинтӏамуна дицагоги. Зани бегараб рагӏабазул такрарлъи- припев:
…Герегун герегун,
рег-регун рег-регун,
Герегун рег-регун
тӏогьол мугӏрузда.
Герегун рег-регун,
рег-регун герегун,
Герегун рег-регун
кӏиялго цадахъ..
— Цоги нухалъ редакциялда жаниб рагӏани, гьеб кечӏги, компьютерги, мунги Авар гӏурулъе риччала!- ян махсара жубараб бадибчӏвай гьабуна.
Шагьра ккун, телалъул квараз бачун, интернеталъ тӏибитӏизабун магӏарухъе бачӏанщинаб чӏанда гӏурулъе бани гӏорги загьрулъила. Умумуз абухъего, нацӏида ццин бахъун хъабарчаги бухӏизе бегьилищ? Месед гӏадай нижер хӏалтӏухъаналдаги компьютералдаги бугеб багьана щибха? Гьелде тӏадеги, гьаракь-бакъаналъухъ гӏенеккун гурони жинца рагӏабазул магӏнаго гьабичӏин Рисалатги йихха-йикана.
«Борхатаб» поэзия, «гъваридаб» образ! Гьунар тӏокӏал шагӏирзабаз хъварабдай, кочӏохъаналъ жинцаго ургъарабдай? Ахӏулелги лъаларо, хъваралги рагӏичӏо. Дида рагӏичӏони щиб, халкъалъ такрар гьабулеб бугелъул.
Нужеца хӏисаб гьабе, 700-800 чи гӏодов чӏолеб концерталъул зал «Герегун-рег-регун» кечӏалъ кверде босараб! Гӏив-гӏав, чӏинкьи-хъат, гӏодор чӏаралъурго ясазул кьури- кӏичӏи.. Гьев нус-нус чиги — магӏарул гӏолилал, нилъер букӏинесеб, гӏисинал лъималазул улбул.
Гьел концертазда улбузул телефоналда бахъаралъухъги балагьун «Лег-легун, гелегун»-ин такрар гьабулел, гьанжего гьанже рахьдал мацӏалъул рагӏаби абулел гьитӏичал! Магӏна босизе лъалареб, пикру гьабизе кӏухӏалаб, нилъер кӏваргьечӏолъиялъ куцараб наслу.
Дица бицинаро гьел, цӏвакарал «цӏвабзазул», тӏогьол бусабазда «рег-регулел» образаз жал машгьурлъарал «шагӏирзабазул», гьезие къимат кьезегӏанасеб гӏакъиллъи дилъ гьечӏо. Амма, суалал рижула гьел «гьунарчагӏи» Дагъистаналъул маданияталъул ва адабияталъул цебесеб кьерде росулел хӏакимзабаздехун. Сундухъ кьолел жалдай «Дагъистаналъул мустахӏикъал, халкъиял» цӏарал? Кинаб роценалъ борцун гьунаргун росулел «шагӏирзаби» Россиялъул хъвадарухъабазул мухъилъе?!
Культураялъул министерствоян абулеб, Хъвадарухъабазул союзин абулел цӏакъ серьезный кьучӏалда гӏуцӏарал солидный бакӏал руго нилъер. Рикьулел руго цӏарал, кьолел руго багӏарал книжкаби, каранда разе шапакъатал. Гьунаралъул махӏго гьечӏезеги рагьун буго каву кӏудияб сценаялде. Щай, сундухъ?! Судухъали бицинаро, жидедаго лъани гӏела, халкъалъеги гьеб балъголъи гуро. Гьезулго кодоре, ма, бокьараб ахӏе, бокьараб бице, бокьараб цӏалеян кьолел руго миллиял театразул, райцентразул маданияталъул кӏалгӏаби. Рощнол чӏарбидаса борхине гӏечӏеб даража гьел «гьунаразул» батаниги халлъуларел маданиятгун адабият роцӏинабеян хъулухъалги кьун таралгиха!
Нужеца копоего, гьал цо «рег- рег» тайпаялъул цониги кечӏ гӏурус мацӏалде буссинабе лъугьунеб кайфушниказул каламбур бихьизе!
Мавлид ахӏугейин, чи хваралъуб панкъ тӏамунги садакъа бикьугейин, рокъор ругел лъималазул расанкӏаби рухӏейин, Цӏияб соналъ гьитӏичазе ёлка лъогейин вагӏза- насихӏат гӏезегӏан рагӏула. Амма, гьелде ирга щвелалде щивас жиде- жидер мухъаздаса, росулъа хъвалел ва ахӏулел «рег-регазда» рекӏелъе иман тӏинкӏулеб гьуинаб хабар бицани, вирусго гӏадин мунагьал тӏиритӏизарулелги дагьлъилаан.
Хадурагӏи
Ахиралдаги абила, гӏемераб жавгьар буго халкъалда гьоркьоб, жал цӏакъалин цере рахъунарел. Тӏабигӏаталъго кьураб гьунар гьез рагьула жидер росу-ракь берцинлъиялъе, хъизаналъул ва гьудулзабазул горсверулъ. Гьединазул къиматги къадруги кидаго букӏана, гьез цоцахъе кьун цӏунунги буго миллаталъул хаслъи. Гьеб рагьизе нижедаги тӏадаб букӏинарищха.