Гъуниб районалъул Бацӏада росулъеги коронавирус абураб балагьаб унти бачӏана республикаялда жеги самоизоляция лъазабилалдего. Росуцоязда гьоркьоб унти тӏибитӏиялъе гӏиллаги ккана тагӏзияталде ракӏари.
Районалда унти баккилалдего райбольницаялъул отделениял эркен гьарулел рукӏана къойилго гӏадин чанго нухалъ «Хехаб кумекалъ» Бацӏадаса хъамун рачӏунел захӏматго унтаразе. Районалъул росабазда гьоркьоб кӏудиябин абизе бегьулеб росулъ, 25 соналъ хӏалтӏарай тохтур Патӏимат Мухӏамадбеговна гьениса аралдаса, лъабго медицинаялъул сестра гурони тӏадегӏанаб лъай бугев тохтур росдае хӏажатаб къоялъ ватичӏолъиялдаги гӏажаиблъи гьабизе бачӏана. Гьеб заманалда Бацӏадаги байбихьана рихха-хочи, хӏинкъи, жакъаги щалдай хъахӏаб ретӏел ретӏарал гӏадамаз Гъунире рачун унел ругелин цоцахъе телефоналъ ахӏдей…
Амма гӏаммаб къварилъиялъ жеги цолъизабураб жамагӏаталъул тӏалабги гьабун, росдаде рещтӏараб захӏматаб заманалда гьелъул цевехъанлъун лъугьана, «Хӏакъикъат» газеталдасан баркала кьезе бокьун бугин росуцоял дихъе хъвадариялъе гӏиллалъун ккарав, росдал бегавул Руслан Замалов.
Щивасе гьев лъугьана вацлъунги, васлъунги, киназго ахӏи балев, жив гьечӏого росу цебе чӏезабизе кӏоларев чилъунги. Русланица бихьизабуна росуцояз жиндего гьабураб божилъи гӏададисеб батичӏолъи. Цояз – къварилъахъдилаго кьолеб буго гьесие баркала, цогидаз — гьев бахӏарчи вугинги абун, кӏиго рагӏиялдалъун кьолеб буго гьесие къимат.
Бакӏалъулаб радиоялдасанги телефоназдасан тӏиритӏизарунги Русланил лъазабиял щолаан кидаго росуцоязулгун бухьеналда йигей дихъеги. Бачӏинахъего унти къотӏизабизе росулъ карантин лъазабизе гьесул бакӏалда цогидавги кантӏилароан. Тӏоцебесеб иргаялда, хӏажат рукӏана дараби. Тӏоцебесеб лъазабиги букӏана росдал хӏажалъабазе цебе- цебе бакӏараралда тӏаде росуцояз, щивасул ресалда рекъон, гӏарацги бакӏарун гьел росизе ккеялъул. Телефоназдасан бачӏараб лъазабиялъухъ гьесие баркалацин кьуна росу тун къватӏир ругелги бецӏдерица. Гьезги байбихьана, Русланилгун бухьенги ккун, гӏагараб росдае хӏажатаб къоялъ ратизе. Бецӏдерица ракӏ-ракӏалъ баркала кьолеб буго жакъа жидеде рещтӏараб къварилъи гӏахьал гьабурал мадугьалзаби — Гӏунтӏиб росдал жамагӏаталъеги. Гьезги, жидерго росуцоязул къукъаялдасан лъазабиги кьун, бакӏарун гӏарацгун, Бацӏаде щвезабуна лъикӏаб къадар дарабазул.
Росулъе нух къана. Районалъул бетӏер Мудунхӏажи Къадировасул тӏалабалдалъун райбольницаялдаса, бецӏдерица баркала загьир гьабулев кӏиго тохтур витӏана Бацӏадаго сах гьаризе бажарулел гӏадамал сах гьаризе гьенирго рукӏине (больницаялда унтарал регизаризе бакӏги хутӏун букӏинчӏелъул). Росдал бегавул Русланица, хӏалхьи гьабизени киса гурин, живгоги унтилин хӏинкъизецин жиндиего изну кьолеб букӏинчӏо. Гьев вихьулев, рагӏулев вукӏана кивго, сордо-къо батӏа гьабичӏого: мехелалда жаниб жаназа кида росулъе щолеб бугониги, Русланги гьесда сверухъ гъункарал гӏолохъабиги хабзалалъ рукӏунаан. Гьелго гӏолохъаби, ирга гьабун, посталда дежурствоялдаги рукӏуна жакъаги. Гьезиеги, Русланиего гӏадин, унтизеги унтун хадур сахлъичӏого рукӏинеги ихтияр букӏинчӏелъул, хварал рукъизеги росдал бегавуласе мугъчӏвайлъун рукӏинеги гьел гьечӏого гӏоларелъул…
Ворчӏичӏо Русланги вирусалдаса, живгоги унтана, рокъосездеги бахана. Аллагьасул кумекалдалъун рокъорго сах гьаризе кӏвана. Унтана «Хехаб кумекалъул» машина бачунев Ахӏмадги. Щибаб къоялъ унтаразда цадахъ вукӏунев гьевги вирусалдаса ворчӏичӏо.
Гьеб мехалда Руслан живго лъугьана «Хехаб кумеклъунги». «Калина» маркаялъул мех бараб гьесул машинаялда, захӏматго унтаразе тӏагӏам бахъи гуребги, живго Русланиеги хӏинкъи цӏикӏкӏана гьездаса унти бахиналъе. Гьеле гьебги, гьеб гуребги, росуцоязда лъаларебги жидерго бегавуласул бугеб ракӏунтиялъ, тӏалабалъ рохун, гьесие дугӏаялда руго жакъа росулъги къватӏирги ругел бацӏадисел.
Жалго росуцоязда гӏадин, дидаги лъала гьаб каламги Руслан Замаловасе бокьизе гьечӏеблъи, тӏадежоялъе, гьеб гьесул рекӏее бакӏлъизецин букӏин. Гьес абизе буго гьеб жинда тӏадаб иш букӏанин ва жакъаги бугин. Кин бугониги, абила — баркала, Руслан!
Нилъер Аварагасул (с.т.гӏ.в.) хӏадис буго: «Ватӏан бокьи иманалдасан буго», — ян абураб. Ватӏан буго баракат. Тӏоцебесеб ватӏан — вижараб росу кколелъул, гьелдаса байбихьула кӏудияб Ватӏан бокьиги. Ватӏан бокьиги, хасго гьаб заманалда, кинавго нухмалъулесулъ батулебги, гьесие щолебги шапакъат гуро. Дуе, Руслан, гьеб щун букӏин бихьизабуна жакъа росуцояз кьолеб къиматалъ.
Аллагь разилъаги дудасаги дур хьибил ккун чӏарал нилъер гӏолохъабаздасаги, чӏагоял сахлъизеги, хварал абадияб рокъоре тӏоритӏизеги рахъун чӏаралъухъ. Бухъизе ккогеги нужеца анцӏила ичӏго, жеги зани чӏвачӏел, жеги цӏарал гьечӏел хобазда тӏаде тӏокӏабги хобги, квешаб макьу гӏадин аги, лъугӏаги коронавирусин абулеб унтиялъ бачӏараб магӏуги, ракӏал кӏорокӏараб асарги… Аллагь гурхӏаги киналго хвараздаги тӏолалго чӏагояздаги!