Масъалаби гӏемераб гьанжезаманалъул жамгӏияталда бищунго кӏвар кьезе кколеб суал буго гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей. Гьанжесел гӏолилаз санго гьабуларо миллияб парталалъулги, халкъиял гӏадатазулги, гӏадамазда гьоркьов вукӏа-вахъиналъул низам цӏуниялъулги. Гьединаб хьвада-чӏвадиялъе квербакъула нусгоялдаса цӏикӏкӏун телеканалалдаса бихьизабулеб жоялъги, социалиял гьиназдасагун интернеталдаса щолел баяназги. Гьезул кьучӏалда куцалеб цӏияб гӏелалъе хасиятаблъун лъугьун буго хъачӏлъи, чӏахӏиязул адаб тей, чӏужугӏадан хӏакъир гьайи, чамгӏаллъи. Жеги гӏакълу цӏубачӏел ва гьанжего гьанже балугълъиялде рахунел гӏолилазда гьединаб хасият берцин бихьула, ва гьел ругьунлъула гьелда рекъон хьвадизе.
Гьединаб ахӏвал-хӏалги букӏаго, Дагъистаналъул лъай кьеялъул цӏакъго «церетӏурал» хӏаракатчагӏаз школазул цӏалул планаздаса нахъе бахъана «Дагъистаналъул халкъазул маданият ва гӏадатал» абураб дарс. 1992 соналдаса нахъе гьеб кьолаан республикаялъул школазул ункъабилеб ва 8-11 классазда. Гьел дарсал кьезе байбихьана лъай кьеялъул унго-унгояв патриот ва халкъияб педагогикаялъул магӏна бичӏчӏулев министр Бадави Хӏажиевасулги ДНИИПалъул директорлъун вукӏарав Хӏамидуллагь Мухӏамадовасулги хӏаракаталдалъун. Тарбия кьеялъул рахъалъ нилъер халкъазул букӏараб гӏасрабазулаб бербалагьиялдаса махӏрумлъулеб буго гьанже гӏолеб гӏел.
Халкъияб педагогикаялъул аслу буго халкъияб этикет. Этикет (oppetuquette — ярлык, этикета) ккола жамгӏияталда гьоркьор рукӏа-рахъиналъулги хьвада-чӏвадиялъулги низам. Гьелъул хӏубилъунги ккола халкъиял гӏадатал, моралиял къанунал, кагътида хъвачӏониги, щивасул рекӏеда бикӏун цӏунараб жамгӏияталъул закон.
Дагъистаналъул халкъазул буго гӏицӏго жиндие хасиятаб этикет – гьелдалъун гьеб батӏабахъула Россиялъул цогидал халкъаздаса. Гьанже гӏемерисез гьелда абула «менталитетилан». Дагъистаниязул этикеталъ тӏалаб гьабула цогидав чиясул адаб гьаби, гьесул напс хӏакъир гьабунгутӏи, дандеккунгутӏи, жахӏда, рагъ- кьалалде сверизабичӏого, маслихӏаталдалъун битӏараб нухде бачин. Этикеталъ малъула батӏи-батӏияб ригьалъул гӏадамалгун, чӏужугӏадангун, бечедав-мискинавгун, хӏакимчиясулгун ва цогидалгун вукӏа-вахъунеб къагӏида.
Тӏабигӏаталъги, тарихиялгун социалиял ва экономикиял шартӏазги квербакъун, дагъистаниязул этикеталъул аслиял рахъаллъун ккезаруна гьадинал гӏадатал: цоцазе хӏалае рахъин, гьоболлъи цӏуни, мадугьалгун рекъон вукӏин, кьураб рагӏи кквей, халкъалъул цолъигун гъунки, мадугьалихъ гӏумру гьабулеб халкъалъулгун гӏаммаб мацӏ бати ва цоцазул адаб гьаби, хъизамалъул, гьавураб рукъалъул ва эбел-инсул адаб гьаби, херлъараб мехалда, эбел-инсул тӏалаб гьаби, херазул гӏакълу кӏодо гьаби, чӏужугӏаданалъул намусги гӏумруги цӏунизе рахъин (гьей гӏагарай кколей гьечӏониги яги лъазего лъаларей ятаниги), гӏагарлъиялъулгун бухьен кквей ва гь.ц.
Халкъалъул этикеталъул тӏалабал рессун руго кицабигун абиязулъ. Масала: «Инсанасул мацӏалда буго гьоцӏоги балагьги», «Чӏахӏиязул адаб гьабуларесда адабго лъаларо», «Лъикӏаб рагӏуца гамачӏги хӏеккинабула», «Гьабураб лъикӏлъи, ралъдалъе реханиги, гӏадада холаро», «Рикӏкӏадав вацасдаса аскӏов вугев мадугьалго лъикӏ» ва гь.ц.
Этнографиялъул ва цогидал гӏелмиял тӏахьазул баяназда рекъон, халкъияб этикеталъул тӏалабалги цӏунун куцарав чиясулъ букӏуна: ритӏухълъи, хӏилла-рекӏкӏ гьечӏолъи, жахӏда гьечӏолъи, щивасдехун ракӏ разияб бербалагьи, кьураб рагӏуе ва гьабураб къотӏуе хилиплъунгутӏи, нич, хӏеренлъи, гурхӏел-рахӏму, цогидаз гьабураб квешлъиялдаса тӏаса лъугьине бажари, гӏаммаб ишалъулъ гӏахьаллъизе гъира, чорокаб мацӏ бицунгутӏи, мацӏихъанлъиялдаса рикӏкӏалъи ва гь.ц.
Дагъистаналъул халкъияб педагогикаялъул аслиял тӏалабал руго гьадинал:
1) эбел-инсул адаб цӏуне, эбелалъул тӏадегӏанлъи кӏочонге;
2) эбел-инсуда цебе ясалъулаб (васасулаб) борч тӏубай;
3) чӏахӏиязул адаб гьабе;
4) цӏуне ва щулалъизаре гӏагарлъиялъулгун бухьенал;
5) гьоболлъи цӏуне;
6) цӏуне чӏужугӏаданалъул къадру, напс; гьей йигеб бакӏалда адабалда вукӏа-вахъине лъай;
7) къадруял, рагӏи билълъарал херал гӏадамазул тӏадегӏанлъиялъул адабги гьабулаго, цӏуне халкъалъул (жамагӏаталъул) къиматаб цӏар;
8) кьураб рагӏи ккве, бараб гьа тӏубазабе;
9) квербакъе (моралиябгун материалияб рахъалъ) гӏагарал чагӏазе (бесдалазе, унтаразе, щокъазе, язихъазе);
10) цоцазе кумек гьабе ва гь.ц.
Гьединал малъа-хъваязул кьучӏалда куцалаан нилъер умумуз лъимал. Гьезда рекъон хьвада- чӏвадулищалиги балагьун, кьолаан гӏолилазе къиматги. Эбел-инсул къадру хвараб иш гьабунгутӏизе хӏаракат гьабулаан лъималазги. Школалда цӏалулел лъималазе тарбия кьеялъул программаялда рукӏине мустахӏикъаллъун рихьула нижеда цереккун рехсарал тӏалабал.
Рукӏуна гьадинал хӏужабиги: рокъоб эбел-инсуца кьолеб тарбия рекъонкколаро рукъ тун къватӏиб букӏунеб лъимадул хьвада- чӏвадиялде. Масала, чӏужугӏадан хӏакъир гьайизе бегьулареблъи лъаниги, пуланав васас чорокал рагӏаби абула классцоялде. Гьедин ккола малъарабги щибаб къойил бихьулебги данде кколареб мехалда. Гьединлъидал дарсида, классалъул данделъабазда ва цогидал тадбиразда гӏолилал ругьун гьаризе ккола халкъияб педагогикаялъул малъа-хъваял хӏалтӏизаризе.