1957 соналда бахъараб сурат. Махӏачхъалаялъул медучилищеялъул художественнияб хӏаракатчилъиялъул гӏахьалчагӏи

Гьаб сурат редакциялде битӏун бачӏана газеталъул цевегосев гьудул, мухбир, гӏемерал соназ Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда хӏалтӏарав Тӏалхӏат Ахъбердиевас. Гьелъие гӏиллалъунги ккун буго Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъа Нурмухӏамадова Саихӏатица жиндирго кӏодоэбел Сапинатил хӏакъалъулъ хъвараб хабар газеталъ лъазабураб конкурсалде битӏи. Бихьулищха – Сапинатги Тӏалхӏатги цадахъ цӏалулел рукӏун руго Махӏачхъалаялда, медучилищеялда.

— Макъалаги Сапинатил суратги бихьидал, дун цӏидасанги гӏолохъанал соназухъе тӏадвуссана. Пикрабиги гьелчана каранда, ракӏалдещвеязги квелъ бана. Дие цӏакъ бокьилаан гьаб суратги газеталда бахъани ва гьанир ругел дир курсцоязда цадахъ цӏалулел рукӏараб заманги ракӏалде щвезабизе. Гьаб сураталъ дида цоги нухалда ракӏалде щвезаруна училищеялда тӏоритӏулел рукӏарал тадбирал. Гьез бигьа гьабулаан нижее цӏалиги, — ян хъвалеб буго Тӏалхӏатица.

Сураталда: Тӏалхӏат Ахъбердиевас хъвалеб буго балалайка. Гьесда аскӏой – Гъуниб районалдаса Жапарат.

Рахъун чӏарал: квегӏиса квараниде: Хунзахъ районалъул Гӏободаса Султӏанахӏмад Мухӏамадов, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Арайчу Мухӏамадова, Хунзахъ районалъул Хьиниса Гӏабдусалам, Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Залму Мухӏамадова, Казбек районалдаса Расул, Хунзахъ районалъул Гӏободаса Гӏалиасхӏаб Гьиматов, Унсоколо районалдаса Разият.

Цо-цоязул росабиги фамилиялги кӏочон тун руго Тӏалхӏатида. Гьес гьарулеб буго гӏайиб гьабугейилан.

Ракӏалдещвеял. Гьале гьанже цӏидасанги гьезухъе тӏад вуссунев вуго, Тӏанусиса Сапинатил хӏакъалъулъ хъвараб макъала бихьидал. Цо-кӏиго рагӏи Сапинатил хӏакъалъулъги: лъималазул рокъоб лъимерлъи арай гьелъул гӏамал букӏана захӏмалъабаз лъадарараб. Цӏализеги лъикӏай йикӏана гьей. МашаАллагьха, гьелъ умумузул бакъназда магӏарул кучӏдул ахӏулел рукӏараб куц. Дида гьанжегицин, гьелъул сураталъухъ валагьидал, рагӏизе лъугьана доб хӏайранаб гьаракь. Жинда тӏад къараб ишалдехунги кӏудияб жавабчилъи букӏунаан гьелъул. Гьединал берцинал рагӏабазе мустахӏикъал руго сураталда ругел киналгоги. Гӏажаибаб хинлъи букӏана доб мехалда киназулго ракӏазулъ. Гьеб хинлъиялъ нахъеги цӏа бакана дир каранда…

Кӏудияб баркала кьезе бокьун буго газеталъул коллективалъе гьединал, гӏун бачӏунеб гӏелалъе берцинлъиялъул ва бахӏарчилъиялъул мисалаллъун ругел конкурсал тӏоритӏиялъухъги. Щиб лъалеб, гьаб сурат бихьидал, дихъе кӏалъан рачӏинеги бегьула, чӏаго ратани, гьенир ругел дир курсцоял яги гьезул гӏагарлъи, — я н а булеб буго Тӏалхӏатица.

Хадурагӏи:

Гьалеха, хӏурматиял цӏалдолел, цоги сураталъул къиса. Цоги лъикӏав инсанасда ракӏалде щвана жиндирго гӏумруялъул талихӏаллъун рукӏарал лахӏзатал. 63 соналъ цебе бахъараб гьаб сураталъ каранда кунчӏизарурал пикрабаз гьесие гьабураб рохалил асаралъ нижергоцин ракӏ бохизабуна. Гьадинал ракӏалдещвеял нилъер киназулго рукӏуна. Гьез цӏидасанги рачуна нилъ гӏолохъанлъиялъул рагьдухъе. Херал бахӏарлъула, бахӏаразул ракӏал дагьалъги гогьлъула, гӏолохъанлъула. Гьаб макъала хъвалелъул, дида цебеги кӏанцӏелеб букӏана доб талихӏаб заман