Гьале дида цебе буго Лъаратӏа районалъул Тӏадиял росулъа Мухӏамадов Гӏали-хӏажил «Анкьракьалъул накъищал» абураб кучӏдуздасан ва харбаздасан гӏуцӏараб тӏехь. Цӏалана байбихьудаса лъугӏизегӏан, тӏаса вичӏичӏого.

Шагӏир хӏисабалда лъикӏ хъван ругин, амма къимат кьезе жеги цудунго бугин ккана ракӏалде. Хадуб эбелалде гьабураб кечӏ цӏалидал, пикру гьабуна, авторас гьаб кечӏ дирги эбелалъул хӏакъалъулъ хъван бугилан.

Дида мун йихьула хурул ракьанда,

Надалда гӏетӏ барай,

гӏодойги кӏусун;

Рахъ-рахъалде арал

лъималахъ урхъун,

Росулъе бачӏунеб нухде ялагьун.

Дидаги йихьун йикӏана дирго эбел, багӏарараб къоялъ колхозалъул хурий юхъарилей ва свакаялъ, гӏодоб газаги речӏчӏун, накабаздаги чӏун, зодоре квералги ритӏун, армиялда цояв лётчиклъун, цояв гамихъанлъун ругел васазда гурхӏа, гьел цӏунеян Аллагьасда гьарделей, ахӏи балей, зодоса гъоркье вортани васасул рукьбийищ кодоре щвелел, ралъдалъе вортани, кӏудияв васасул, ралъдал жанавараз кванан, кодобе щибха щвелебан ракӏ унтун гӏодилей. Цадахъ гӏодилев, «гӏодугежиха бабаааа!» — йилан вукӏана гьитӏинав чи дунги. Дихъа щай бажаричӏеб гьеб эбелалъул сипат кочӏолъ лъунан ккана ракӏалде. Ахирисеб куплетги дир рекӏелъа босун бугилан тана:

Дида мун йихьула, хирияй эбел,

Хвалида кӏвечӏо мун дихъа яхъизе,

Харилъ тӏерхьун зани,

гӏекколеб дир ракӏ,

Дандчӏвалин, хирияй, ахираталда.

Хадусел кучӏдуздасан бихьулеб буго кинаб ракӏбакъвайгун, щокъроб чӏараб къварилъиялъул гӏомогун, шагӏирас гӏагараб ракьалъулги гӏагараб мацӏалъулги ургъел гьабулеб бугебали.

Магӏарул мацӏгин цӏар

кӏочене тани,

Кӏудияб щвеларищ нилъее рогьо?

Щибдай къачӏан бугеб

къисматалъ метер

Къоло цоабилеб къарнуялъ нилъей?

Шагӏирасул рекӏелъ абадиялъе бикӏун буго, гьитӏинаб мехалъ ва хадубги жив хӏайран гьавураб гӏагараб тӏабигӏаталъул сурат. Гьесда гьеб сурат нилъедаги бихьизабизе ратулел руго хӏикматал рагӏаби, магӏарул мацӏалъул гӏорхъи-рахъ гьечӏел ресал.

Цӏорол гъаталъукьа

рорчӏун, чӏаголъун,

Хъахӏлъаразул буго

батӏияб бакъан.

Бакъул хинал чӏорахъ

гӏащикъал маккал,

Тӏохрагӏалда руго

гъургъур бачунел.

Шагӏирас цӏалдолел ахӏулел руго щибаб къо гӏадада биччачӏого, щибаб лахӏзаталъулъ пайдаяб иш гьабизе ва гӏумруялъул щибаб лахӏзат Аллагьас кьураб гьайбатаб сайгъатлъун къабул гьабизе, гӏумруялдаса рази вукӏине.

Инсул зонохъе щвана,

Унтарахъе ваккана,

Какал гӏуждаго рана, —

Дир къо гӏадада инчӏо.

***

Бажарараб гьабуна,

Рес рекъечӏеб хутӏана,

Бугелда гӏей гьабуна, —

Дир къо гӏадада инчӏо.

Гьанже заманалъул шагӏир хутӏулев ватиларо, гьанже заманалъеги, тӏадчагӏазеги къимат кьечӏого, гьезда хӏакъаб рагӏи абичӏого. Абулеб буго гьеб Гӏалихӏажицаги, умумуз абухъе, «бадисан баккилеб хӏалалъ»:

Кечӏ магӏий сверараб,

хьулал хӏорлъараб,

Хӏасрат боцӏудехун

бергьараб заман.

Хӏаким залимлъараб,

зулму тӏегьараб,

Мун кидал лъугӏулеб,

хӏиллаяб заман?

Тӏокӏабги мухӏканго кинха абилеб?!

Цӏакъ лъикӏ, цогидазда абизе лъачӏеб куцалъ рагӏи абизе, жиндирго асар загьир гьабизе нух батун буго шагӏирасда лирикиял кучӏдузулъги.

Гӏенекке цо «Дур цӏар» абураб кочӏохъ:

Мун гӏадин берцинаб

тӏегь бугебани,

Цӏар дур букӏинаан гьелде ахӏулеб,

Мун гӏадин кунчӏараб

нур бугебани,

Цӏар дур букӏинаан гьелде абулеб.

Мун гӏадин гвангъараб

цӏва бугебани,

Цӏар дур букӏинаан

гьелда батараб.

Мун гӏадин бацӏцӏадаб

ицц бугебани,

Цӏар дур букӏинаан

гьелда ругьунаб.

Мун гӏадин гьайбатай

яс йигейани,

Цӏар дур букӏинан долде абулеб.

Мун гӏадинай тӏокӏалъ

йижун гьечӏелъул,

Гьеб цӏар цохӏо дуде щурула дица…

Яги «Дунги мунги» абураб кочӏол цохӏо куплет:

Дунги мунги цо гъасда,

Цолъун ракӏал кунчӏарал,

Дунги мунги цо рокъор,

Къватӏиб дунял кӏочарал.

Дие хинаб асар гьабулеб буго, гӏолохъанлъиялъул асар ракӏалдеги щвезабун, херлъараб ракӏалда кунчӏи чӏвазабулеб буго.

Баркала, шагӏир!

Шагӏирасул тӏадегӏанлъилъун дида бихьула гьесда, жеги гӏоло- хъанго вукӏаниги, ахир унеб бакӏги хвелги кӏочон тунгутӏиялъулъ.

«Дун ина…» абураб кочӏол цохӏо куплет:

Дун ина…

нахъехун хутӏила лъалкӏал,

Гӏумруялъул нухда

дица лъун тарал,

Цоял, дун чӏухӏулел,

гъваридал, лъалел,

Цогидал загӏипал,

чӏахӏилълъ рахчарал.

Абичӏого гӏоларо яцалде гьабураб «Хӏабибат» абураб кечӏалъги дун асир гьавунин ва дирго яцалъул тӏолалго сипаталги цере рачӏанилан. Хасго рокьана шагӏирас яцалъе кьолел суалаздасан гӏуцӏарал куплетал.

Диеги бокьилаан гьел дирго яцалъе кьезе ва жаваб щвезе:

Хӏабибат, бицинарищ,

Кинаб даража щолеб,

Лъилго ракӏ лъукъичӏезе,

Лъилгун кьал ахӏичӏезе?

Хӏабибат, бицинарищ,

Кинаб даража щолеб,

Дунялалде рачӏин-ин

Сабурал, берциназе?

Кучӏдузул бицунеб бугелъул, дирго махсара бичӏчӏулеб хасият загӏиплъун бугеб лъаларо, лъугьа- бахъиналда гъорлъ гӏахьаллъулел гӏадамал цере чӏезаризе рес гьечӏолъиялъ лъаларо, махсарадул кучӏдул дида мукъсаналлъун рихьана. Ракӏалде ккана «Махсарадул кучӏдул» ва «Баркиял» абурал къотӏелал гьаб тӏехьалда лъечӏого, гьел жидее сайигъат гьаруразе кьезе, батӏаго гьитӏинабго тӏехь хӏисабалда риччаралани лъикӏ букӏинаанилан. Дида гьел, тӏадегӏанаб даражаялъул чухъида бараб (рекъечӏеб гуро) гьелда данде ккун дагьаб загӏипаб рукъилъун бихьана. Нахъойги абулеб буго, Гӏали-хӏажи, мун лъикӏав шагӏир вуго ва дие бокьилаан хадубги дур, магӏарул мацӏалъул гьоцӏо бецӏцӏулел, хӏикматал, асар гьабулел кучӏдулги тӏахьалги цӏализе. Дир гӏумруялъ гьелъие рес кьечӏони, лъималазниги цӏализе.

Дур шигӏрабаз Ватӏаналде рокьи базабулеб буго, гьезие лъикӏаб тарбия кьолеб буго. Цӏаларазулха!

Цӏализеги чан чиясухъеха щвелеб, бичун босизе гӏадамал ругьунлъичӏеб, гьудулзабазе сайигъат хӏисабалда бикьун лъугӏулеб, 300 гурони бахъичӏеб тӏехь?!

Кигӏан халалъаниги, тӏадчӏей гьабизе бокьун буго, гьабго тӏехьалъ данде бачараб, «Харбалги къисабиги» абураб къотӏелалда.

Вахӏ! Мун лъикӏав шагӏир гуревги, гьунар бугев хъвадарухъанги вукӏун вугогури, Гӏали-хӏажи!

Босе, цӏакъ рекӏее асар гьабуледухъ хъвараб, къиса «Бекараб ханжар». Ракӏалде ккезе бегьула гьеб къиса, умумузул букӏараб, вахӏщияб «бидухъ би» абураб къисас босиялъул хӏакъалъулъ батилилан ва гьеб гӏадат тезе гӏадамазе кигӏан захӏмат букӏарабали баян гьабулеб бугилан. Буго гьебги. Амма аслияб къагӏидаялъ гьаб къиса буго гьанжесев гьеб цӏаларав чиясе кисаго щвезе рес гьечӏеб дарс.

Умумузул гӏакъиллъиялъул дарс, напсалдаса бергьине кин гьез цоцазе кумек гьабулеб букӏарабали бицунеб дарс, кӏудиязухъ, гӏелму бугезухъ гӏенеккиялъул дарс, гьоболлъия-лъул, гьудуллъиялъул, чилъиялъул, яхӏалъул, сабруялъул дарс.

Гӏумруялъ мугӏалимлъун хӏалтӏаниги, дица кьечӏо, Гӏали-хӏажи, цӏалдохъабазе гьединаб гучаб дарс. Бар- кала!

«Магӏил горо» абураб къисаялъ тӏамулел руго магӏил гороялъул къимат гьабизе. Рагьун бихьизабулеб буго, вагьабиязул вахӏщияб асаралде ккаразул букӏунеб пикру, инсанасул гӏумруялъул гьезие букӏунареб къимат, Аллагьасухъ гурони гьечӏеб, инсан алжаналде яги жужахӏалде витӏизе бугеб ихтияр гьез цӏакъ бигьаго жидехъего босулеб бугеб куц. Гьаб къиса цӏакъ асар гьабулеблъун лъугьун буго, живго автор гьел лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарав, гьезул нугӏлъун вукӏиналъги, щибаб рагӏиялда, щибаб жумлаялда божизе бачӏунеб буго. Гьал пикраби, цо бакӏалда чӏечӏого хисардулел, гӏолилаз цӏализе рукӏаралани, гӏемераб жоялде кантӏизарилаан. Гьаб дарсалъухъги хъвадарухъанасе баркала!

Дагъистаналъул Халкъияв шагӏир, мунагьал чураяв Расул Хӏамзатовасул дунялалда букӏараб машгьурлъиги асарги бихьизабулеб, Дагъистаналде рокьи базабулеблъун лъугьун буго «Генераласул хабарги».

Цӏаларазда бичӏчӏила, Гӏали- хӏажи, мун лъикӏав хъвадарухъанги вуго. Дуда кӏолеб буго, гӏумруялъулъ бихьараб, бицунеб рагӏараб лъугьа- бахъин, суратал рахъулев чиясда сурат гӏадин, хехаб ва кьучӏаб каламалъул кистьги хӏалтӏизабун, кагътиде босизе. Нахъойги баркала!

Дурго бажариялда рекъон, Тӏадиял росдал тарихги дуца хъван букӏинчӏебани, дица гӏажаиблъи гьабилаан. Гьелъги бихьизабула мун, дурго гӏагараб ракьалдаса тӏезе рес гьечӏев, иман щулияв вас вукӏин.

Аллагьас дур гьунар азариде бахинабеги ва халкъалъе пайдаяблъун гьабеги.